МагъчIваялъе рес

Президентазул конфликталъул боркьиялъул асар гIайиб гьечIезде буго


Туркиялъул вакиллъиялда цебе россиялъулазул демонстрация. Москва, 25 ноябрь.
Туркиялъул вакиллъиялда цебе россиялъулазул демонстрация. Москва, 25 ноябрь.

Объектал раялъул завалалъул заманалда Россиялде гочарал турказул аза-азар хъизанал захIаматаб хIалалде ккун руго Су-24 аэроплан бортизабун хадуб, Россиялъ Туркиялде данде тIоритIулел тадбирал сабаблъун.

24 ноябралда Туркиялъул аэропланалъ Россиялъул Су-24 бортизабун хадуб, Москваялда рукъзал ралел бакIазда миграциялъул хъулухъалъ ккуна гIемер туркал, турказ рагьарал фирмабазда тIоритIулел руго планалдацин рукIинчIел контролалъул тадбирал. Туркиялъул вакиллъиялда цере ракIарарал нус-нус россиялъулаз гIанчал речIчIун руго минаялда.

Турказ абулеб буго жал хIинкъун ругин полициялдаса ва жал метроялде жанирецин унарин. Россиялъ Туркиялде данде гьарулел тадбирал сабаблъун соназ Москваялда гIумру гьабун рукIарал, ругьунал бакIал тун хъизаналгун нахъе ине ккезе бегьулеблъи гьезда цебе чIезабизецин бокьун гьечIо.

Аэроплан бортизабун ункъго къоялдаса, ай, 28 ноябралда президент Владимир Путиница гъулбасана «миллияб хIинкъигьечIолъи» щулалъизабиялъул ва россиялъул гражданал «цIуниялъул» буюри. Гьелда рекъон, инкар гьабулеб буго визаби гьечIого Туркиялъул гражданал къабул гьариялъул режималдаса, кIиябго рахъалда гьоркьор тIоритIулел рукIарал чартералъул авиарейсаздаса ва Россиялъул компаниязе гьукъулеб буго туркиялъул гражданал хIалтIуде росизеги.

Россиялдаса нахъе иналъул планалгун

АнцIгоялдасаги цIикIкIун соналъ Москваялда гIумру гьабун вугев Россиялъул минаби раялъул компаниялда хIалтIулев 34 сон барав Умутие гьеб кколеб букIине бегьула жиндирго рукълъун рикIкIунеб Москваялда гIумруялъул ахир. Гьесул лъади Анна ккола гIурусай. Гьесул вуго Россиялъул гражданлъи бугев сон барав вас Роман.

Умут: «ХIинкъи буго хъизаналда хурхараб. Дун дунго вукIарабани, проблема букIинароан. Дунни инаан дирго ретIелги босун нахъе. Амма гьаниб хъизан букIиналъ, проблемаги рукIинарищха. Дир лъадиги йиго щиб гьабилебали лъаларого. Нижер лъимерги буго. Ниж хутIун руго лъикIал харбазде хьулалгун. Дир лъади хIинкъун йиго, гьелда лъаларо щиб ккезе бегьулебали. Гьелда кидаго кколеб букIана, ниж гьанир рукIине ругин ва Рома гьанив вижине вугин. Амма дида гьаниб бихьулеб гьечIо нижер букIинесеб. Нижеца хадусеб анлъго моцалда яги соналда жаниб нахъе иналъул планал гIуцIизе ккезе руго».

КигIан заман гьезие гьениб хутIун бугебали бараб букIине буго Путинил санкцияби тIуразариялъул хехлъиялда. Бортизабураб аэропланалда сверун дагIба-бахIсал халат рахъунел руго, кIиябго рахъ жиндиралдаго чIун буго. Анкараялъ абулеб буго Су-24 бортизабиялда цебе, пилотазда чанго нухалда лъазабун букIанин, гьез гIорхъаби хвезарулел рукIиналъул хIакъалъулъин. Москваялъ абулеб буго, аэроплан Сириялъул гьаваялъул гIатIилъиялдаса къватIибе ун букIинчIин. Цо пилот ва гьев хвасар гьавизе битIараб колмандаялдаса цогидав рагъулав хвана гьенив.

Россиялъул премьер-министр хисулев Игорь Шуваловас 20 ноябралда лъазабуна, лъазарурал тадбиразул асар букIине гьечIин гьаб соналъул ахиралде щвезегIан гъулбасарал объектал раялъул контрактаздейин. Гьединлъидал Умутил хьул буго гьелъ Россиялда тIадеги цо соналъ хутIизе рес кьезе букIиналъул.

Амма «Гражданское содействие» абураб хIукуматалъул гуреб гIуцIиялдаса инсанасул ихтиярал цIунулей Светлана Ганнушкиналъул пикруялда, санкциябазул гьечIо мухIканлъи, гьединлъидал гьелъ пессимизм загьир гьабулеб буго Россиялда ругел турказул къисматалда хурхун.

Светлана Ганнушкина, инсанасул ихтиярал цIунулей
Светлана Ганнушкина, инсанасул ихтиярал цIунулей

Светлана Ганнушкина: «Дир пикруялда, гьел улкаялдаса нахъе иналде ккезарула. Дида берцинго бичIчIунеб гьечIо, щиб юридикияб бербалагьиялдаса букIине кколебали, гьениб бичIчIунеб жоцин гьечIо. Амма хIакъикъаталда щиб лъугьунеб бугебали, нилъеда цIакъ лъикI лъала». – ян абулеб буго Ганнушкиналъ.

Су-24 бортизабун хадуб, Россиялъул гIорхъаби цIунулез, визаби гьечIеб режим хIалтIулеб букIаниги, турказул кIудияб къадар биччачIо Россиялде.

Турказул гIурус лъудбузул ахIи

Россиялъул президентасул пресс-секретарь Дмитрий Песковасул баяназда рекъон, Россиялда гIумру гьабун бугеб Туркиялъул гражданазул къадар бахунеб рагIула 200 азарго чиясде. Турказда россасда ругел россиялъул руччабаз хIадур гьабун буго Владимир Путиниде хитIаб. 2 декаралдаса ракIарулел гъулбасазул къадар бахун буго ункъазаргоялде. Лъудбуз президентасдаса гьарулеб буго къануназул адаб гьабулел турказул хъизаназул хIалтIи Россиялде хутIизе кумек.

Россиялъул объектал раялъул секторалда Туркиялъул компанияз кколеб рагIула аслияб бутIа. Гьезда гъорлъан бищунго кIудияб кколеб буго Renaissance Construction компания. Гьелъ Москваялда балеб буго гьанже жиндирго гIемертIалаяб минацин. Гьеб хIалтIи гьанже чIезабун буго.

Жиндирго фамилия рехсезе бокьичIев Москваялда цевего гIумру гьабун вугев 34 сон барав МустIафаца гIемер соназ Россиялда бичулеб букIана турказул объектал раялъул къай-матахI. Гьанже гьеб хIалтIиги гьоркьоб къотIизабизе ккана.

Турказде рокьукълъи

Турказул ургъел ккун буго гьанже Россиялда жидедего бугеб рокьукълъиялъул даража цIикIкIунеб букIиналдаса. Гьезул цоязул пикруялда, турказда хурхун Россиялда загьирлъулеб хьвада-чIвади ва бербалагьи релъарал руго 20I4 соналда Евромайданалда хадуб украиналъулазда хурхун рукIаразда. Рокьукълъиялъул бербалагьи гьанже къватIаздаги бихьизехъин буго. Саратовалда, мисалалъе, «Турецкий тандыр» абураб кафеялъул бетIегьабаздаса тIалаб гьабун буго тIоцебесеб рагIи бахчизаби.

Амма бищунго кIудияб ургъел турказул буго жидерго хIинкъигьечIолъиялда хурхараб. 29 сон барав Туркиялдаса инженер, Джаница абулеб буго, жив гьанже метроялъуве унарин полициялдаса хIинкъунин.

Россиялъулги Туркиялъулги президентал Владимир Путинилги Реджеп ТIайиб Эрдогьанилги конфликталъул боркьиялъул асар жидедего щолел турказ какулев вуго кIиявго президент. Умутил хьул буго 20I8 соналда Россиялда тIобитIизе планалда бугеб дунялалъул футболалъул чемпионаталъ турказул объектал раялъул компаниязул потенциалги махшелги Кремлалалда кIудияб къваргIел бихьизабизе букIиналда.

Умут: «Дир буго хьул. Амма Путиница ниж киналго нахъе къотIизеги бегьула. Гьев вуго Эрдогьанго гIадав чи. Гьел цоцада релъарал руго, гьел кIиялго руго диктаторал».

XS
SM
MD
LG