МагъчIваялъе рес

Путинил хитIабалъулъ хирияб цIар


Россиялъул президент Владимир Путинил хитIабалъухъ тукада балагьаравб, 3Дек2015
Россиялъул президент Владимир Путинил хитIабалъухъ тукада балагьаравб, 3Дек2015

Хамиз къоялъ Россиялъул президент Владимир Путин цевевахъана щибаб соналъ Федералияб мажлисалде гьабулеб хитIабгун. РачIунел соназда улкаялъгун, гьединго хIукуматалъул нухмалъиялъ аслияб куцалда кIвар буссинабизе ругел хIужабазул гуребги, Путиница гьениб борхана Туркиялъул суалги. Президентас гьабураб хитIабалда тIасан гIадатиял дагъистаниязул кинаб пикру бугебали лъазе цIех-рех гьабуна нижеца.

Лъабабилеб декабаралда Россиялъул Федералияб Мажлисалде гьабулеб хитIаб Владимир Путиница байбихьана Туркиялда бортизабураб Россиялъул рагъулаб аэроплан бачунел рукIарал роржарухъаби ракIалде щвезарун, минуталъулаб сихIкъотIиги лъазабун. Гьел роржарухъабазул лъудбиги рукIана рачIун Кремлиялъул Георгиясул залалде президентасухъ гIенеккизе. Президентас щибаб соналъ гьабулеб хитIабалда дандеккун, исана букIаралда цIакъго акуталияблъун букIанин абизе бегьула Туркиялъулгун Россиялъул гьоркьорлъабазул хIакъалъулъ суал. Туркиялъул нухмалъиялдаса жиндирго бугеб ракIхвейги, живго ццим бахъун вугеб куцги бахчулеб букIинчIо Путиница.

Жинда бичIчIулеб гьечIин гьез щай гьединаб рокьухъаб пиша гьабурабилан абуна президентас. Живго Аллагьасда лъалеб батилин гьелъие гIилла ва Аллагьасул ццимбахъинги рештIун бугилан кколин жинда гьезде, щайгурелъул гьез гIакълуялдаса арав чияс гIадал жал гьарунилан. Владимир Путиница гьединго бицана сахлъицIуниялъул, демографиялъул, лъай кьеялъул, терроралде киналго цадахъ къеркьезе ккеялъул ва бачIунеб соналда Пачалихъияб Думаялде депутатал рищизе рукIиналъуги.

«Эркенлъи» радиоялъ цIех-рех гьабуна гIадатиял дагъистаниязда гьоркьоб, нужее кинаб асар гьабураб Путинил хитIабалъ абураб суалгун. Мисалалъе МахIачхъалаялда бугеб гIолилазул спортивияб школалъул нухмалъулев хисулев ХIасанхIусенов Шамилица абуна цересел соназда рукIараздаса батIияб жо жинда гьеб хитIабалда халлъичIила, гIицIго Туркиялъул рахъалъ Владимир Путиница гьабураб кIалъай рехсезе бегьулила гьениб цIияб жолъун.

Шамил ХIасанхIусенов: «Социалиял программабазул бицана гьес гIатIидго, бицана школалъул минаби къачIазе гIарац биччазе букIиналъул, гьединго «эбелалъулаб капитал» абун кьолеб гIарац жеги кIиго соналъ халат бахъинабизе бугилан абураб хабаралъги гIемер рохизаруна гIадамал.

ЦIакъго бокьана турказулгун гьоркьолъабазул бицунаго гьес Аллагьасул цIар бахъараб куц. ГIарац бикъулел ва цогидалги такъсирал гьарулел чагIазда хурхун гIадлу кьваризабизе кколилан абуна гьес. Гьелда дунги рази вуго, амма бицунеб букIин гурони гьабулеб хIалтIулъ цебетIей гьечIо».

Каспийскалдаса жамгIияй хIаракатчIужу ХIамзатова Лейлае абуни рекIее гIун бугоан коммерицялъул гурел гIуцIабазул хIакъалъулъ Путиница гьабураб кIалъай, гьединго туркиялъул хIакъалъулъ гьабураб кIалъайги.

ХIамзатова Лейла: «Путиница гьениб абуна тIолалго турказде данде гурин рагъ лъазабун бугеб, гьеб лъазабун бугин Россиялъул аэропалан бачунел рукIарал роржухъаби чIварал чагIаздеян. Гьеб нилъер щивасда бичIчIизе ккола. Гьеб мехалъ бичIчIулеб гьечIо, тIубараб улкаялда унеб бугеб гIадалаб тадбир? Турказулин абураб цIар бугел гIадамал квана-гьекъолеб бакIалде гIунтIун, гьездехун хурхен бугел щинал бакIал къайилан буюрухъ кьун бугилан бицунеб буго киса-кибего. Амма Путиница гьедин абичIо гуриш хитIабалда. Гьединлъидал дида ракIалде ккола нилъер ботIрониб гIакълу гьечIел хIакимзаби гIодор руссинин ва гьел гIадалал хIукмабиги чIезе тун гьаб маразмги лъугIизабизе батилин гьезилан».

Амма Владимир Путинил хитIабалъухъ ралагьичIел гIадамалги гIемер руго гIадатиял дагъистаниязда гьоркьор. Мисалалъе гьезул цо-цояз гьадин загьир гьабуна жал гьелъухъ балагьичIолъиялъе гIилла.

ПатIимат: «ТIоцебе абуни дун къанагIатги телевизоралъухъцин ялагьуларо, гьениса кьолел цIиял харбазухъги гIенеккуларо, гьединлъидал Президенатсул хитIабги дида бихьиIо. Амма дида ккола щибаб соналъ цого бицинчIого, жидецаго гьабизе рагIи кьураб хIалтIиниги рагIалде бахъинабулеб букIарабани гьез, халкъалъул гьездехун адаб цIикIкIинаанилан»

Багир: «Дун валагьичIо щайгурелъул цин бугони дида гьеб унеб букIин лъалеб букIинчIо, кIиабизе бугони дир гьелъие заманги букIинчIо ва щибизе гьелъухъ ралагьилел кинанги щибниги хIасил кколареблъи лъалеб мехалъ».

Гьадинал пикраби загьир гьаруна гIадатиял дагъистанияз лъабабилеб декабралда Федералияб Мажлисалде Владимир Путиница гьабураб хIитIабалда тIасан.

XS
SM
MD
LG