МагъчIваялъе рес

Маян кьечIелъул, кьурун бахъулеб буго пачалихъалъ...


Пачалихъалъул буголъиялда рукIарал газулъул рогIрал хасал чагIазе ричун рукIиналда щаклъи ккун жанив тIамун вуго Дагъистаналда цо хъулухъчи. Цогидав цIех-рехалъул идарабаздаса вахчун вуго. Гьединго, «Газпромалъул» Дагъистаналда бугеб филиалалъул нухмалъулев хIалтIудаса ун вугилан хъвалеб буго цо-цо информалатаз. Бугищ гьел хIужабазда гьоркьоб бухьен, кинан ва лъихъе ругел Дагъистаналда газулъул рогIрал ва щай гьезда хурхун тIатIала уголовиял хIалтIаби рагьулел республикаялъул хIакимзабазда тIад абурал суалазе жаваб балагьулеб буго нижер мухбир Абакаров Рамазаница.

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул лъазабиялда рекъон, республикаялда тIатинабун буго къанунги хвезабун газалъул рогIразул приватизация гьабиялъул хIужжа. Гьеб такъсир гьабиялда щаклъи ккун жанив тIамун вуго цо кIудияв республикаялъул хIакимчи, цогидав – Дагъистаналъул спорталъул министер хисулев цIех-рехалъул идарабаздаса вахчун вуго. Гьеб ишалъул хIасилалда пачалихъалъе гьабун буго 330 млн гъуршил зарал абун бицунеб буго жанисел ишазул министерлъиялъ. Гьезул цIар цIех-рехалъул интересазе гIоло балъго гьарулел руго.

Гьеб такъсиралъулъ гIахьаллъи гьабун буго гьединго республикаялда бугеб Росреестр идараялъул хIалтIухъабаз. Рехсараб къокъаялъ 20II соналъ мекъал документалги хIадурун республикаялъул буголъиялда ругел 100 км халалъиялъул газалъул рогIрал кьун руго Казбек район муниципалияб гIуцIиялъул буголъиялде. Хадур гьелго рогIрал районалъул администрациялъ ричун руго цоги хасав чиясе.

Лъалеб букIахъе, гьелдаго релълъараб гIайиб гIунтIизабун буго цеве вукIарав Дагъистаналъул хIукуматалъул вице-премьер МухIамадхIусен Насрудиновасда. ЦIех-рехалъул идараялъул баяназда рекъон, гьес жинца нухмалъи гьабулеб республикаялъулаб «Дагестанрегионгаз» абураб идараялъул балансалда ругел рогIрал кьун руго жиндирго хасаб «Даггаз» абураб идараялде. «Новое дело» газеталъул экономикияб гьумералъул редактор Меламедов Андрейил пикруялда рекъон, пачалихъалъе бокьун буго гьел рогIрал тIадруссун росизе, амма хасал чагIаз гьел кьоларелъул уголовияб хIалтIиги гьабун рахъулел руго гьезухъан.

Меламедов Андрей: «Газалъул рогIрал рукIана республикаялъул буголъиялда. Жиндир заманалда МухIамадхIусен Насрудиновасда кIвана гьел жинда тIад хъвазе. Гьесда абулеб букIана нахъе пачалихъалъухъе, ай, пачалихъияб идара «Газпромалъухъе» кьейин гьел, амма Насрудиновас багьа тIубанго цIикIкIун рехсолеб букIана. Газалъул рогIрал кодор ругел чагIазе гIемер гIарац щолеб буго, Газмпромалъ кьезе кколеб буго гьез абурабгIан багьа, щайгурелъул цогидал рогIрал гьечIо. Гьединлъидал, Газпромалъе къваригIун букIана гьел жидеего росизе. Республикаялда руго жеги гIезегIан газалъул рогIрал Газмпромалъе росизе бокьарал, гьел дагь-дагьккун кьолелги руго гьезухъе. Дида ккола, гьел рогIрал кьолаго тIатунел ругин къанунги хвезабун гьезул приватизация гьабиялъул хIужаби. Гьезие лъикI букIинаан абураб багьаялда газалъул рогIрал ричани, щайгурелъул пачалихъалъе бигьаго буго гьезухъа гьел рогIрал рахъизе, кIудияб багьаги кьун росиялдаса. РогIразул арендаялъухъ гIемераб гIараз кьезе кколеб буго».

Рехсараб уголовоияб хIалтIи рагьун бугилан жанисел ишазул министерлъиялъ лъазабун хадуб цо-цо информалатаз лъазабуна хъулухъалдаса нахъе ун вугин «Газпром межрегионгаз Пятигорск» компаниялъул Дагъистаналда бугеб филиалалъул нухмалъулев ГIадильсултIан Ганакаев. «Черновик» газеталъул баяназда рекъон, гьесул бакIалда тIамун вуго цевеккун «Дагестангазсервис» абураб идараялъул директорлъун хIалтIулев вукIарав Ильяс МухIамадов. Гьев рагIула цеве вукIарав Дагъистаналъул парламенталъул спикер МухIамадсултIан МухIамадовасул гIагарав чи.

Ганакаев хъулухъалдаса ун вугилан абурал баянал ритIарал ругин, амма гьев иналъе гIилла газалъул рогIразда бараб гьечIилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе экономист Пашаев Маирица. Гьесул пикруялда рекъон, республикаялъул бугеб кIудияб газалъул налъи букIине бегьула Газпромалъул филиалалъул нухмалъулев хъулухъалдаса иналъе гIилла.

Пашаев Маир: «Дида лъалеб бакIалдаса гIебеде, Ганакаев ун вуго хъулухъалдаса. Гьев иналъе гIиллаги газалъул рогIрал гьечIо, гьев нахъе ана гьеб уголовияб хIалтIи къватIибе бачIиналдего. Дир пикруялда, гьев нахъе иналъе гIиллалъун ккана дагъистанияз газалъухъ кьезе кколеб гIарац цIикIкIунеб букIиналъ. Газ жибго бикъулеб бугоан. Бикъиялъе гIиллаги букIинарищха гьел газалъул рогIрал хасал чагIазухъ рукIин. Газпромалъухъ рукIаралани гьез жидерго газ бикъунгутIизе гьезда хадуб хъаравуллъи чIезабилаан».

МоцIалъ цебе республикаялъул прессаялда тIибитIун букIана ГIадильхан Ганакаевасда тIад уголовияб хIалтIи гьабун бугилан информация. Газ бикъиялъул хIасилалда пачалихъалъе II млрд зарал чIезабун бугилан лъазабулеб букIана «Черновик» ва «Махачкалинские известия» газетаз, жанисел ишазул министерлъиялдаса щвараб информация бугилан.

XS
SM
MD
LG