МагъчIваялъе рес

Миллиардазул багьаяй гьитIич


Россиялъул президент Владимир Путинил яс Катерина Тихонова
Россиялъул президент Владимир Путинил яс Катерина Тихонова

Россиялъул президент Владимир Путинил ясалъул рахъалъ баянал кьезе жинда тIадаб гьечIин лъазабуна гьесул пресс-секретарь Дмитрий Песковас. Гьедин лъазабиялъе гIиллалъун ккана Путинил ясалъул фамилия Тихонова абун тIатин. Инсул фамилия хисиялъе гIиллла щиб? ЦIуна-къай букIиналъул мурадищ яги бугеб-гьечIеб мал-мулкги хъулухъалги ирсалъе щвезе рес букIинищ? Ругищ гьединал мисалал Дагъистаналда?

«Иннопрактика» абураб гIелмияб гIуцIиялъул нухмалъулей Катерина Тихонова Владимир Путинил яс йикIин Reuters агентлъиялъе тасдикъ гьабун букIун буго «Газпромбанкалъул» нухмалъулев Андрей Акимовас. Жинда гьей гьитIинаб мехалдасанго лъалаанин, гьанже 29 сон барай гьей гьанже росасад айигин «Россия» абураб банкалъул акциячи Николай Шамаловасул вас Кириллида. Франциялъул Биаррице абураб ралъдал рагIалда гьел кIиязулго бугин 3 млн. долларалдаса цIикIкIун багьаяб виллаги.

Амма Путинил пресс-секретарь Песковас абулеб буго прессаялда жинда бихьанила живго Андрей Акимовасул жавабги, жинца киданиги лъиениги бицинчIин Путинил ясалъул хIакъалъулъин хъвалеб бугила гъос.

Путинил ясалъ битIун гьабун бугин фамилия хисун батанийин рикIкIунеб буго Дагъистаналдаса шагIир Майсарат МухIамадовалъ, гурони, гьелдехун сверухъ ругезул кIвар цIикIкIун букIунила.

Майсарат МухIамадова: «Нилъераз рахчарал лъималазул хIакъалъулъ дида лъаларо. Амма Путинил рахъалъ абила. ЦIуна-къаялъул мурадалдаги рахчизе бегьулелъул гьединал машгьурал чагIазул лъималазул цIарал. Путинил ясин абунани, кIудияб ахIи-хIур букIинарищ гьелда сверухъги? Гьединлъидал гьелъие бокьун батилаха жийго лъачIого йикIине, эркенго дое-гьание хьвадизе».

Бицен гьабулеб хIужаялда бан гьадинаб гIажаиблъи бижулеб буго Гонконгалда чIей бугев Дагъистаналдаса блогер Камал Салмановасулъ.

Камал Салманов: «Дица гIажаиблъи гьабулеб жо буго дунялалдаго машгьурал журналазги («Форбсалъ») цогидаз киналго президентазда гьоркьов бищун къуватавлъун рикIкIунев нилъер президент кигIан талихI къарав чи вукIине кколев жиндаго сверухъ вугевщинав чиясда щакдарулев ва киназдасаго жиндирго лъимал (цIаралги хисун) батIи-батIиял хIукуматазда рахчизе ккани. Рахчизарурал гIечIого, киназего якъинлъидал гьеб хIужа нахъчIвазабизе жиндирго пресс-секретарьги тIамулев вуго. Дида гьелда лъезе цIарги лъаларо. ЦIуна-къаялъул мурадалда рахчизарулел ратани, сункьа рахчун гьел рукIине кколел? Кинаб гIумру гьеб букIине кколеб? ТалихIкъосин гурищ гьеб, жидерго лъимал гурин гьелилан пресс-секретарал кIалъазе тIами?

Гьелдасаги гIажаилъи гьабизе тIамулеб жо буго гьеб суалалда тIасан хъвараб посталда гъоркь фейсбукалда нилъер чагIаз лъун ратарал жавабал. Гьезул гIемерисез ритIухъ гьабулеб буго Путинил ясалъ фамилия хиси. Гьелда лъезе цIарго батулеб гьечIо дида. Улкаялда тIолабго политика буго гьерсида «буцун».

Камал Салмановас гьединго ракIалде щвезарулел руго СагIудиязул ГIарабиялда жинда дандчIварал Дагъистаналъул хIакимзабазул лъималги.

Камал Салманов: «Дица ГIарабиязул Эмиртазда гIумру гьабулеб бана 6-7 сон. Гьенир дида гIезегIан рихьана республикаялъул тIалъиялдаса чагIазулги бизнесменазулги лъимал. Гьенир виллабиги, рукъзалги, багьаял машинабиги росун рукIана гьел. Амма цIарал хисун рукIанищ гьезали лъаларо».

Россиялъул президентас гIадин жиндирго лъимал батIиял фамилиязда гъоркь рахчулеб даражаялдеги ресалдеги жеги щун ратиларин Дагъистаналъул хIакимзабиян рикIкIунеб буго Болъихъа жамгIияв хIаракатчи Муртуз ХIасанхIажиевас.

Муртуз ХIасанхIажиев: «Нилъер гьанир гьединал хIужаби рукIун ратиларо – тIалъиялдаса чагIаз жидерго бечелъи тIад хъвазелъун лъималазул фамилиял балъго гьарулел. Гьезул лъималаз ругоха бюджеталъ гIарац биччалел лъикIал хъулухъал кколел. Расниги лъикIаб пикру гьечIо гьеб. Иш гьедин букIине бегьуларо. ТахбакIал кьезе ккола гьезие мустахIикъал чагIазе. Амма Россиялда кибго гьедин буго гьеб – Москваялдаса байбихьун. Масала, Ивановасул (РФялъул президентасул Администрациялъул нухмалъулев – ЭР), Патрушевасул (Россиялъул ХIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул гIуцIиялъул секретарь – ЭР) ва цогидазул лъимал кир ругелали лъала нилъеда. Гьединго Дагъистаналъул хIакимзабазул лъималги росани – парламенталъул спикерасул вас вукIана Буйнакск мухъалъул нухмалъиялда, республикаялъул бетIерасул вас вуго Каспийскалъул мэр хисулев… ПалхIасил, нилъер Кавказалъулго хаслъиги батила гьеб – тIалъиялдаса чагIаз жидерго лъимал тахбакIазда тей. Амма щибниги лъикIлъи гьелъ нилъер жамгIияталъе кьоларо».

Дагъистаналъул хIакимзабаз жидерго лъималазул фамилиял балъго гьаризе кколарин, щайин абуни жидерго бечелъи тIад хъвазе гIагарлъи цIикIкIун букIунелъулин абун гьабулеб махсараги рагIизе бегьула республикаялда.

XS
SM
MD
LG