МагъчIваялъе рес

Налъулазе тамихI гьабизехъин буго «Газпромалъ»


«Газпроммежрегионгаз»абураб гIуцIиялъ хъахIилаб цIатариялъухъ гIарац кьечIел Шималияб Кавказалъул росабалъе гьебги къотIизабун, гIарац кьурал гIадамазе гьеб щвезабулеб батIияб нух ургъун буго. РогIразухъан унеб цIатариялъул бакIалда гьезие кьезе буго баллонахъ букIонеб газ. Налъулазул рахъалъ бищун цебесеб кьерда рагIула Дагъистан.

Шималияб Кавказалъул ункъо республикабазул чанго росу рогIразухъан бачIунеб тIабигIияб газги къотIизабун, гьелъул бакIалда балонахъ бугеб цIатариялдалъун хьезаризе ругин абулеб буго «Газпромежрегионгаз» гIуцIиялъ. Гьел ккола Дагъистан, Гълагъаязул республика, Гъабардагун балкаразул республика ва Шималияб Осетия.

Шималияб Кавказалъул республикабаз рагIула бищунго гIемераб гIарац кьезе газалъухъ, 2013 соналъул январалдаса 2014 соналъул апрелалде щвезегIан 44 миллиард гъурщидаса 52 миллиардалде щвезегIан бахун рагIула налъул къадар.

ТIадехун рехсарал республикабазул 20 проценталъул къадаралда гурони налъи кьун бахъинчIел ункъо росуги тIасабищун гьезие тIубанго къотIизабун, хутIарал росабалъ гIарац кьурал гIадамалги хIисабалде росун гьезие кьезе рагIула баллонахъ букIонеб газ «Газпроммежрегионаз» компаниялъул нухмалъулев Кирилл Селезневас абулеб буго бищунго Гъалгъаязул республикабазул росабалъ бугин бищунго хIалуцараб ахIвал-хIал налъул рахъалъ, амма бищунго гIемер налъи рагIула Дагъистаналда тIад, 21 миллиард гъурущ.

Официалияб куцалда гьез жеги гьелъул хIакъалъулъ нижеда лъазабун гьечIин, гьеб хIукму тасдикъ гьабураб кагъат нижехъе щун хадуб кIалъазе ругин ниж «Газпромалъул» чагIаздаян бицана «Эркенлъиялъе» монополиялда дандечIараб хъулухъалъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул хIалтIухъан Багандов ГIабдуллаца.

Гьеб идараялъ дагьаб цебгIан гIакIа къотIун букIана «Газпроммежрегионгаз» компаниялда тIад, гьез къануналда рекъечIого цIатариялдаса махIрум гьабун букIана Гъизилюрталда бугеб коммуналиял хъулухъал чIезарулеб идара.

РогIразухъан бачIунеб газалъул бакIлда баллонахъ букIонеб газ чIезе гьабунилан абун «Газпромалде» чIвазе гIайиб гьечIилан абулеб буго Багандов ГIабдулаца. Дагъистаналъ газалъухъ кьезе кколеб налъи бугин ва Газпромалъ гьебги тIалаб гьабулеб бугин.

Багандов ГIабдула: «Гьез бицунелда рекъон тIабигIияб газалъул бакIалда баллонахъ букIонеб газги гьезие щолеб батани, щиб бегьунгутIи гьелъул букIунеб, бегьулеб пикру буго гьеб. Гьеб гуребги чиясе щвеззехъин буго гьесие гIураб къадаралда цIатари ва мадугьалас харж гьабураб цIатариялъул жинцаго бухIараб жоялъухъ гIарацги кьезехъин буго гьес».

Амма жив божараб пикру бугин гьеб дагъистаналъ газалъухъ кьезе кколеб налъи гIадатиял гIадамаз бухIараб газалъухъ гуреб, батIия-батIиял магIишаталъул бутIабаз бухIараб газалъухъ бугеб налъи букIиналдаян абуна Багандов ГIабдулаца хадубги.

Гьес мисалалъе бачана Каспийскалда ругел кирпич къотIулел заводал. Дагьаб цебегIан хIалтIулаб сапаргун гьенире ун рукIанин жал халгьабигун ва гьезул гьениб бухIараб токалъухъ, газалъухъ сундулниги хIисаб гьабулеб, я даптар, я ток борцунеб алат щибниги гьечIин, моцIалъе гьез бухIараб газалъул хIисаб абуни гIадатиял гIадамаз бухIараб газалде гъорлъе хъвалеб бугин гьеб.

Гьединал мисалал абуни гIемерал рачине бегьулин. Гьебго баян тасдикъ гьабуна «Эркенлъиялъе» Каспийск шагьаралда газалдалъун гIадамал хьезарулеб хъулухъалъул хIалтIухъан Исрапилов Багирницаги.

]Коммуналиял хъулухъазухъ гIарац бакIарулеб идарабазда гIарац кьезе иргаялда чIарал гIадамазул халатаб читIиралъ бицунеб бугин гьез щибаб моцIалъе хъахIилаб цIатариялъул токалъухъ ва цогидалги коммуналиял хъулухъазухъ гIарац кьолеб букIин, амма чванта кIудиял хIакимзабаз кьечIеб налъи сабаблъун зарал гьезие кколеб бугин.

Исрапилов Багир: «Цин гьединал хIукмаби гьарилелде хал гьабе абе щивав чиясул рокъореги рачIун лъица гIарац кьолеб бугеб лъица гьечIебали бихьизе. Гьебмехалъ гьезда бихьизе буго мискинхалкъалъ кьоле букIин щибаб моцIалъ жидеца бухIараб газалъухъ гIарац , кинавали хIакимас кьун гьечIеблъи. ХIасил жидецаго гIарацги кьун ахирги гIайибиялги халкъ батулеб буго гьезда, гьеб битIун гьечIо».
XS
SM
MD
LG