МагъчIваялъе рес

Дагъистаналда гIуцIулеб буго миллиял басмабазул цолъи


МагIарул мацIалда рахъулел басмабазул нухмалъулезул данделъи

23 апрелалда МахIачхъалаялъул «Дом Дружбы» минаялда жаниб тIобитIана магIарул мацIалда рахъулел басмабазул нухмалъулезул данделъи. Гьеб данделъи тIобитIиялъе аслиял гIиллабазул цояб букIана гьанжесеб заманалда гьел басмабазул кинаб хIал бугеб ва кин гьел хIалтIизе кколел цIиял шартIазда рекъон абураб. Гьел гурел цогидалги суалал рорхана гьенир.

Гьеб данделъиялъул аслияб хIасиллъун кканин абизе бегьула магIарул мацIазда риччалел басмабазул ассоциация гIуцIи. Гьединго киналго басмабазул макъалаб цойиде ракIарун, гьел цогидал гIадамаздаги рихьизе цогояб информациялъулаб портал гIуцIизеги хIукму гьабуна гьениб. МагIарул мацIазда риччалел басмабазул нухмалъулел данде ракIарараб тIоцебесеб данделъи букIана гьеб. Аслияб куцалда гьенир рукIана мугIрузул мухъазда ругел газетазул редакторал. Гьединго миллиябгун, творческияб интеллигенциялъул вакилзабиги рачIун рукIана гьенире.

Интернет-мухъ

Данделъи тIобитIиялъе аслияб гIиллалъун букIанин абизе бегьула мугIрузул мухъазда риччалел газетазул жакъа бугеб хIал, кинаб ахIвал-хIалалда рекъон гьел хIалтIулел ругел абураб суал борхи. Гьедин газетазул редактораз бицунелда рекъон жакъа цIалдолез гъираялда цIалулеб газеталъун хутIун гьечIо.

Гьелъие ругел гIиллабиги рехсана. Мисалалъе, ункъо гурони тIамач гьечIеб гьеб газеталда, щибаб номералда мухъалъул администрациялъул хIукмабиги, хитIабалги кьун цIализе тIаде ракIцIалеб макъала бахъулеб гьечIин, гьелъги цIалдолев тIезавулев вугин газеталдаса. Гьеб гуребги газеталда дагьаб гурони харж гьечIолъиялъги рачIунел гьечIин гьенире гIолохъанал мухбирзаби хIалтIизе. Гьелъ росабалъ гIумру гьабун ругел гIадамазул яшавалъул хIакъалъулъ макъалабиги цIакъго дагьал ругин, цо-цо мухъазул басмабазда гьел тIуранго гьечIин.

Гьединго жакъа мухъазул газетазул гьечIин цоцазул басмаби цIалулеб къагIида, цоцаздаса дарсал росун пайдаяб информация хIалтIизабулеб гьечIин абулеб букIана гьез.

Шамиль МухIидинов, лингвист ва жамгIияв хIаракатчи
Шамиль МухIидинов, лингвист ва жамгIияв хIаракатчи

Республикаялда кколел ругел лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ цIиял харбал кьолеб алатлъун гьанжеялдаса къого-лъеберго соналъ букIун батани, жакъа гьединаб информациялъулаб алаталъун гьечIин бокьараб газетин абуна «Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиевас. Газета букIине кколин аналитика гьабулеб информация гьабулеб басмалъун. Щайгурелъул анкьидаса гьеб газета цIалдолесухъе щвезегIан гьениб кьун бугеб цIияб хабар цо секунд-параялда жаниб интернеталъ щвезабулеб бугин кIигIан рикIкIада вугевги цIалдолесухъе.

Амма кин бугониги жакъа мухъазда бичалеб газеталъул хIажалъи бугин гIадамазеян рикIкIунеб буго Казбек мухъалда биччалеб «Чапар» абураб газеталъул редактор Чупалаев Мухтарица.

Чупалаев Мухтар: «Нижер мухъалда гIумру гьабун вуго 45 азарго чи, гьезда гьоркьор дагьал гьечIо газета цIалулел чагIи. Аслияб куцалда гьезда гьоркьор руго цIикIкIараб ригьалъул гIадамал. Газета дагьабниги кватIани, кидайин гьеб бачIунебилан гIемерав чи вачIуна кIалъан. Гьединго газеталда бахъараб макъалаялда тIасан бахIсал тIоритIулелги гIемер руго цIалдолезда гъорлъ.

Гьаниб борхараб лъикIаб суал букIана архивазул. Нижер дора 1963 соналъ рахъулел рукIарал газетазулги архив буго цIунун. Хадубккунги гьеб цIунизе буго, Аллагьас хъван батани, щайгурелъул зама-заманалдаса чанги чи вачIуна кIалъан пуланаб заманалда жидер кIудияв инсул хIакъалъулъ материал бахъун букIун бугин газеталда, цIализе кьеларищилан абун. Гьединго «Архивалдаса макъала» абураб рубрикаги буго нижер газеталда».

Гьеб данделъиялъул бищун жиндие рекIее гIураб хIасиллъун кканин киналго газетазул макъалаби цойиде ракIарун цогояб информациялъул портал гIуцIизе букIинилан абуна нижер программаялъе, Хасавюрталда биччалеб «НасихIат» газеталъул хIалтIухъан Амаева ПатIиматица

ПатIимат Амаева: «Щайин абуни нижер «НасихIат» газеталъул букIинчIо цогидал газетаз хъвалеб бугелъул баян щолеб къагIида, гьанже гьединаб портал гIуцIани гьединаб рес щвезехъин буго. Гьединго цIакъ бокьана цоцазулгун бухьен щула гьабизе бугилан бицараб хабаралъги.

ЭР: «Нужеца цебе хадуб халкколаанищ цогидал газетал хIалтIулел куцалъухъ, гьез хъваралдаса пайда босизе хIалбихьулеб букIанищ?».

ПатIимат Амаева: «БитIараб бицани букIинчIо. Щайгурелъул цогидал мухъазул газетал нижехъе къанагIат гурони щолароан, щвараб мехалъги кIиго моцIица цебе биччараб газета гурони щолароан. Гьединлъидал гьениб бугеб басрияб баяналъ нижее кьезе жо букIинчIо. Гьанже гьеб интернет портал гIуцIиялъ цIиял ресал рагьизе руго».

Амма кагътида хъвараб баян интернеталъ цIалдолезухъе хекко щвезабулеб бугониги, тIубанго газета тIагIине рес гьечIилан рикIкIунеб буго Амаева ПатIиматица. Щайгурелъул интернет хIалтIизабие лъаларел чагIиги чанги ругин жакъа магIарул росабалъ, гьединлъидал газета кидадай бачIинаян гъираялда ралагьун чIарал гIемерал цIалдолел ругин жидер басмаялъул.

XS
SM
MD
LG