МагъчIваялъе рес

Рохьове инчIо, амма «Исламияб пачалихъалъе» гьа бана


ГьанжелъагIан «Исламияб Пачалихъалъе» гьа барал дагъистаниял кколаан изну гьечIого яргъид гIуцIаразул нухмалъулел. Гьанже гьезул кьеразулъе лъугьана Дагъистаналдаса вагIза-чи Надир Медетовги.

Гьелда бан интернеталда лъураб видеоялда Медетовас Аллагьасе рецц гьабулеб буго жив «Шамалде, хирияб ракьалде, щвезавуралъухъ». ГьанжелъагIан гурого жив гьениве щвечIолъиялъул гIайиб бугин жиндие квалквал гьабулел рукIарал тагъуталъул церетелазда. Амма гьелдаго цадахъ гьеб бугин Аллагьас жиндир хIалбихьулеб букIараб мехиланги тIаде жубалеб буго Медетовас гьеб видеоялда.

«Исламияб Пачалихъалъе» гьа базегIан Надир Медетов лъалаан исламияб лъай тIибитIизабулев чи хIисабалда. Гьес гьарурал вагIзаби лъун руго интернеталда. Гьес гьел гьарулаан Венгриялъул рагъухъабазулин цIар лъураб МахIачхъалаялъул мажгиталдаги Дербенталъул мажгиталдаги.

Гьединго гъоркьисала хаслихъе бахъун букIана гьесда тIасан гIезегIан ахIи-хIур. Вацгун цадахъ машина бичизе араб бакIалдасан ккун ругин гьел низам цIунулезин ахIи балеб букIана гIагарлъиялъ. Цинги гьев МахIачхъалаялъул Кировский мухъалъул диваналда ватана, гьесде гIунтIизабулеб букIана хIалтIизабизе изну кьечIеб таманча батиялъул гIайиб.

Надир Абу Халид (Надир Медетов) ккола исламалда жаниб лъугьараб вагьабияб рикьиялъул вакил.

Дагъистаналда ругел киналго салафиял гуро «Исламияб Пачалихъалда» тIад рекъолел ругел. Диналда рекъон, гьезие къимат кьезе лъалев чи гурин жив, амма кколе-толелъухъ балагьун, жиндир гьадинаб пикру бугин гьелда тIасанилан бицана ЭР-ялъе «Черновик» газеталъул журналист МухIамад МухIамадовас. «Исламияб пачалихъ» абураб гIуцIиялъул хIакъалъулъ официалияб куцалда гьабураб лъазабиялъ риххизарунила салафиялги, гьединго «Имарат Кавказ» абураб гIуцIиялда гъорлъ рукIаралгицин гIадамал.

МухIамад МухIамадов: «Социалиял гьиназда «Исламияб Пачалихъалде» гьабулеб бищунго кIудияб гIайиб буго гьезул хIаракатчилъиялда жаниб гьез хIалтIизарулел къагIидаби сабаблъун. Надир абу Халид киназдаго лъала лъикIав вагIза-чи хIисабалда гьанже гьес «Исламияб Пачалихъалъе» гьа банилан абун кIудияб ахIи хIур бахъун буго. Амма нилъеца гьаниб хIисабалде босизе ккола гьадинаб жо: «Имарат Кавказ» гIуцIи бищунго ссиялда бугеб мехалъ гьев рохьове инчIо гури? Гьединлъидал гьаниб аслияб суал ккола щай вагьабиял «Исламияб Пачалихъалде» унел абун гуреб, щай жиндир заманаялъ «Имарат Кавказалъулцин «рахъ кколеб букIинчIел чагIаз жакъа «Исламияб Пачалихъалъул» рахъ кколеб абун.

Дир пикруялда, гьеб кинабго ахIвал-хIал хурхараб буго гIадамал цIакъго ццин бахъун рукIиналда. Гьел ццин бахъун руго тIалъиялда. Ракълилаб куцалда гIумру гьабун рукIине бокьарал гьезул мурал тIубачIеб мехалъ рачIунел руго гьединаб хIукмуялде. Цоясул рокъобе ярагъ рехун батулеб буго, цоясда тIад такъсир гьабиялхул иш рагьулеб буго, цогидасда тIубанго ракь тезабулеб буго. Амма гьел хIужабазул хIакъалъулъ лъалеб гьечIо гIемерисезда, гьединго журналистаздаги. Гьеб лъалеб буго цIакъго дагьал чагIазда».

Гьединго журналист МухIамад МухIамадовас ракIалде щвезабулеб буго гьанжеялдаса 5-10 соналъ цере Дагъистаналъул салафиязул киназго гурин рахъкколеб букIараб «Имарат Кавказалъулги».

Киназго гурин ярагъги босулеб букIараб кодобе. Гьез абулеб букIанила жидее бокьун бугин шаригIаталда рекъон гIумру гьабизе, шаргIияб пачалихъалдаги рукIине. Амма гьелъие гIоло рагъулеб къагIида хIалтIизабизе кколарилан. Гьеб кутакалда кIвар бугеб бугеб хIужа кколин рикIкIунеб буго МухIамад МухIамадовас – щайин абуни гьанже цо-цо къуватаз хIал бихьулеб бугила «Исламияб Пачалихъалдаги» киналго салафияздаги гьоркьоб ращалъиялъул гIаламат лъезе гуребги, тIолабго Шималияб Кавказалъулго бусурбабиги «Исламияб Пачалихъалда» релълъинаризе.

XS
SM
MD
LG