МагъчIваялъе рес

Цо митинг тIобитIичIо, цогидаб ракIалда буго...


17 февралалда тIобитIизе кколеб букIараб Гъизляралъул коньякалъул завод бичиялде дандечIаразул митинг нахъе бахъана. Гьелъие гIиллалъун кканин гIагарисел къоязда Дагъистаналъул бетIерасда гъизляралъулалгун дандчIвазейин ва гара-чIвариялда гьеб суал борхизабизе букIинин, абулеб буго митинг гIуцIулез. Гурони жидеца митинг тIобитIизе бугин, абулеб буго ахирисез.

Гъизляралъул коньяк гьабулеб завод бичизе букIиналъул хIакъалъулъ Рамазан ГIабдулатIиповас бицана дагьаб цебегIан Москваялда ИТАР-ТАСС информагентлъиялда тIобитIараб лъагIалил хIасилал гьарураб пресс-конференциялда. Гьес лъазабуна заводалъ букIине кколеб хIалалъ пайда кьолеб гьечIин, гьединлъидал гьеб 4 миллиард гъурщиде бичизехъин бугилан.

Гьеб завод бичиялъул суал баккарабго гьелъул хIалтIухъабаз ва Гъизляралъул хъазахъаз лъазабуна жидеца гьеб бичизе биччазе гьечIин ва 17 февралалда Гъизляралда завод бичиялде данде чIараб митинги тIобитIизе бугилан.

Амма гьеб митинг нахъбахъанин лъазабуна гьеб гIуцIаразул цояв Гъизляралъул хъазахъазул кIудияв Николай Спириница «Эркенлъи» радиоялъе бицана хъазахъазул ва Россиялъул регионалияб цебетIеялъул министр Игорь Слюняевасул ва Дагъистаналъул миллияб политикаялул министр Алексей ХIасановасул букIараб дандчIваялда республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасе гъизляралъул гIадамалгун дандчIвазе бокьун бугин абунила жидеда, гьединлъидал тIалъиялъул вакилзабаз абухъе гьаб бачIунеб анкьида жаниб ГIабдулатIипов жалгун дадчIвазе вачIунищали бихьизегIан нахъ бахъун бугин гьеб акцияйилан. Гьеб дандчIвайги тIобитIичIони, жидер масъалабигун проблемабиги тIурачIони жидеца цIидасан митинг тIобитIизе бугин лъазабуна гьес.

Гьединго Николай Спирин завод бичиялъе кьучIаб щибго гIилла гьечIин рикIкIунеб буго. Гьес абулеб буго завод лъикI хIалтIулеб бугин, гьеб щибаб санайил къачIазеги къачIалин, гьеб гIадин республикаялъул ва федералияб бюджеталъе пайда кьолел заводал Дагъистаналда цо-кIиго гурони гьечIилан.

Николай Спирин, Гъизляралъул хъазахъазул бетIер
Николай Спирин, Гъизляралъул хъазахъазул бетIер
Николай Спирин: «ЦIакъ хехго гьеб Гъизляралъул коньяк гьабулеб завод бичизе лъугьиналда бан гIадамазул разигьечIолъи буго. Щаай гурелъул гьеб цохIо хIалтIулеб бакI гурониги ккола нижее. Гьелъ гIодоса тIаде Гъизляралда гIумру гьабун рукIарал гIадамазул тарихалъулъ ва миллияб маданияталъулъ кIудияб бакI ккола, нижер умумуз бараб, гIуцIараб ва цебетIезабураб завод буго гьедин. Гьеб гуребги Дагъистаналъул ва федералияб бюджеталде гIарац кьолеб, бищун гIемер магъалаби ракIарулеб идараги ккола гьеб. Гьеб бичиялъе щиб гIилла букIине кколеб? Гьеб хIалтIуларогойищ бугеб яги коньякищ гьениб квешаб гьабулеб бугеб? Цебеялдаса чанго нухалъ лъикIги цIикIкIунги хIалтIилеб буго завод, гьелъ къватIибе биччалеб продукцияги лъикIлъун гурони квешлъичIо. Гьеб бичун хадуб лъикI хIалтIиялда щаклъи буго дир, тIаде жоялъе гьелъул бетIергьанас хIалтIухъабазул къадарги дагь гьабизе бегьула. Гьединлъидал жакъа нижер шагьарги, республикаги хьихьун бугеб гьеб завод къаялъе гIилла гьечIин рикIкIунеб буго гIадамаз».

«Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда Николай Спириница абуна ахираб заманалда республикаялда гIадамал хIалтIудаса рахъулел, хIалтIуда толел ругеб къагIидаялдасаги разигьечIолъи бугин халкъалъулилан. Гьеб рахъалъ гIурусазул ихтиярал хвезарулел ругин рикIкIунеб буго гьес.
Гьаниб абизе ккола Гъизляралъул коньяк гьабулеб заводалъул бетIерлъун вукIарав гIурусав Евгений Дружинги нахъе витIун гьесул бакIалда магIарулав, дербенталъул чогърол заводалъул бетIергьан СагIадулаев МухIамад тун вугинги.

Николай Спириница: «Ахираб заманалда республикаялда гьабулеб бугеб кадрабазул политика гьаниб гIумру гьабун ругел гIурусазе дандекколедухъ гьабулеб гьечIо. Нилъ гIемербатIиял миллатазул республика бугелъул киназего дандекколеб хIалалъ гьабизе ккола политикаги. ГIадамалги цоцалъ рекъон рукIиналъе квербакъи гьабизе ккола киназго, тIаде рачIараз гъоркь ратаразул адабги гьабизе ккола. Жакъа гьеб кинабго бихьулеб гьечIо дида, гьединлъидал Дагъистаналдаса гIемерал гIолилал гочунги унел руго, гIурусал гурониги цойгидал миллатазул гIадамалги унел руго гьаниса гьаниб бугеб санагIалъи бахъараб ахIвал-хIалги чIалгIун. Гьеб ахIвал-хIал хисизехъин бугеб гIадаб рагъариги гьечIо гьаниб. ХIатта, Шималияб Кавказалдаса гIурусал гочин жакъа къоялъ Россиялда цере чIарал кIварбугел масъалабазул цояб буго».

Ахиралдаги хъазахъазул бетIерас абуна гьабсагIат гъизляралда миллиял гьоркьолъаби цIакъ хIалуцараб хIалалда ругилан. ГIагараб заманалда гьениб гIодой биччай букIиналъе хIалтIаби гьеричIони гьелъ тIолго республика балагь рещтIинабулин.
XS
SM
MD
LG