МагъчIваялъе рес

«Ни в коем случае бегьуларо…»


​(Экономикияб кризис, санкциял, чиновникал ва «кьурдухъаналда» гIарац чIвараб Россия) Долларахъ хисулел гъурщал киниги Гъаримлъулеб гьечIищ дур ияхI, улка?... Р.ХIамзатов

Тамашаяб ахIвал-хIал лъугьана нилъер пачалихъалъул ахираб кIиго соналда жаниб? Цояз «нулевые», цогидаз «тучные» абун цIар лъурал сонал нилъедаса араб гIадаб жо лъугьана исана. КигIан нилъеца пуланав хIакимасул гьунаралдалъун школаги спортзалги банин реццал гьаруниги, щакаб жо буго рачIунел санаца хIакимзабазул гьединал «гьунарал» загьирлъи.Гьеб кинабго «цебетIей» ва парахалъи батана дунялалъул базаралда нартил багьаялда бараб жо.

Нарт бичун щварал доллараз ццулъараб Россиялъ империялъул гIорхъаби гIатIид гьаруна. Жиндиего бокьун нилъеда жанибе бачIана Югалъулаб Осетия. Гьебго рокьуца араб соналъ кIудияб ватIаналде тIад буссун букIана бащдаб гIасругIан заманаялъ батIалъараб Крым. Гьел лъугьа-бахъиназул хIасилалда квешлъанин нилъедехун хутIараб дунялин цоял, гурин, гьезие бокьулеб гьечIин нилъ щулалъи ва церетIей абун Путин, гIадан хадур гъоларел харбал тIиритIана ахираб кIиго соналда жанир рукIарал лъугьа- бахъиназда сверухъ.

Кинабха ккараб хIасил? ХIасил ккана кинабго Европаги, Америкаги, хIатта Азиялда ва Африкаялдацин ругел цо-цо улкабиги данде чIана Россиялде. Тохлъукьего бортун ана барелалъухъ нусго долларалдасаги букIараб нартил багьа. Нарт бичиялдалъун гIумру гьабулеб Россиялъул экономика лъугьана хъегIизе. Западалъ жиндихъ гIенеккулареб Россиялъе лъуна экономикиял санкциял. Гьелго санкциял Россиялъ БакътIерхьул улкабазеги лъелин рагъарун руго гьанир. Байбихьана кванил нигIматал гьукъиялдаса. Гьезул бакIалда нилъерго гIезабизеян. Цо гурде – тIажу ретIарал чагIи рачIуна районазде Япониялъул джипалдаги рекIун, брионии костюмги къан «импортозамещение» абураб рагIиги лъазабун, гьеле гьеб жо гьабизе ккола нилъецаян.

Гьаниб бичIчIуларого буго цохIо жо. Лъица азие квал-квал гьабулеб букIараб гьеб «импортозамещение» гьабизе I27 долларалде баррель нартилги бугеб, триллионаз доллараз резервный ва стаблиционный фондги бугел соназда? Гьеб гIарацги Америкаялъул банказда, хIатта Россиялда жанибцин гьечIел гIодорегIанал процентаздаги лъун, халкъалда Бушил «бохдулги» кваназарун, гIодоб росдал магIишатги речIчIизабун, гьанже бачIун буго азухъе гIакълу. Гьебни араб темаян тела, кванил нигIматал нилъеца гIезеризе рес буго, кIудияб пачалихъ буго гIорхъи гьечIел ракьазул. Технологиялгун, производствоги бугелда гIей гьабилин ва тIаде цебе бачилин. ТIагIизабизе кколеб рагIула бытовая химияги, Европаялъе квешезеха. Гьаблъиялда унел ратани киналдасаго гьабизе ккелаха инкар. Япониялъулгун немцазул автомобилаздасаги, италиязулгун турказул ратIлидасаги, бытовая техника – телевизорал, холодильникал, пылесосал, кондиционерал, кухонный комбайнал, фенгун, иту ва анцI-анцI цогидаб хIажатабщиналдаса гьабизеха инкар. Гьаб макъала дица хъвалеб буго Япониялъул компьютералда, хъван лъугIун бугищали дихъе ругьел бачIунеб буго Америкаялъул телефоналдаса.

Гьеб киналдасаго инкар гьабизе кколин ва кигIан кIвар бугеб жо бугеб «импортозамещение» абун Корреялъул телевизоралдаса дие бицунеб буго нилъер пачалихъалъ гьабураб маргъалгIан жо тIад гьечIев чиновникас. Гьес дида ракIалде щвезавуна магьари лъолеб бакIалда гIурус мацIалда абизе бегьулищ абидал цо дибирас жаваб кьун бугила: «Ни в коем случае бегьуларо» абун. Щибха хутIизе бугеб кинабго къватIиселдаса инкар гьабуни? ХутIизе вуго толо-хIочорав чи чуялда пуруцги бан хъабахъ бекьулев. Сунца нилъ гьелде ккезарурал? Нилъ гьелде ккезаруна бечелъиялъ, ай нилъер бетIер хIалтIичIого тIаде реххун бачIараб гIарцуца.

Мискинлъи хIехьезеялдаса циIкIкIун гIакълуги сабруги хIажалъулеб рагIула бечелъи хIехьезе. Нартгун газ бичун, месед бахъун, тIабигIиял бечелъабаз гогьлъизарун ва гьаглъизарун. Гьединаб хасият буго Россиялъул халкъалъул, магIарулазулги батIалъи щибха, гIурусазда цадахъ ругел чагIилъидал нилъги. Кинабго дунялалда гIарац щварал халкъал ва гIадамал тIамула гьеб гIарцуда тIаде гIарац балагьизе, ишал гьаризе ва бизнес империял гIуцIизе. ГIурусалгун магIарулал лъугьуна ахирисеб капек лъугIизегIан квана – гьекъезе. Гьеб гIадатиял гIадамазул хасият хIалтIун буго глобалияб къагIидаялъ пачалихъалъул масштабалда. БачIараб харжги кьурдухъаналда тIаде бан гъванша хъарсулев гьекъолдухъанасда релълъун буго жакъа Россия. БетIер къачIазе тарал граммаздаги кIутIун пурцил гIоркь кквезе замана щвана гьанже. Щиб лъалеб гьаб хIалбихьи кIудияб, гучаб экономикиябгун агро-промыленияб пачалихъ гIуцIиялъе сабаблъун тIамураб батизеги рес буго. ГьедингIаги батагиха… Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG