МагъчIваялъе рес

Р. Мирзаханов: «Дица низам цIунулел диваналде кьезе руго... »


Рамис Мирзанов
Рамис Мирзанов

Гъоркьисала Табасаран мухъалда хасал тадбиразул заманалда чIварав Мирзаханов Рамисица полициялъулал чIвазе хIал бихьанин аби мекъаб бугилан чIезабун буго гьал къоязда Дагъистаналъул прокуратураялъ. ЧIварасул гIагарлъиялъ лъазабулеб буго бащадаб лъагIел сверанини жеги Рамис чIваялда хурхун такъсиргьабиялъул иш рагьун гьечIилан. Къуваталъул идарабазул хIалтIухъабиги жидеца гьев мекъи ккун чIваялъе мукIурлъулел рукIинчIилан. Цебехун рехсараб прокуратураялъул хIукмуялдаса хадуб жидеца тIалаб гьабизе бугила Рамис чIварал гIадамазе букIине кколеб диван гьабейилан абулеб буго гьез.

Гьал къоязда Дагъистаналъул прокуратураялъ чIезабун буго, Табасараналъул Акка росулъ хасаб операциялъул заманалда чIварав, Мирзаханов Рамисиде гьес низам цIунулезде тIадекIанцIи гьабизе хIал бихьанин абун мекъи гIайиб гIунтIизабун бугилан.

2014 соналъул 21 сентябралда чIварасул рукъалда нахъа бугеб минаялъул бетIергьан, Табасараналъул изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул гIахьалчи ГIабдуселим Мирзаханов кквезелъун тIобитIун букIун буго гьеб росулъ хасаб операция. ГIабдуселимги Рамисги гIагарал чагIи кколел руго. Амма гIагарлъи букIаниги ГIабдуселимил экстремистиял бербалагьиязе гIоло Рамисилги гьезулги кинабгIаги хурхенго букIун гьечIо. Гьел тадбирал тIотIулелъул батIи-батIиял щаклъи бижизабулел гьаркьал рагIун рокъоса къватIиве вахъарав Рамис чIван вуго полициялъулаз.

Къуваталъул идараби Рамис мекъи ккун чIваялъе мукIурлъун гьечIо. Гьелъул гIаксалда, нусги босун жидеде тIадекIанцIанин гьев, цо полициялъулав лъукъизецин лъукъанин гьесилан чIезабун букIана. Гьелда хурхун Мирзахановасда тIад Россиялъул къануналъул 3I7 бутIаялда рекъон такъсир гьабиялъул иш рагьун букIана. Гьелдаго тIаде чIварав - экстремистазул кумекчи вукIанин, гьес хасаб операция тIобитIизе квалквалал гьарунин чIезабулеб букIана къуваталъул идарабазул вакилзабаз.

ЧIварасул вац Мирзаханов Русланица «Эркенлъи» радиоялъе бицана жидер адвокатасул тIалабазда рекъон чанцIулго тIоритIарал экспертизабаз чIезабунила Рамисица лъидениги тIадекIанцIи гьабичIолъи, гьес жив лъукъанани абулев вукIарав полициялъуласги гьереси бицун бугилан.

Руслан Мирзаханов: «Прокуратураялъул хIукмуялда хъван буго Рамисиде мекъи гIайиб гIунтIизабулеб букIин гурониги, гьес гьабурабилан рикIкIунеб такъсирго букIинчIин гьеб бакIалдайилан. Ай полициялъулазде лъицаниги тIадекIанцIиго гьабун гьечIо. Рамисица носоца гьезул цоясул гъажалда ругъун лъунин абиги мекъи бугилан хъван буго гьениб. Гьеб кинабго чIезабизе кIвана нижер тIалабалда рекъон тIоритIарал чанго экспертизабаздалъун. Гьелда тIадеги дида лъана дир вацас жив лъукъанин абун гIарза хъварав Бабаев полициялдацин хIалтIилев гьечIеблъи. Гьесул вац экстремистазулгун хурхен букIиналда бан жанив тIамурав чи вуго. Гьединал чагIи жанисел ишазул идарабазда хIалтIизе риччаларо. Дицаго цIех-рех гьабулеб мехалда дида лъана низам цIунулез гьев Бабаев цеве-цевеги жидерго чорокал ишал рахчизе хIалтIизавулев вукIараблъи. Гьелдаго тIадеги гьаниб абизе ккола Федералияб хIинкъигьечIолъиялъул идараялда ругел лъай-хъваязул кумекалдалъун дида лъана гьеб къоялъ Табасаран мухъалда яги сверухълъиялда цохIониги хасаб тадбир тIобитIизе хIисабалде босун букIинчIилан».

Гьедин жидедаго лъикIин ккараб жо гьабулеб бугила къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз. Гьезда кинабгIаги гIорхъи-рахъ лъалеб гьечIила, щиб гьабуниги гьездаса гьеб тIаса кколеблъиялда ракI чIун бугин низам цIунулезулилан лъазабулеб буго Мирзахановасул гIагарлъиялъ. Гьелде данде къеркьезе ругин жалилан чIун руго гьел. Гьезул цIакъ ццин бахъун буго Рамис чIван хадуб 8 моцI аниги жеги гьев чIваялда бан такъсир гьабиялъул иш рагьун гьечIолъиялъ.

Руслан Мирзаханов: «Дир вац чIварал чагIазда ва гьезул нухмалъулесда тIад такъсиргьабиялъул иш рагьейин абун тIалаб гьабизе буго нижеца цIидасан. Гьабщинаб мехх аниги жеги гьеб рагьизе хIалIтIигицин гьабун гьечIо цIех-рехчагIаз. Гьаб сагIат гьеб ишги киса-кибего нахъеги босун Рагъулаб цIех-рехалъул идараялде кьун буго. Гьезухъанги кинал рукIаниги баянал щвезе захIмалъулеб буго. Кин букIаниги нахъе къазе гьечIо ниж. Гьел низам цIунулезда жидеца бокьараб гьабизе бегьулин ккун буго. Гьел ругьунлъун руго щиб гьабуниги гьезие тамихI гьабунгутиялде. Дица гьеб хасаб оператция тIобитIараб къокъаялъул бетIерасда абун букIана ритIухълъи балагьичIого тезе гьечIин дица, гьеб такъсирги нужеца гьабунин чIезабизе бугилан. Гьеб мехалдаги дие хIинкъаби кьезе лъугьана гьев дуца гьел рагIаби цIакъго рагIизарун абунилан абун».

Гьединго Русланица лъазабуна Рамисил ишалда гъорлъ ФСБялъ кьураб официалияб кагъат бугила гьесул экстремистазулгун кинаб букIаниги хурхен букIинчIин абун. ГьанжелъагIан гьев экстремист вугин чIезабизе хIал бихьиялъухъ ва гьереси баянал тIиритIизариялухъги жиндица хасал идарабазда тIасан диваналде гIарза хъвазе бугилан.

XS
SM
MD
LG