МагъчIваялъе рес

КIиго лъагIалица балагьаниги батулареб ритIухълъи


Рамис ва Руслан (квараниса) Мирзахановас
Рамис ва Руслан (квараниса) Мирзахановас

Табасаран мухъалъул мажлисалъул депутат чIвялда щаклъи букIун, тIад такъсиргьабиялъул иш рагьарав аскарияв цевего гIадин «улкаги, халкъги цIунун хъулухъ гьабулев вуго».

Табасаран мухъалъул Акка росулъ хасаб операция тIобитIулелъул мухъалъул мажлисалъул депутат Мирзаханов Рамис чIварав аскариясда тIад такъсиргьабиялъул иш рагьун буго. КIиго сонги хадубги ун гурони жиндир вац чIварасда тIад такъсиргьабиялъул ишги рагьичIила, гьеб рагьаниги гьев аскариявги цевего гIадин жиндирго хъулухъалда вугин, гьев кквезеги ракIалда гьечIила цIех-рехчагIаздайилан лъазабулеб буго чIварав депутатасул гIагарлъиялъ.

Табасаран мухъалъул мажлисалъул депутат Мирзаханов Рамис чIварав аскарияв Бабаев Руслан жанив тIамейилан тIалаб гьабун иргадулаб нухалда Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялъул Шималияб Кавказалъул федералияб округалда тIад бугеб бутIаялъул бетIер Сергей Ченчикихъе ун руго 3 февралалда чIварасул гIагарал. Ченчикица гьезда лъазабун буго жиндица жиндирго хасаб бербалагьиялда гъоркье бачине бугин гьеб ишилан.

Мирзаханов Рамисил мина
Мирзаханов Рамисил мина

«Эркенлъи» радиоялъ цебе чанцIулго бицун букIана 2014 соналъул 21 октябралда чIварав гьев Мирзаханов Рамисил рукъалда нахъа бугеб минаялъул бетIергьан, Табасараналъул изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул гIахьалчи Мирзаханов ГIабдуселим кквезелъун тIобитIун букIун буго гьеб росулъ хасаб операция. Гьел хасал тадбирал гьарулелъул батIи-батIиял щаклъи бижизабулел гьаркьал рагIун рокъоса къватIиве вахъарав Рамис чIван вуго полициялъулаз.

Къуваталъул идараби Рамис мекъи ккун чIваялъе мукIурлъулел рукIинчIо. Гьелъул гIаксалда, нусги босун жидеде тIадекIанцIанин гьев, цо полициялъулав лъукъизецин лъукъанин гьесилан чIезабун букIана гьез. Гьелда хурхун Мирзахановасда тIад Россиялъул къануналъул 317 бутIаялда рекъон такъсир гьабиялъул иш рагьун букIана. 2015 соналъул июль моцIалда цIех-рехалъул идарабаз ва прокуратураялъ чIезабуна Рамис Мирзахановас лъидениги тIадекIанцIи гьабичIеблъи ва гьес жив лъукъанин абун чIун вукIарав полициялъулас гьереси бицун букIин.

Такъсирчи жиндир вац гуреблъи чIезабизе кIваниги гьев чIварав чиясе ва гьеб ишалда хурхун гьереси баянал кьолел рукIарал низам цIунулезе тамихI гьабизабизе кIолеб гьечIин жидедайилан абун ццин бахъун вуго чIварасул вац Руслан Мирзаханов. Гьеб ишалде кIвар буссинабейин, гьелда сверун букIине кколеб цIех-рех гьабейлиан тIалаб гьабун гьес республикаялъулги Россиялъулги къуваталъул идарабазул нухмалъиялъухъеги, Дагъистаналъул бетIерасухъеги улкаялъул президентасухъегицин чанцIулго кагъталги хъван рукIана. Дагъистаналъул цIех-рехалъул идарабазда божилъиги гIечIого Мирзахановаз гьеб иш Ростовалъул рагъулаб прокуратураялъухъе кьезабун буго. Гьезул хIаракаталдалъун гIадин рагьанила гьанже гьев Рамис чIваялда щаклъи бугев чиясда тIад такъсиргьабиялъул ишилан бицана Русланица.

Мирзаханов Руслан: «Дир вац чIваялда щаклъи букIун такъсирияб иш тIад гьабурав чи жеги ккун гьечIо. Гьеб иш рагьалдаса кIиго моцIниги ине буго. Щайин гьев чи нужеца кквезеги ккун туснахъ гьавуларевилан дица цIех-рехчагIазда чанцIул цIеханиги гьелъие жавабги щвечIо. Гьелда ццин бахъун иргадулаб нухалда Сергей Ченчикихъе ун вукIана дун. Гьесни абуна гьеб иш жиндир хасаб бербалагьиялда гъоркь букIинилан. Амма гьесдаги расги божилъи гьечIо дир. Гьезиеги гьев чи кквезе къваригIун гьечIеблъи лъала дида, щиб гьабундай гьев вацIцIинаян ургъулел ратила дол. Гьесда гIайиб букIин чIезабуни гьесул нухмалъиялдеги щолелъул гьелъул тIири. Гьелъин гьеб ишалда хурхун кинаб букIаниги информация гьез прессаялъухъе кьолеб гьечIеб. ЧанцIулго тIалаб гьабун хадуб гурони дидаги гьелда сверун лъугьа-бахъунеб лъазабизе кIвечIо. Амма дида мухIканго лъала гьев дир вац чIваялда щаклъи букIун тIад такъсиргьабиялъул иш рагьарав чи цевего гIадин Каспийскалда аскариязул кьерулъ хъулухъ гьабулев вукIин».

Гьединго Русланица цебехун «Эркенлъи» радиоялъе бицун букIана Рамис чIваялъул щаклъи бугев Бабаев Русланида гIайиб батиялдаги щаклъулел ругила жал. Жидехъе щварал щварал баяназда рекъон гьеб хасаб операциял тIобитIулел къояз гьев хIалтIудагицин вукIун гьечIилан. Нухмалъиялъ гьесда тIаде босизабун бугин кколеб бугила гьеб ишилан.

Адвокат Гададов Исрафилици «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна гьеб чи чIваялда щаклъи букIун такъсиргьабиялъул иш тIад рагьарав чи хIалтIуда вукIине бегьуларилан, хасго къуваталъул идарабазул ва аскариязул кьерулъ тезе бегьуларила гьединав чийилан. Къануналда рекъон гьев чи гьесда тIад гьабураб ишалъул цIех-рех лъугIизегIан хIалтIизе виччазе бегьуларилан.

XS
SM
MD
LG