МагъчIваялъе рес

Туркиялъгун Россиялъ «нуцIби» рагьила дагьалъ чIун


Туркиялда Дагъистаналъул диаспора
Туркиялда Дагъистаналъул диаспора

Туркиялда гIумру гьабун ругел Дагъистаналдаса мугьажираз кIудияб хьул загьир гьабулеб буго Россиялдагун Туркиялда гьоркьоб лъугьараб гьогьен кватIичIого лъугIизе букIиналде. Амма руго цо пикраби гьез Туркиялъул президент ритIухъ гьавиялда хурхаралги.

Масала, дагъистаниязул наслуялдаса Шамил абурав гIолохъанчияс рикIкIунеб буго Туркиялда тIадаб букIанин жиндир гIорхъаби цIунизе, гьедин бортизабун бугин Россиялъул аэропланги. Хадубго гьадинанги тIадежубана Шамилица ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда Россиялъул президент Владимир Путиница абурал рагIабазда бан.

Шамил: «ГIурусаз абула гьанире (Туркиялде – ЭР) рачIарал чагIи террористал ругилан. Жидеца гIумру гьабулеб ракьалдаги течIого, гьанире ине ккаразда террористалин абулеб буго. Путиница абичIищ гьанире рачIарал нижер дагъистаниялги чачаналги чIвазе ругин жидеца. Гьеб лъикIаб жо бугищ нижер миллаталъе?».

ЭР: «Путиница абунаха Туркиялъ рахчулел ругин Шималияб Кавказалдаса рачIарал террористал».

Шамил: «Валлагь, гьесул жиндирго журналистаз хъвалеб бугоанха полицияги тIаде битIун тIуризарун ругин гьел чагIи Туркиялде. Гьедин цIаланаха дица. Гьединго гьанире рачIарал дагъистаниялги руго жидер диналъе квалквалал гьарун къватIире ине ккарал чагIи. Масала, магжихъ балагьун, гьел чагIи террористал ругилан абизе хIадурал руго гIурусал».

Туркиялда ругел мугьажиразул вакил, жамгIияв хIаракатчи Шагьабудин Озденил пикру гьадинаб буго.

Шагьабудин Озден: «ЛъикIаб пикруги ниятги бугел дагъистаниязул пикру буго гьадинаб – къваригIел гьечIеб жо ккана. ЛъугьинчIониги бегьулеб жо букIана гьеб. КIиябго пачалихъалъул гьоркьорлъаби хвей лъикIаб жо гуро. Нужги гьенир ругелъул, нижее лъикIаб жо гуро гьеб. БитIараб бицани, ккараб жоялдаса пашман руго нижер бетIералда ругел чагIи. Нужер бетIергун дандчIвазе къваригIунилан ругоха. Нужер бетIерасдаги квеш бихьун бугоха гъоб аэроплан бортизаби, гьудуллъиялда рукIарал чагIаз гьабизе бегьулароанин гьединилан. ИншаАллагь, хеккого битIа-бишилин гьеб суалилан хьул бугоха».

Россиялъулгун Туркиялъул гьоркьорлъаби хвей заманалъул иш бугин абураб пикру буго Туркиялда чIарал мугьажиразул вакилзаби Седаца ва Асетица.

Седа: «Гьеб кколин кIиго президентасул политика, гьеб политикаялъул хIасилин абураб пикру буго гьаниб. Халкъалда гьоркьоб батIаго квешаб бербалагьи гьечIо гIурусаздехун. ГIадамаз абулеб буго гIурусазулгун гьоркьорлъаби хвезе бокьун гьечIин жидее. Дида ккола гьеб ишалъул реакция цIикIкIун Россиялда бугилан. ГIадатиял гIадамазда гIурусал тушбабилъун рихьулел гьечIо. Цо гьадинаб анекдотги буго гьаниб бицунеб. Обамаца абулеб бугила Путинида дур гIезегIан дурцал ругин Туркиялда, щай дуца гьелъулгун гьоркьорлъаби хвезарулел ругилан. Туркиялда гIемерал гIурус-руччаби ругоха турказда росасда. ПалхIасил, батIи-батIиял пикраби руго гьанир. Цояз рахъкколеб буго гIурусазул, цогидал данде руго. Масала, цо-цояз абулеб рагIана Туркиялде жанире лъугьине бокьун гьабулеб жо бугин гIурусаз гьеб ахIи-хIуриланги».

Асет: «Валлагь цо гьединаб рокьукълъи гьечIо гьаниб гIурусаздехун. Амма нижер ракIбакъвалеб бугоха ахIвал-хIал гьединисан хисунилан. Щибха гьабилеб, хIукуматалъул жидерго рукIунелъул гьарулел жал. Амма хьул буго иш рукIалиде бачIинилан. Гьанже «нуцIби» рахан ратаниги, дагьалъ чIун нилъ киналго цоцахъе хьвадизе байбихьила. Иш гьадин букIинаро кидаго».

Гьединал руго Россиялъулгун Туркиялъул гьоркьорлъаби хвеялда бан Дагъистаналдаса мугьажиразул пикраби.

XS
SM
MD
LG