МагъчIваялъе рес

Табасаран мухъалда хасал тадбиразул хIасилалда кIиго чи чIван вуго


Дагъистаналъул Табасаран мухъалда кIиго къоялъ халат рахъунел руго хасал тадбирал. Къуваталъул идарабазул баяналда рекъон гьел тадбирал тIоритIулаго чIван вуго изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул кIиго гIахьалчи. Гьездаго цадахъ рукIарал цойгидал ралагьулел руго низамцIунулез.

11 сентябралдаса нахъе Табасаран мухъалда лъазабураб терроризмалде данде чIараб низам хатал бахъунеб буго. Гьеб хасаб низамги лъазабун къуваталъул идарабаз ралагьулел руго Жанубияб Дагъистаналъул изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул гIахьалчагIи.

Хамиз къоялъ гьеб мухъалъул Кужни ва Узул абулел росабазда аскIоб къуваталъул идарабаздаги экстремистаздаги гьоркьоб ккараб тунка-гIусиялъул хIасилалда изнугьечIого яргъидгIуцIаразул кIиго чи чIван вуго, низамцIунулезе щибго къварилъи ккун гьечIо.

Гьел чIваразда цадахъ цойги гьезулго къайицадахъал рукIун ратизе бегьулин абун, къуваталъул идарабаз Табасаран мухъалда гьел чагIи ралагьиялъе хасал тадбирал тIоритIулел руго жеги.

Россиялъул Терроризмалде данде чIараб миллияб комитеталъ тIиритIизарурал баяназда рекъон гьел чIварал кколел руго Табасаран мухъалъул Акка росулъа 36 сон барав Мирзаханов Физули ва 29 сон барав Дербенталдаса Жафар ХанмухIамадов.

Гьел кIиялго изнугьечIого яргъидгIуцIаразул багъа-бачариялъулъ гIахьаллъи гьабиялъулъ чанго соналъ туснахъалъур тIамун рукIун руго.

ЦIех-рехалъул идарабазул баяналда рекъон 20I2 соналъ туснахъалъуса къватIивеги вачIун хадуб Физули Мирзаханов Жанубияб Дагъистаналъул изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул бетIерлъун лъугьун вуго.

Рохьилазда гьоркьов гьев лъалев вукIун вуго ГIусман Мирзаханов абун. Гьединго хасал идарабаз лъазабухъе чIварав Мирзахановас хIадур гьабун букIун буго 2013 соналъул 23 сентябралда Хучни росу бакьулъ бугеб полициялъул бутIа кьвагьизаби.

Гьеб къоялъ кьвагьулеб жоялъул цIураб автомобилалги бачун Табасаран мухъалъул Куштиль росулъа Микаилов Азим вачIана полициялъул бутIаялъул азбаралъуве. Гьеб автомобиль кьвагьиялъул хIасилалда хвана живго Микаиловги полициялъул цойги лъабго хIалтIухъанги. I5 чи лъукъунги вукIана.

Жанубияб Дагъистаналъул изнугьечIого яргъидгIуцIаразул багъа-бачариялъул бищунго къуватаблъун рикIкIунин Табасаран мухъалъул экстремистияб къокъайилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Табасараналъул коррупциялде данде чIараб жамгIияб цолъиялъул гIахьалчи Къурбанов Гъазиханица.

Цебе-цебеги «Эркенлъи» радиоялъе баян кьолаго Къурбановас бицун букIана жидер мухъалда ругел экстремистиял къокъаби къуватал рукIиналъе гIиллалъун бугила гьезие мухъалъул тIалъиялъ кумек гьабулеб букIинилан.

Гьес хас гьабун лъазабулеб букIана цеве Табасаран мухъалъул бетIерлъуда вукIарав, гьанже бюджеталъул гIарац бикъиялъул гIайибги гIунтIизабун хъулухъалдаса вахъарав НурмухIамадов ШихмухIамадицаги гьесул сверухълъиялъги квербакъи гьабулеб букIанин гьел рохьилазейилан.

Гьесул васас гьел экстремистазе гIарацги ярагъги чIезабулин абураб баяналги ругин жиндихъилан лъазабун букIана жамагIатчияс. Гьесул рагIаби уяллъун гьаруна бащадаб лъагIалица цебе изнугьечIого яргъидгIуцIаразе кумек гьабиялъул ва гьезие ярагъ босиялъул гIайибги гIунтIизабун къуваталъул идарабаз ШихмухIамадовасул вас Сандро кквеялъ.

Гьесул ишалда хурхун цIех-рех унеб бугин, гьеб лъугIизегIан Сандро ШихмухIамадов туснахъ гьавухъего вугин абун баянал кьуна «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул цIех-рехалъул идарабазда.

ЛъагIалица цеве хъулухъалдаса ШихмухIамадовги вахъун гьесул бакIалда Алавудин Мирзабалаев тун хадуб Табасаран мухъалда эктремизмалде данде къеркьеялъул иш кинин бугебин абун цIехана «Эркенлъи» радиоялъ Гъазихан Къурбановасулгун букIараб гара-чIвариялда.

Къурбановас абуна мухъалъул бетIер хисунин абун гьениб экстремизм дагьлъулеб гьечIилан.

Къурбанов Гъазихан: «Дуцаго пикру гьабеха, тIалъиялъ кумек гьабичIого гьабщинаб мехалда малъгIанасеб мухъалда, бугеб лъабго гъветI бугеб гIадаб лъедераб рохьор рахчун ругел рохьилал ратичIого рукIунищали. РукIунаро, рукIунареблъи гьеб киназдагоги лъала.

Чан нухалъ гьез гьанже чIварав Мирзаханов кквезе хIалбихьун букIараб. Цо нухалъ къоло хадуб къоялъ валагьизеги валагьун, вугев бакIги чIезабун цохIо кквей гурони гьечIеб бакIалдасаги тIуризе виччан вукIана гьев.

БакIалъул гIадамаздаги гьеб кинабго хIакъикъат лъала. Гьединал хIужаби гIезегIан руго. БетIер хисунин абун гьаниб лъикIаб рахъалдехун хисараб жого бихьулеб гьечIо.

Нижер идараялъ цIех-рехалъул идарабаздеги прокуратураялдеги хъвадарун, нижецаго чанги халгьабиялги тIоритIун мухъалъул бюджет бикъиялъул гIайибги тIадчIезабун хъулухъалдаса вахъун вукIана чанго чи. Диваналъги гьел гIайибиял ругин чIезабун букIана.

Гьанжейин абуни цIияв бетIерас рукIарал бакIалдего жидерго хъулухъазде цIидасан росун руго гьел. Дида кколеб буго гьанже вугев мухъалъул бетIер цеве вукIарас малъухъин хIалтIулев вугин ккола дида».

Дагъистаналъул къуваталъул идарабазул баяналда рекъон Дагъистаналда бищунцIакъ эктремизм цебетIолеб бугел мухъазда гьоркьоб буго Табасаранги.

Жанубияб Дагъистаналда гьеб рахъалъ тIоцебесеб бакIалде буго гьеб. ЦохIо исана соналда жаниб гьеб мухъалда 6 нухалда лъазабун букIана терроризмалде дандечIараб хасаб низам.

XS
SM
MD
LG