МагъчIваялъе рес

ЧIварав гIечIого экстремистги гьавулев вуго


Руслан Мирзаханов
Руслан Мирзаханов

Табасаран мухъалда гъоркьисала хасаб операциялъул заманалда низам цунулез чIварав Мирзаханов Рамисил гIагарлъиялъ лъазабулеб буго гьев мекъи ккун чIвараблъиялъе къуваталъул идараби мукIурлъулел гьечIила. Гьез жидедаго ккараб гIайиб бахчизабиялъул мурадалда чIварав Рамисилги экстремист вахъинавулев вугилан.

РитIухълъи балагьун Россиялъул бетIераб прокуратураялде щвезегIан аниги, хIасил кколеб гьечIила, гьединлъидал, жидерго тIалабалги загьир гьабун, митинг тIобитIизе ккезехъин бугин жидецайилан лъазабулеб буго Мирзахановазул хъизаналъ.

2014 соналъул 21 сентябралда Табасаран Мухъалъул Акка росулъ хасаб операция тIобитIулеб мехалда рокъоса къватIиве вахъарав 34 сон барав Мирзаханов Рамиз чIван вуго низам цIунулез. Гьеб сордоялъ чIварасул рукъалда нахъа бугеб минаялъул бетIергьан, Табасараналъул изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул гIахьалчи ГIабдуселим Мирзаханов кквезелъун тIобитIун букIун буго гьеб росулъ хасаб операция. ГIабдуселимги Рамисги гIагарал чагIи кколел руго, гьезул минабиги цоцада аскIор рукIун руго. Амма гIагарлъи букIаниги ГIабдуселимил ва гьесул хъизаналъул экстремистиял бербалагьиязе гIоло

Рамис ва гьесул хъизаналъул гьезулгун кинабгIаги хурхенго букIун гьечIо. Хасаб операция бугеб сордоялъ кIудияв вацас ахIун рокъоса къватIиве вахъарав Рамис чIван вуго низам цIунулез. ГIабдуселим Мирзахановги кквезе щун гьечIо гьезухъе. Жидецаго мекъи ккун щибниги гIайиб гьечIев чи чIваялъе мукIурлъулел гьечIила къуваталъул идарабийилан абулеб буго чIварасул гIагарлъиялъ. Къуваталъул идарабазул вакилзабаз Рамис экстремист вукIанила, гьес жиндирго рокъов вахчизавунила ГIабдуселим Мирзаханов, низам цIунулезе хасаб операция гьабизе квалквал гьабизехъин букIанила гьес, гьединлъидал чIванин гьевилан лъазабулеб букIанил бицана «Эркенлъи» радиоялъе чIварасул вац Русланица.

Гьеб ишалъул цIех-рех унеб бугеб куцалдаса рази гьечIо Мирзахановазул хъизан, гьез абулеб буго жеги жеги гьев эксремистасул цIар бахъулеб гьечIила жидер вацасдасайилан. Гьев экстремист вукIичIеблъи гьезда гIезегIан лъикI лъалаанила, гьев вукIанила киназдаго лъалев жамагIатчи, мухъалъул гIолилазул парламенталъул нухмалъулев, «Единая Россия» партиялъул ва гьезул «Молодая Гвардия» абураб гIолилазул багъа-бачариялъул гIахьалчилъун. Амма низам цIунулез жидеца гьабураб иш ритIухъгьабиялъе гIоло кIвараб хIалалъ Рамис экстремист вукIанилан чIезабулеб бугилан.

Руслан Мирзаханов: «ЦIех-рехалъул идараялда жакъа нижеда абуна гьев Рамис чIваялъул мухIканлъи чIезабизе хасаб экспертиза гьабизе бугилан, гIурусалъ гьелда ситуативная экспертизайилан абула. Гьеб бихьизабизе кколила кин ва киб бакIалдасан гьесда речIчIарабали. ГьанжелъагIан гьев экстремист вугинги чIезавун, гьанже дагьал рагъа-рачаризе лъугьун руго. Цо мухIканал гурел баяназда рекъон нижеда лъана гьеб хасаб операциялда гIахьаллъицин гьабичIев низам цIунулезул кьерулъ вугев васасде реххулеб бугила Рамис чIваялъул ишилан. Гьес кинабго лъугьа-бахъиналда тIасан баянги кьун бугилан. Щибниги гIайиб гьечIев цойги чиясул гIумруги гьоркьоб инабизехъин буго гьел къуваталъул идарабаз букIине кколедухъ хIалтIизе бокьичIого.

Ццин бахъинчIого кин букIинеб гьезда , бащадаб лъагIалица гьез цо галул манзилалъгицин Рамис чIваялъул иш цебехун бачунеб гьечIеб мехалда. Бащадаб лъагIелищ къваригIунеб цо экспертиза гьабизе ккеялъул хIукму къотIизе, жибго гьеб гьабизеги инарищха цо таманаб заман. Ниж инчIеб бакI хутIичIо, Шималияб Кавказалъул федералияб округалъул прокурорхисулесухъеги, Россиялъул ТIадегIанаб прокуратураялдегицин щвана ниж гьеб иш рагьиялъе квербакъи гьабейилан абизе. Гьелдаса хадуб батилаха цIех-рехчагIи дагьалниги рагъа-рачарарал. Жакъа цIех-рехчияс абуна дида Рамисидаса экстремист вукIанин абураб цIар бахъизеги бегьулилан, жеги гьебги мухIканлъун гьечIо». Гьедин бицана «Экренлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда чIварасул вац Мирзаханов Русланица.

Гьединго Русланица бицана жидехъе баянал щванила Рамис ургъунго чIван ватизе бегьулин абурабги. Гьев чIвазе заказ некIого букIанин абурал баяналги ругила. Гьев гIадамазда гьоркьоб къадру-къимат бугев, гIемерав чиги лъалев республикаялъул тIалъиялдаги , Россиялъул пачалихъияб Думаялдаги лъай-хъваялги ругев чи вукIанила. Бокьараб мехалда мухъалъул бетIерлъуде вачIине яги цойги тIадегIанаб хъулухъалде вачIине рес букIанила гьесул, гьединлъидал гьев чIвазе къваригIарал чагIиги гIезегIан рукIун ратизе бегьулила. Амма цIех-рех чагIаз Рамиз заказ кьун чIварав чи вукIине бегьулин абураб жо баккизего толеб гьечIилан бицана Русланица. Гьединго чIварасул гIагарлъиялъ лъазабулеб буго гьаб гIагараб заманалда къуваталъул идарабаз Рамис чIваялъул мухIканлъи ва гьелъие гIайибиял ралагьичIони жидеца митинг тIобитIизе бугилан.

XS
SM
MD
LG