МагъчIваялъе рес

Полициялъул «хIисаб кьеялъул» хIалтIабаз балагь рещтIинабурал гIадамал


Хушеталда рикъаразул гIагарал пресс-конференциялда. МахIачхъала, 20Авг2015
Хушеталда рикъаразул гIагарал пресс-конференциялда. МахIачхъала, 20Авг2015

Хамиз къоялъ «Черновик» газеталда тIобитIана Хушеталдаса полициялъулаз ккун рачун аразул гIагарлъиялъ тIобитIараб пресс-конференция. Гьениб бицана дагьал церегIан къояз Хушеталъул участковый полициялъулав чIван хадуб байбихьанила росулъ низам цIунулез гIорхъолъаарал ишал гьаризе: ярагъги наркотикалги реххун руго гIадамазе, гьел тадбирал тIоритIизе кинаб букIаниги документалги рихьизаричIого гIажизалги, руччабиги, херал чагIиги ккун жанир тIамун руго къуваталъул идарабазул вакилзабаз. Гьезул гIагараз тIалаб гьабулеб буго гьел гIадамал риччайилан ва жидер ихтиярал хвезарзие тогейилан.

«Черновик» газеталда 20 августалда тIобитIараб пресс-конференциялда, Хушеталдаса гIадамаз бицана талат къоялъ гьеб росулъа низам цIунулез анцIго чи ккун вачун ун вугилан. Гьезда гьоркьор рагIула чIужугIаданги, гIажизав чиги, цIикIкIараб ригьалъул гIадамалги.

Хушеталда хасал тадбирал тIоритIизе байбихьун буго 17 августалда гьенив вукIарав участковый полициялъулав чIван хадуб. Гьелдаса хадуб Хушеталда ругел салафиязул рокъоре рачIун чIухьал разе, рокъоб ярагъ батанин абун гIадамал кквезе байбихьун буго гьез. Ккуразул гIемерисезул добе жидецаго ярагъги наркотикалги реххулел рукIанила къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазилан бицана гьеб пресс-конференциялъул гIахьалчагIаз.

Гьеб тадбиралда гIахьаллъана полициялъ ккун арал ХIажимухIамадовазул хъизаналъул гIагарай чIужу ГIайшат. Гьелъ бицана ХIажимухIамадовазул хъизаналдаса, рокъоб ярагъ батаниланги абун, кIиго чIужугIадан ккун ячун ун йикIанила низам цIунулезилан.

ГIайшат: «Дир ункъгIалалъул доре сардилъ кIиго тIубараб мехалда рачIана яргъидгIуцIарал хасал идарабазул хIалтIухъаби. Лъиданиги щибниги абичIого, жидерго рокъоре гIадин жанире кIанцIун рачIун, кьижаралъуса рахъинаруна рокъов вукIанщинав чи. ТIад ретIелцин ретIине течIого, къватIире лъугьайила рокъосайилан абун цере къотIун рачана гьез рокъо йикIарай дир ункъгIалги, гьелъул нусги. Нужее щибин къваригIун бугеб, нуж щиб гьабулел чагIийилан абун гьей ахIдезе лъугьараб мехалда, тункун рокъоса къватIизе гъун йиго гьей. Гьезул ахIукье рачIарал мадугьалзабазги ахIи бахъинабун буго гьениб. Гьениб чIухь балеб мехалда нугIзаллъун рукIинин жалилан гьез абуниги цониги чи течIо гьезул нугIлъун, цо щивали лъаларев гIоркьилав вачун вачIана. Рокъоса вугевщинав чиги къватIиве гъун гьенир жаниреги ун гьез жидецаго къандалъуялда гъоркье реххун ратана наркотикал жанир бугеб къвачIаги, гранатаги. Гьелдаса хадуб нижер нус гIурусай ккун ячине лъугьана гьел. Жиндица гьей йиччалариланги абун гьелъун ягъизе ункъгIал лъугьараб мехалда, цадахъ жидерго автомобилалъуй къайзаюн гьейги ячун ун йикIана полициялъулаз. Нахъисеб къоялъ гьей йиччана, нус гьенийго йиго жеги. Гьелъ жиндихъго букIараб телефон бахчун букIун буго, гьединлъидал нижехъе кIалъан ячIана гьей. Жиндие я кваназе жо кьолеб гьечIила, гIакъуба кьолеб бугила, кIалъазе рухIцин гьечIей жиндихъа сурав босулеб бугин абун бицана гьелъ. Адвокатги виччалев гьечIо гьелъухъе. Гьелда цебе 13 августалда вагьабиязул сияхIалда вугинги абун гьелъул росги ккун вукIана. Диваналъ гьев къватIиве виччазе хIукмуги къотIун букIана, амма участковый чIван хадуб жеги гьесухъа сурав босизе кколинги абун жанив тIамунго тана гьев. Чанго къо буго гьанже кив гьев вугевали лъаларого ва гьесулгун бухьен гьечIого».

Хушеталда ккуразул гIагарал
Хушеталда ккуразул гIагарал

Хушеталдаса ккуразул цохIонигиязулгун дандчIвазе риччан гьечIо адвокатал. Гьел ккун рачун араб Ленинский мухъалъул полициялдаги адвокатазда лъазабун буго жидер гьанир цониги Хушеталдаса ккурав чи гьечIила ва гьанире гьединал рачун рачIунгицин рукIинчIилан.

Ккуразул цояв Малачилов МухIамадил адвокат МухIамадов Селимица пресс-конференциялда бицана гьересиги бицун ине кканила жив гьеб полициялъул бутIаялде, гурони жив Хушеталда ккуразул адвокат вукIин лъан гьез жанивецин виччалев вукIинчIилан.

МухIамадов Селим: «Ленинский мухъалъул полициялъул бутIаялда гьев Малачилов вукIараблъи вихьарал чагIи рукIана. Гьеб мехалда ордерги босун, гьесул гIагаразулгун дун гьесул адвокатлъун вукIине вугин абун къотIи-къай гьабурал документалгун щвана дун гьениве полициялде Дида лъалел чагIаз абуна мун гьениве гьесул адвокат хIисабалда жаниве виччарилан. Гьеб мехалда канцелириялде цо жо цIехезе ине вугинги абун. Гьениб дежурный часталдаги дида абуна гьев Малачиловилан абурав чи гьениве вачIунцин вукIинчIилан. Дие хIалтIизе квалквал гьабулеб бугин абун кIицIул прокуратураялде гIарза хъвана дица. Гьелдаса хадуб Ленинский полициялдаса цIех-рехчи кIалъан вуго Малачиловасул вацасухъе хIукуматалъ тарав адвокатги вугила гьесул, гьесда сверун цIех-рехалъул ишалги гьаризе байбихьун бугилан. Дун гьесухъе кIалъазеги кIалъан лъазабуна гьесул гIагарлъиялъ ккурав адвокатги дун вугин, дица хIажатал документалги нужер гьенире щвезарун рукIанила, нужер дежурный адвокаталги гьесие къваригIун гьечIила, аскIов дунги гьечIого гьевгун хасал цIех-рехалъул тадбирал щай гьарулелилан абуна дица гьесда. Жиндихъе дур ордер кьечIила, мун адвокат вукIинги лъачIиланги абун дунги тIаса вихьизаву тана гьес дун».

Хушеталда ккуразул гIагарав чи
Хушеталда ккуразул гIагарав чи

Гьединго гьеб тадбиралда Хушеталдаса гIадамаз абуна къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз жидецаго тIамулел ругила гIадамал жидедаго данде разе. Берцинго гIумруги гьабун, магIишаталда ругел, как-кIалалда хадур тIадчIарал чагIи нуж вагьабиял ругин абун хасал сияхIазде росулел ругила. Гьеб сияхIазда ругел чагIи хIисабалда бокьараб бакIалда чIезарун, хал-шал гьабизеги, килщазул лъалкIал рахъизеги полициялде рачунел ругилан. Гьединго гIадамаз бицана гьел вагьабиязулин абулел сияхIазда ругел чагIазул киналго лъималги росулел ругила гьенирегойилан.

Ахиралдаги гIадамаз республикаялъулги Россиялъулги тIалъиялде хитIаб гьабуна жидер ихтиярал хвезаризе тогейилан, къуваталъул идарабаз хIисаб кьезелъун жидер террористал рахъинарулел ругила, гIорхъолъа арал ишал гьарулел гьел низам цIунулезе гIадлу гьабейилан.

XS
SM
MD
LG