МагъчIваялъе рес

Бульдозеристал хIалтIи гьечIого хутIулел гьечIо Россиялда...


2016 соналъул 1 январалда  рухIалде рачIунел руго Туркиялде данде Россиялъул санцияби. Гьеб къоялдаса байбихьун Туркиялъул гражданазул рес букIине гьечIо Росиялде визаби гьечIого рачIине, бихьулеб къагIидаялда дагьлъизабулеб буго Россиялъул базаралда бичизе бегьулеб продукциялъул къадар, туркиялъул компаниязе ва гражданазе гIорхъаби чIезарулел руго Россиялъул проектазда гIахьаллъиялъул.

«Роспотребнадзоралъул» информациялда рекъон, санкциязул сияхIалде ккун руго Туркиялъул апельсинал, мандаринал, цIибил, гIеч, курак, микьир, кокон, цIазан, помидор, охцер, пер, капуста, цIорозарурал гIанкIабазулгун гургуразул гьан, цIам ва тIугьдул.

ТIоцебесеб янаралда «Роспотребнадзоралъ» байбихьизе буго хал-шал гьабизе тукабазда. ЦIияб сон щвелелде босун букIараб продукциялда хурхун проблема букIине гьечIин, лъазабулеб буго идараялъ. Амма къануналде данде кколареб къайи, продукция батун хадуб, гьелъул утилизация гьабизе бугин. Ай, гьеб бухIизе бугин яги бульдозералъ хвезабизе бугин, лъазабулеб буго «Роспотребсоюзалъ».

Гьединаб хIалбихьи Россиялъул буго, Евроцолъиялъул санкцияби лъазарун хадуб, трактористазул хIалтIи гIемерлъун букIанин, махсароцин гьабулеб букIана интернеталда гьаб соналда.

«Пятеречка» абураб дармил компаниялъул партнер Management Development Group фирмаялъул нухмалъулев Дмитрий Потапенкоца абулеб буго, Туркиялдаса продукция тукабазда камиялъ, Россиялда кванил нигIматазул багьа тIаде инчIого хутIуларин.

Дмитрий Потапенко: «Конкуренциялъул асар талхиялда хадуб, киданиги багьаби тIаде инчIого хутIуларо. Мисалалъе, нилъеца помидоразул бицунеб бугони, нилъеда лъан букIине ккола, хасалил сезоналда Россиялда аслияб къагIидаялда Туркиялъул помидорал рукIунеблъи. Гьединаб продукциялъул нахърателалги нагагьал санкциябазе гIолоянги абун гIабдалзабаз гурони гьаруларо. Щайгурелъул гьеб хехго кколеб нигIмат кколелъул. Гьединлъидал гьединаб хехго холеб продукция хутIуларо. ГIага-шагарго I5 январалде щвезегIан хутIула турказул продукция тукабазда, хадуб гьеб тIагIуна».

Потапенкол пикруялда, россиялъулазда гьединаб ситуациялда нахъ кIудияб «балагь» бихьулеб гьечIо. Гьезда кколеб бугин, гьединаб къагIидаялд гьез жидее квешлъи гьабураб рахъалъе тамихI гьабулеб бугин, жубалеб буго гьес.

Дмитрий Потапенко: «Амма гьел цIакъ мекъи кколел руго. Щай? Щайгурелъул гьединал пикрабигун, гьез квербакъи гьабулеб буго, тIоцебе жидерго экономикаялъе, хадуб - жидерго социалияб ахIвал-хIалалъе зарал ккезабизе. Дица нужее кьела цо информация. Россиялъул санкциязда хадуб Польшаялъ жиндирго пихъ-мичI хIалтIизабун биччалеб продукцциялъул къадар ва гьеб бичи цIикIкIинабуна I5 проценталъ. Норвегиялъул чIугIил бизнесалдаса пайда соналъул ахиралде цIикIкIун буго 4 нухалда. Гьеб гуребги жидер учузлъараб къайи ва продукция жалго туркиязги босулеб буго жигараб къагIидаялда».

Туркиялъул политолог Керим Хасица абулеб буго, жидер продукция Европаялъул улкабаздеххун буссинабиялъул кIудияб проблема букIине гьечIин.

Керим Хас: «Амма зарал ккезе буго объектал раялъул нижер кIудиял компаниязул проектазе. Гьеб рагъ лъиениги къваригIун букIинчIо».

Аммайин жубалеб буго Хасица, Туркиялъул бизнесчагIи жиндирго продукция Европаялде битIизе ругьунлъарабго гIадин, ругьунлъизе бегьулин цогидал сферабазда жидерго махшелалдаса Европаялда пайда босизейин. Гьелда хадуб, ракIалдаги гьечIого проблемаби рижинарулеб Россиялда жидерго инвестициял гьариялъул гали гьабилалда цебе, гьел нусго нухалъ ургъизе ратилин.

XS
SM
MD
LG