МагъчIваялъе рес

Немцовасул доклад: гьеб Россиялъул рагъ гуро, гIицIго Путинил рагъ буго


Доклад цIаларазул баккизе бегьула гIажаибаб пикру. Немцовас гьеб такъсир гьабиялъул иш гIадин хъван бугин ракIалде ккезе бегьула. Ва уголовияб ишги гьес Путинида тIад рагьун букIанин абизе бегьула.

Борис Немцовасул материалазда рекъон Украиналда унеб конфликталда сверухъ хIадур гьабураб хасаб докладалъе къимат кьеилан гьарулеб буго Евроцолъиялда Петр Порошенкол администрациялъ. Евроцолъиялда вугев Украиналъул официалияв вакил Константин Елисеевас Европалъул хIакимазухъе щвезабун буго доклад. Россиялъ сепаратистазе кумек гьабулеб букIиналъул ва Россиялъул солдатал Украиналда унеб конфликталда гIахьаллъиялъул далилал рехсон руго Немцовасул докладалдаилан рикIкIунеб буго Елисеевас.

28 февралалда Москваялъул централда чIварав Немцовас Украиналда бугеб ахIвал-хIалалда сверухъ доклад хIадурулеб букIана араб соналдаса байбихьун. Гьеб докладалда тIад хIалтIулаго гьес гIемер материалал ракIарана ва гьелги хIисабалде росун оппозициялъул активистаз – Илья Яшиница ва Ольга Шориналъ – хIадур гьабуна доклад. Гьелъул презентация тIобитIана 12 маялда Москваялда. Яшиница бицана доклад кьабизе типография батизе замхIмалъанин: 14 типографиялъ инкар гьабуна гьеб кьабиялдаса – ахир-къад цо типографиялъ кьабана тираж, амма жидер цIар рехсогеян гьарана гьелъул хважаинзабаз.

Кин жал Украиналде ккарал, кинал тунка-гIусиязда гIахьаллъарал ва кинал операциял жидеца гьаруралали бицун буго Россиялдаса солдатаз докладалъул авторасе. «Путин. Рагъ» абураб докладалъулъ буго 11 бутIа. Россиялъул солдатал чIваялъул ва Малайзиялъул авиакомпаниялъул самолет кьвагьиялъул мухIканго бицунеб буго гьеб докладалда.

Докладалда рекъон, 2014-леб соналъул августалда Украиналъул армиялъ хасаб операция гьабулеб букIана Иловайск росуда гIагарда. Сепаратисталгун тунка-гIуси ккана ва сепаратистазе кумек гьабулеб букIана Россиялъул солдатаз. Россиялдаса I50 солдат чIвана гьеб кьвагьа-гIанхъиялдаилан, хъван буго докладалда. Хварал солдатазул гIагарлъиялъе жив-жив чIварасухъ кьун буго гъурщил кIи-кIи миллион ва гьезухъа рагIи босун буго гьез бицине гьечIин, щай солдатал хваралали.

Гьединго, Немцовасул материалазда рекъон, Россиялдаса 70 солдат хун вуго Дебальцево шагьаралда гIагарда гьаб соналъул январь-февралалда ккарал тунка-гIусиязда. ЧIварал солдатазул гIагарлъиялъул интересал цIунулез гIарза хъван буго Немцовасухъе компенсациял щвезе кумек гьабеян. Немцовас хъвавухъе, доб мехалда Донбассалде ритIулел солдатазул контрактал хвезарулел рукIана ва Миноборонаялъ абулеб букIун буго гьезда Украиналде командировкаялъул лъикIаб харж кьелин гьезие, нагагь гьел чIванани – гьезул гIагарлъиялъе компенсациялги кьелин.

Украиналъул конфликталда гIахьаллъиялъ Россиялъе экономикияб заралги кканаилан хъван буго докладалда. Гьелда тIад Немцовгун цадахъ хIалтIулев вукIарав экономикаялъул цIех-рехал гьарулев Сергей Алексешенкоца хъвавухъе, Украиналъул юго-востокалда унеб рагъде Россиялъ биччана гъурщил 53 млрд. Алексешенкол къиматалда рекъон, 21 млрд ун буго Россиялдаса 6 азарго ополченецасе кверчIваялъе, 25 млрд ана Донбассалдаса 30 азарго сепаратистасе кверчIваялъе, 7 млрд биччана рагъулаб техника хIалтIизабиялъе, гьеб къачIаялъе ва гь.ц. къваригIелазе.

Россиялъул регионазул бюджеталдаса гъурщил 80 млрд биччан буго Украиналъул Луганск ва Донецк мухъаздаса лъутун рачIаразе кумекалъе.

Россиялъул регионазул бюджеталдаса араб соналда гIаммаб къагIидаялъ гъурщил 80 млрд биччан буго Украиналъул Луганск ва Донецк мухъаздаса лъутун рачIаразе ай беженцазе кумекалъе.

ТIадежоялъе, Крым Россиялде гъорлъ ккезабун хадуб Россиялъул гражданазе рихьизарурал социалиял льготаздаса ва пенсияздаса 2 трлнгун 750 млрд гъурущ хвезабуна гьеб регионалъул тIалабал тIураялъе.

Немцовасул докладалда рехсон руго Донбасалда Шималияб Кавказалдаса рагъулал рукIиналъул хIужжабиги. ГIемер рагъухъаби рукIун руго Чачан республикаялдаса, Дагъистаналдаса, Шималияб Осетиялдаса. Материалаздаса бичIчIулеб буго гьел хIужжаби кин Немцовас ракIарарал: солдатаз жидерго суратал социалиял сайтазда лъолел руго, видеорегистратораз рахъарал видеоял интернеталде рехулел руго, гьезул суратаз воцапаздасан тIиритIулел руго.

Чанги информалатазги хъвана ва хъвалебги буго, Россиялдаса солдатал Украиналда унел тунка-гIусиязда гIахьаллъулел рукIиналъул чанги далил бугин, амма Россиялъул нухмалъулез гьел харбазе баянал кьолаго абулеб буго гьеб кинабго гьереси бугин, солдатал гьенир гьечIин.

Конфликталда гIахьаллъарал солдаталгун гара-чIвари гьабизе журналистазе къанагIат гурони щун букIинчIо. Мисалалъе, «Новая газетаялдаса» Елена Костюченколъ гьабун букIана интервью Бурятиялдаса рагъулавгун. Тунка-гIусиялда гьев квешго лъукъана ва гьесул тIом гIемерисел бакIазда бухIун бугоан.

Гьал къоязда «Рейтер» агентствоялъги жидерго цIех-рех тIатинабуна. Агентствоялъ интервью гьабун буго чанги солдатгун. Мисалалъе, гьезул цояв кколаан Москваялдаса. Гьес бицана араб соналъул риидал жал Москваялдаса Ростов икълималде ритIанин. Гьезда абун буго гьенир рагъулал ругьунлъаби рукIине ругилан. Танковияб дивизиялдаса гьев солдатас абухъе, Ростовалде гьел щвечIо, Украиналде ритIана гьел.

Официалиб Москваялъ абулеб буго Украиналда ругел Россиялъул солдатал – гьел солдатал гурин, жидерго гъираги баккун, армия тун, гьенире арал ополченцал ругин. «Гражданин. Армия. Право» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб къукхаялъул нухмалъулев Сергей Кривенкол рагIабазда рекъон, офицераз солдатал-контрактникал тIамулел руго Украиналде ине. Гьел хIинкъизарулел руго, армиялдаса нахъе гъезе ругин абулеб буго, гIарац кьезе бугин абулеб буго.

Кривенкояс абухъе, гIемерисел солдатал разилъулел руго, щай абуни, мисалалъе, хъизан хьихьизе гьезул цогидал ресал гьечIо. «ГIемерисел контрактниказул хъизанал руго, гIарац кьезе кколел рукъзал руго, ипотекаби руго, налъаби руго. ГIарац бачIине бегьулеб цогидал ресалги гьечIо гьезул. Гьелдалъун, армиялдаса нахъе рехичIого рукIиналъе гIоло, гьел разилъулел руго Украиналде ине», - илан абуна Кривенкояс.

«Эркенлъиялъ» цодагьалъ цебе бицухъе, «Ставрополь икълималдаса солдатазул улбул» абураб гIуцIиялъул нухмалъулей Людмила Богатенковалъ лъазабун букIана Украиналда унеб рагъулаб конфликталда гIахьаллъулел Россиялъул солдатазул сияхI бугин жиндихъ кодоб ва гьеб сияхIалда рехсон бугин щунусго хадуб цIар. «ГIемерисел руго Дагъистаналдаса, Чечняялдаса, Шималияб Осетиялдаса», - илан абуна Богатенковалъ ва тIаде жубана Украиналде арал солдатазе 250 азарго гъурщидалъун премия кьолеб бугин.

Инсанасул ихтияразул информациялдаса, мисалалъе, мухIканго лъала Донецкалда чIварав 11 дагъистаниясул цIарги. Гьел тIатинаруна «Рагьараб Россия» гIуцIиялъ. «Черновик» газеталъул лъазабиязда рекъон, республикаялдаса къоло хадув солдат хун вуго Украиналда. Газателъ хъвавухъе, Донецк ва Луганск икълимазда ругел рагъулал конфликтазда чIвана Буйнакск мухъалъул Гъоркьа Гъазданущиб ва Атланаул росулъа чагIи, Дербент мухъалъул Белиджи росулъа чагIи, Хасавюрт мухъалъул Шагьада ва Аксай росулъа чагIи, руго хварал Бабаюрт, Гъизляр ва Гъизилюрт мухъаздасаги.

«Новое дело» газеталъ хъвавухъе, конфликтазде солдатал унел армиялдаса жал нахъе къотIичIого рукIиналъе гIоло. Украиналде аразда гъорлъ киналго руго контрактникал ва гьелгун хъвараб-къотIи солдатал хун хадуб бихьизабулеб буго. Гьелда рекъон, солдатал армиялдаса жалго нахъе ана ва хадур ана Украиналде.

Хварал солдатазул гIагарлъиялдаса чагIи журналистазе баянал кьезе хIинкъулел руго. «Эркенлъи» радиоялъ хIалбихьана кIалъазе МахIачхъалаялдаса Аминат Мурадовагун, цIар хисараб абулеб буго. Гьелъул рос Ставрополь икълималда рагъулаб бутIаялда контрактник хIисабалда хIалтIулев вукIана. Щвараб информациялда рекъон, гьев витIун вуго Донецк икълималде ва гьенив чIван вуго. Мурадовалъ инкар гьабуна баянал кьезе. Гьелъул номер радиоялде кьурал чагIазда Мурадовалъ абун буго журналист кIалъалев вукIанин ва гьесие жинца гьереси бицанин жиндир рос Украиналда хвечIин. Гьелъ абуралда рекъон, гьей хIинкъулей йиго баянал кьезе. Лъихъаса ва сундаса хIинкъулей йигейали гьелъ бицун гьечIо.

Немцовасул докладалъе батIи-батIиял къиматал кьолел руго экспертаз. Украиналдаса политолог Максим Разумнияс «Главред» сайталъе абухъе, Украиналда гьеб доклад батIаго интересаблъун букIинаро – гьениб докладалда рехсарабщинаб гьадингоги лъалеб букIана.

«Хьул буго гьеб доклад магърибалъул аудиториялъухъе щвелин. Немцов вукIана машгьурав политиклъун ва гьесул хIалтIуе букIине кколеб къимат кьела Европаялда. Лъица гьев чIваравали мухIканго лъалеб гьечIо, амма киназдаго бичIчIулеб буго гьесул чIваялъулъ Россиялда бугеб политикияб режим гIайибияблъун кколеблъи. Россиялда букIинищали интерес захIмалъулеб буго абизе, амма гьеб документ хIисабалде босичIого тезе гьечIо», - ян абуна политолог Разумнияс.

Лъица гьев чIваравали мухIканго лъалеб гьечIо, амма киназдаго бичIчIулеб буго гьесул чIваялъулъ Россиялда бугеб политикияб режим гIайибияблъун кколеблъи.

Гьеб доклад диваналде щвезабизе кколеб документ бугин бицана социалиял цIех-рехал гьарулел «Трива» къукъаялъул нухмалъулев Николай Рустамовас. «Эркенлъиялъе» гьес абухъе, Украиналда гьабурабщиналъухъ халкъазда гьоркьосеб диваналъ Владимир Путин жавабалде цIанани, гьесул гIайиб чIезабиялъул далилазда гьоркьосан Немцовасул доклад букIинаан аслияблъун.

«Немцовасул карьераялда чанги батIиял хIужжаби рукIана: рукIана бергьенлъаби, рукIана къеял. Гьесул политикияб карьераялъул аслияб хIасиллъун ккола Украиналда унеб конфликталда тIаса бакIарараб материал. Украиналда гьеб доклад биччазе ккола ингилис мацIалда ва Европаялъул улкабазда тIибитIизабизе кколаан. Гьеб доклад гуро, гьеб буго Путинил гIайиб бихьизабулеб документ. Россиялда Путинил кIудияб рейтинг буго, гьесие гьеб рейтинг пропагандаялъ гьабуна. Гьелдалъун россиялъулаз докладалъе букIине кколеб къимат кьезе бугин абураб жоялда божилъи батIаго гьечIо», - илан абуна Рустамовас.

Экспертас абухъе, Немцов чIван ватизе бегьула гьеб доклад сабаблъун. Информалатаз хъвавухъе, Немцовас доклад хIадурулеб бугин абун хадуб кIиго къо индал чIвана гьев.

Россиялдаса цо-цо экспертаз Немцовасул докладалъе батIаго лъикIаб къимат кьечIо. Гьес рехсарал хIужжабазул хIакъалъулъ цебе чанги нухалда прессаялда хъван букIанин, абуна политолог Олег Матвейчевас.

Немцовасул доклад цIаларазда Украиналда Россиялъ гьабурабщинаб лъазе бугин, абуна «Эркенлъи» радиоялъе Human Rights Watch гIуцIиялъул Россиялда бугеб вакиллъиялъул нухмалъулей Татьяна Локшинаца.

Татьяна Локшина: «Дир пикруялда рекъон, гьеб докладалъул аслияб кIвар бугеб рахълъун ккола гьениб щибниги цIияб жо гьечIолъи. Немцовас жиндирго хасаб цIех-рех гьабулеб букIинчIо, сенсациял ралагьулел рукIинчIо гьес. Гьеб доклад ккола батIи-батIиял информациял ракIарун гьабураблъун. Гьел информациял бокьарасе ратизе бегьула батIи-батIиял бакIазда. Немцовас гьел цо бакIалде ракIарана ва гьелги хIисабалде росун Украиналда унеб рагъда сверухъ анализ гьабуна. Украиналда ккарабщиналъул хIакъалъулъ лъазе буго гьеб доклад цIаларазда».

ГIадамазда Россиялъул хIукуматалъул гьумер бихьизабизе бокьун букIанин Немцовасеилан рикIкIунеб буго Локшиналъ.

Татьяна Локшина: «Россиялъул солдатал Украиналъул рагъулал зонаязда рукIиналъул хIакъалъул Магърибалда бицунеб буго, бицунеб буго Европаялъул улкабаздаги, Евроцолъиялдаги. Амма Россиялъул хIукумат жиндирго позициялда чIун буго. Россиялъул цониги солдат Украиналда гьечIилан абулеб буго гьез. Гьелдалъун Немцовасул доклад букIине буго солдатазул темаялда тIаса дискуссия баккарабго рехсезе бугеб докладлъун. Гьеб рехсезе буго тIоцебе Магърибалдаса политиказ. ТIадежоялъе, докладалъул форматги хIисабалде босун абила, гьеб бихьулеб бугин гIайиб чIезабиялъул документ гIадин, трибуналалъе хIадурараб доклад гIадин. Украиналда жакъа бугеб кризисалъулъ Россиялъул гIайиб букIин, Россиялъ гьеб кризис байбихьараблъи бихьизабизе хIалбихьана авторас. Гьединаб къагIидаялъ авторас бихьизабулеб буго Россиялъул жъакъасеб хIукумат щиблъун кколеб, бихьизабулеб буго Россиялъул нухмалъиялъул партия рагъалъул ва кризисалъул партия букIин. Магърибалда гьеб докладалдехун интерес букIинаан, амма гьеб доклад Немцовас хъвалеб букIана Россиялда гIумру гьабун ругел гIадамазе. Жакъа къоялда Россиялда бугеб авторатирияб низамалда оппозициялъул политикасда щиб гьабизе кIолеб? Немцовас хIалбихьана хIакъикъат бицине, хIукуматалъул ишал рихьизаризе. ГIадамаздаса хIукуматалъ бахчулеб рахъ бихьизаби букIана гьесул мурадлъун».

Амма россиялъулазе гьеб доклад къваригIун бугодай? ЖамгIияталъул цIех-рехал гьарулел центразул баяназда рекъон, Украиналда конфликт ккун хадуб ва Россиялде гъорлъ Крым бачIинабун хадуб Путинил рейтинг тIаде бачIана, россиялъулазда гъорлъан гьесул ишаздаса рази ругезул къадар 86%-алде бахана. БачIунаго гьеб доклад Россиялъул жамгIияталъ къабул гьабилин жиндир хьулал гьечIилан абуна «Эркенлъиялъе» эксперталъ.

Татьяна Локшина: «Путинил гьедигIан кIудияб рейтингги букIаго, хIукуматалъул политикадул рахъкколезул къадарги цIикIкIун букIаго, Россиялъул жамгIияталъе гьеб доклад къваригIун бугин абизе кIоларо. Гьеб доклад бугеблъи цоязда лъазецин гьечIо, цогидазда гIицIго рагIизе батила щиб букIаниги гьеб докладалъул хIакъалъулъ, лъабабилезни гьеб цIализе батила чIварав политикас хIадурараб доклад бугиланги абун. Амма, дида кколеб буго, улкаялда жаниб жиндир заманаялда докладалъе ватизе вуго гьеб цIализесев чи».

"Гьединал материалал Кремлалда цIалулин ракIчIун абизе кIола дида. Гьединал резонансиял материалал цIаличIого толаро президентасул администрациялда"

Немцовасул доклад интернеталда бигьаго батизе бегьула – чанги сайтазда гьеб бахъун буго. Гьеб докладалда тIаса Кремлалъ баянал кьолел гьечIо. Мисалалъе, Россиялъул президентасул пресс-секретарь Дмитрий Песковас абуна жинца гьеб доклад цIаличIин ва Владимир Путинил заман гьечIин гьеб доклад цIализеян. Докладалъе къимат Кремлалда кьезе бугодай? Рагьун лъицаго бицичIониги, гьеб доклад цIализе бугин Путинил администрациялдаилан абуна Human Rights Watch гIуцIиялъул Россиялда бугеб вакиллъиялъул нухмалъулей Локшинаца.

Татьяна Локшина: «Гьединал материалал Кремлалда цIалулин ракIчIун абизе кIола дида. Гьединал резонансиял материалал цIаличIого толаро президентасул администрациялда. Оппозциялъул политиказул ва экспертазул пикрабазул интерес букIуна Кремлалда. Дида ракIчIун абизе кIола гьенир Human Rights Watch гIуцIиялъул, Amnestey International гIуцIиялъул докладалги цIалулин. Гуманитариял ихтияразул рахъалъан халкъазда гьоркьосел къанунал Украиналъ хвезариялъул хIужжаби рехсараб нижер докладалъул цо-цо бутIаби Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лаврос цо рагIи хисичIого цIалана чанги бакIазда. Гьелдалъун, гьел гурел, нижер гIуцIиялъул цогидал материалалги цIалун ратила Кремлалда. Суални буго гьадинаб: цIалун хадуб, кинал къиматал гьенир кьолел гьел докладазе».

Немцовасул докладалъул ахиралда бахъун буго политикасул хитIаб. Россиялъул солдатазе хъвараб хитIабалда Немцовас абулеб буго Украиналда бугеб конфликт – гьеб Россиялъул рагъ гурин, гIицIго Путинил рагъ бугин, гIарцуе ва хIукуматчилъиялъе гIоло вагъулев вугин гьев.

XS
SM
MD
LG