МагъчIваялъе рес

Борис Немцов чIваялъул ишалда процессуалиял гъалатIал ратана адвокатазда


Москваялъул диваналъ къанунияб гуреблъун рикIкIана Борис Немцов чIваялъул ишалда хурхун ХIамзат Бахаевги Шагьид Губашевги аресталде гъоркьи воси.

Диваналъул хIукмуялда рекъон, гьел аресталда гъоркь хутIизе руго 7 апрелалде щвезегIан. Гьеб заманалда жаниб Баманный диваналъ цIидаса гьоркьоб лъезе кколеб буго гьел аресталде гъоркье росиялъул цIех-рехалъул цебелеъей.

Диваналъул данделъиялда адвокатаз кIвар буссинабуна арест гьабулеб мехалда риччарал процессуалиял гъалатIазде. Гьезул пикруялда гьезул щивасул арест тIобитIизе кколеб букIун буго индувидуалияб къагIидаялда. Гьел цадахъаб хIукмуялдалъун аресталде гъоркье роси кколеб рагIула Такъсириябгун процессуалияб кодексалъул нормаби хвезари.

XS
SM
MD
LG