МагъчIваялъе рес

Бичун босулареб хазинаялда тIад хIалтIи


Миллияб библиотекаялъул лъабабилеб тIалаялда тIобитIана тележурналист ва гIолохъанай гIалимчIужу, гIелмабазул кандидат Хатимат МухIамадовалъул тIехьалъул презентация.

БитIараб бицани Хатиматица дие гьеб тIехь сайгъат гьабурабго дица тIад хъван бугеб цIаралдаса хIинкъун дандечIвараб рагьун букIинчIо. "Гьаниб щибниги дир хIакъалъулъ квешаб жо хъван батуларо" - ян Хатиматие махсароги гьабун тун букIана.

Хасго тату хвезабуна тIехьалда лъун бугеб чIамучIаб гIелмияб цIаралъ. КъосинчIого ахиралде швезегIан гьаб цIализе кIварав чи Хатиматил бакIалда телевидениялдецин восизе бегьула. Гьале гьеб "Структурно-семантическая и антропоцентрическая организация паремий аварского языка". Гьаб жо цIалун хадув жаниве ваккизе чан чияс таваккал тIамилеб? Жакъа, арбагI къоялъул сагIат лъабгоялда презентациялде ахIарабго инчIого чIезе рекъон букIинчIо. Амма вачIинахъего Хатиматида гьарана рагIи кьоге дида гьеб чIамучIаб гIелмуги мунги данде гьарун абизе жо лъаларин. Гьереси бицине бокьун гьечIо, лъаларин абизе рекъон гьечIин.

Презентация байбихьарабго мацIазул институталъул директор МухIамад МухIамадовас гIелмияб хIалтIи аваразул кицабигун абиязда тIаса хъван бугин абидал цIакъ бокьана дие. Гьеб дие гIагараб, щивав аваразул маданияб хазинаялъулги, кIалзул гьунаралъулги, фольклоралъулги адаб гьабулев чиясе къиматаб, пайдаяб ва кIвар бугеб тема буго. МухIамадица пасихIго ва магIнаялда бичIчIизабуна данделъаразда Хатиматица гьабураб гIелмияб хIалтIулги, гьелъул творческияб хIаркаталъулги миллаталъе гьелъул бугеб пайдаялъулги.

Хасго хIалтIи рекIее гIуна гIелмияб хIалтIи машгьурал эменгун вас Заирбег ва СагIид ГIалихановаз данде гьабураб "авар кицаби ва абиял" абураб тIехьалдаса пайдаги босун хъвараб батиялъ. Презентациялде ячIарай шагIир Залму Батировалъ гIемер магIнаялда бицана гьел кицаби данде гьариялъул тарихалъул ва жиндирго вакьад Заирбег ГIалихановасул. Гьелъул кIалъаялъги гIезегIан жо рагьана магIарулазул адабияб тарихалъул.

ГIемерал гIалималги гIакъилалги чагIи кIалъана, еццулей йикIана Хатимат. Еццулей йикIана гьунар бугей йигин, цIодорай йигин, берцинай йигин, лъалес лъалел хинал рагIаби рицунел рукIана. Щивав кIалъан хадуб залалда ругез "дуца абулеб битIараб буго" абураб магIнаялда хъатги чIвалеб букIана. Диеги рагIи кьуна, дицаги еццана Хатимат лъикIаб ва пайдаяб хIалтIи гьабулеб бугин, цIодорайги йигин, берцинайги йигин, махщалида передачаги бачулин.

Амма гьеб презентациялда рукIарал кIалъаязда мех-мехалда цере рахъараздаса борчIулеб букIана цо рахIат хвараб пикру, кидалъагIан чIаго хутIилеб авар мацI, росаби чIунтулел руго, гIадамал гIодоре гочунел руго, гIалимзабазул тIахьалъги, рахьдал мацI кьолел чагIахъги, гьеб мацIалдаса кваналел гIадамазеги гурони гьеб хIажат гьечIеб гIадаб.

Гьеле гьеб пикру гьереси гьабизе бокьана дие. Аваразул кицаби ва абиял буго гIасрабазул хазина, гIелаз гIелазухъе кьун нилъехъе щвараб. Гьеб хъвалел, бахъулел, цIалулел ва гьелда тIаса гIелмияб цIех-рех гьабулеб миллат ккола хвеялда хIинкъараб гуреб, гьелъул гIаксалда цебе тIолеб, гьеб мацI хIажатаб миллат.

Хатиматил пишацояв мунагьал чураяв ГъазимухIамад ГъалбацIовасе рокьулаан такрар гьаризе гьадинал рагIаби: "Дица дунял бикьула бичун босизе кIолелдеги кIоларелдеги. Масала, дунялалда бищунго къиматаб сагIат босизе кIола нилъеда, заман бичун босизе кIоларо, дару босизе кIола, сахлъи - кIоларо, хIикматаб берцинлъиялъул чIужугIадан йосизе кIола, рокьи - кIоларо, бечелъи босизе кIола, рахIатгун хIалхьи - кIоларо. РачIа нилъеца лълъар бохизе бичун босизе кIолареб щиналъул рахъалъ, гьеб гьарзалъайги нилъее"- ян. Хатиматица тIад гIелмияб цIех-рех гьабулел кицаби ва абиял руго авар халкъалъул бичун босизе кIолареб, жиндие багьа гьечIеб хазина.

ГIага-шагарго гьединаб пикру загьир гьабулеб букIана щивав кIалъазе вахъарас данделъиялда. Щивас бицунеб букIана гьеб жиндирго къагIидаялъ, жиндирго мацIалда. Масала, АсхIабгIали ХIасановас гьеб загьир гьабуна тIармида кечI ахIиялдалъун, ТIелекьа шагIир КъурбанмухIамадица къвал цIурал тIугьудуца ва сайигъат-саламалъ.

МахIмудапандица тIад тIугьдул рахъараб сураталдалъун. Щивалиго тохтир-художникас бахъун босун бачIана жийго Хатиматил сурат. ХIасил калам баркиял рукIана кодоб хъатикь жо бугелги гьечIелги. Амма кIиязулъго букIана хинлъи ва адаб.

Жеги цIороберал лъурал гIалимзабиги, гIадатиял гIадамалги, Хатиматил рукъалъул чагIиги рукIана цере рахъун. Ахиралда жийго Хатиматица бацIцIадаб гIурус мацIалда баркала загьир гьабуна гьеб гIурусгун магIарул мацIалда тIобитIараб презентациялъул гIахьалчагIазе. Данделъиялде рачIаразе къокъго бицана гIелмияб хIалтIиялъул аслияб мурадалъул ва цере лъурал масъалабазул. БитIун абулеб бугин бутIрулги гьанкIезарун вархиялда хъат чIвана залалда рукIараз. Данделъи лъакIаб даражаялда гIуцIун бугоан. Хабар лъикIаб рагIайги.

=========================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG