МагъчIваялъе рес

Насрутдиновасда тIад диван халат бахъунеб буго


Дагъистаналъул вукIарав вице-премьер МухIамадхIусен Насрутдиновас гIарац бикъиялда хурхун гьабулеб диваналъул иргадулаб данделъиялда нугIзазул цIех-рех гьабизе байбихьана.

Насрутдиновасул адвокатас лъазабулеб буго тIалъиялъул тIалабалда рекъон диванчияс ургъунго захIмалъизабулеб, бигъинабулеб бугилан. Гьесул пикруялда рекъон цохIо бухлатрерас ва гIадатияв юристас гьеб ишалъул хал-шал гьабуни, экс-вице-премьерасде гIунтIизарулел ругел гIайибал кьучIгьечIел рукIин тIатинабун бажарулеб буго.

15 апрелалда Дагъистаналъул тIадегIанаб диваналда республикаялъул вукIарав вице-премьер МухIамадхIусен Наструтдиновасул ишалда хурхун нугIзазул цIех-рех байбихьана. Гьесул адвокатазул рагIабазда рекъон «Дагестанрегионгаз» ва «Межрегионгаз» компаниязул вакил вачIун вукIун руго диваналде гьеб ишалда хурхун жиндирго баян кьезе.

РакIалде щвезабилин МухIамадхIусен Насрудиновасде гьес 2002 соналъ хIилла рекIкIги гьабун гьабун муниципалияб газалъул система бичиялъул гIайиб гIунтIизабулеб буго. ЦIех-рехалъул баяналда рекъон ООО «Дагрегионгаз» ва ОАО «Даггаз» компаниязда гьоркьоб къотIи-къайги гьабун 200 миллионалъул багьа бугеб гьеб система гьес 58 млн. босун буго жиндиего. Гьедин 2014 соналъул 19 апрелалъ Москваялда хасал идарабаз ккуна гьев экс-вице-премьер.

​Живго Насрутдиновасги цебехун чанцIулго лъазабуна жинца Дагъистаналда газ бикъиялда данде рагъ балеб букIанин, гьеб данде кколарез ургъунго жинда данде багъаразибунин гьеб ишилан. Гьесул адвокатазги рикIкIунеб буго гьеб ишалъулъ Насрутдиновасде гIайиб гIунтIизабизе бакIгицин гьечIилан.

Насрутдиновасул адвокат Данила Паршиковас «Экренлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда бицана «Дагестанрегионгаз» ва «Межрегионгаз» компаниязул вакиллъун диваналда цо адвокат вугилан. Гьесда газалъул компаниялъул, гьезул хIалтIул, газ бича-хисиялъул, экономикаялъул хIакъалъулъ мухIканго лъалеб жо щибниги гьечIилан. Гьединлъидал щиб суал кьуниги магIна бугеб хIалалда, рагIа-ракьанде щун цонигиялъе жаваб кьун бажаринчIила гьесилан. Жив дагьавги хIадуризе тейилан гьарун буго гьес, хIадуризеги хIадурун адвокатаз ва диваналъ тIалаб гьарурал документалги росун хадусеб данделъиялде ахIун вуго гьев вакил.

Гьединго Данила Паршиковас баян гьабуна диваналда гIайиб гIунтIизабулеб рахъалъ нугIлъун ахIун вукIанила «Дагестанрегионгаз» алъул учредительлъун букIараб «Нефтегазсинтез» компаниялъул цеве вукIарав нухмалъулев Михаил Елисеев. Гьес абун буго «Даггаз» ва «Дагрегионгаз» компаниязда гьоркьоб муниципалияб газалъул система бича-хисиялъул къотIи унголъунги гьабун букIанилан. Ва 2001 соналдаго «Дагаз»алъ тIадегIанаб даражаялда гьеб муниципалияб газалъул система гIуцIизе кколаанилан. ГIайиб гIунтIизабулеб рахъалъ гьеб къотIи-къай гьересияб букIанин лъазабулеб букIана.

Насрутдиновасул адвокатаз лъазабулеб буго гьеб иш кутакалда тIалъиялъул тIадецуялда гъоркь унеб бугилан. Гьез хасал идарабиги гьечIеб бакIалда гьесда гIайиб тIадчIезабизе тIамулел ругилан. Гьез жидецаго гьабулеб бугебщинаб магIна гьечIеб жо къватIибе бачIинчIого букIине къараблъун гьабун бугила процессги. Гьез лъазабулеб буго ТIадегIанаб диваналда халгьабизе кколеб ишцин гурила гьеб, Насрутдиновги лъагIалица жанив тIамун тезе кколев чи гурилан. Гьеб бугила экономикиял суалазда хурхараб иш, гьединлъидал гьеб арбитражалъулаб диваналъ тIубаниги гIолеб гIадатияб иш букIанила. Гьединлъидал 22 апрелалда букIине бугеб иргадулаб диваналъул данделъиялда гьеб иш рагьараблъун гьабейин ва ТIадегIанаб диваналъухъа нахъе босейин абун тIалаб гьабизе бугин жидецайин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе адвокат Данила Паршиковас.

Данила Паршиков: «Диваналда Насрутдиновасде гIунтIизабулеб бугеб гIайибалъул магIна бичIчIизе ккола. Гьел газалъул компаниязул буголъиялда хурхун гIемер батIи-батIиял суалал рижулел руго нижер. Насрутдинов гьезул бича-хисиялда гьоркьов вукIинчIолъиги, гьес гьел ишазул жаваб кьолареблъиги бичIчIизе бокьун гьечIо диваналда. Уголовниял ишазул гурони халги гьабуларел, гражданское правоги бичIчIуларел ва лъаларел диванчагIазда гьеб кинабго бичIчIизабизе захIмалъулеб буго. Гьелде тIаде гьезие гьеб бичIчIизе къваригIун гьечIолъиги букIинарищха. Гьезда цебе бугеб аслияб масъала ккола Насрутдинов туснахъ гьави. Гьес гьереси документалги гьарун муниципалияб газалъул системаялъул багь гIодобегIан кьабанилан абулеб буго гьез. Гьел документал гьересиял рукIичIолъиги, цохIо гьес гьединаб бича-хиси ялъул иш гьабулераблъиги бихьизабизе нижеца хадусеб диваналъул данделъиялде бачIаян тIалаб гьабун буго 2002 соналда «Даггаз» компаниялъул букIараб устав ва бухгалтериялъул хIисаб».

Насрутдиновасухъа гIарац ва хъулухъ бахъизелъун багъаризабун бугин гьесда сверун гьеб ишилан лъазабулеб буго гьесул рахъккуразги. 15 апрелалда ТIадегIанаб диваналъул кIалтIа гьединазул 300 гIан чи вакIарун вукIана. Насрудиновасе ритIухъаб ва рагьараб диван гьабейила, гьес халкъалъул ихтиярал цIунулел рукIанилан абун хъварал игIланалги росун рачIун рукIана гIадамал гьенире. Полициялъулаз гьел игIланал рагьизе толел рукIинчIо гIадамазе, кIиго-лъабгояб бахъунцин ун буго гьез. ТIокIаб кинаб букIаниги тунка-гIуси ккечIо гьездаги низам цIунулездаги гьоркьоб.

XS
SM
MD
LG