МагъчIваялъе рес

Миллияб "цагъур" - авар газетазул ассоциация


dagestan / A. Sasitlinsky translated the Koran in the Avar language.
dagestan / A. Sasitlinsky translated the Koran in the Avar language.

Аваразул миллиябгун маданияб автономиялъул хIаракатчагIазда хIажатаблъун бихьулеб буго киналго магIарул мацIалда рахъулел миллиял муниципалиял ва республикаялъул газетал, журналал ва цогидаб басмаги цойидеги гьабун "МагIарул газетазул ассоциация" абураб гIуцIи гьабизе.

please wait

No media source currently available

0:00 0:04:14 0:00
Интернет-мухъ

Гьеб гIуцIиялъул аслияб мурад ва масъала букIине буго казиятазул, журналазул, теле ва радиопередачабазул ва цогидаб миллияб басмаялъул гIаммаб годекIан ва цоцадехун бухьен гьаби.

Гьелъ рес кьезе буго авар мацIалда хъвадарулел чагIазда жалго, жидеца кьолеб хъвай-хъвагIай ва цогидазул хIалтIи бихьизе. Жиндир камилаб дозие кьезе, дозул рекъон бихьараб жидехъе босизе.

Гьеб гIуцIиялъул рукIине ккола социалиял гьиназда хасал бахIсазул годекIанал ва официалияб сайт. Авар мацIалда бахъулебщинаб жо цойиде буссинабураб миллияб цагъурин теха.

МагIарухъ вугевги, МахIачхъалаялда вугевги, Москваялда вугевги, Америкаялда вугевги чиясда жиб рагьарабго бугеб щинаб аваразул кIалзул хазина, цIиял харбал, аналитика, унтаби ва гIузраби, суратал, видеоял, бахIсалгун тIасанкIалъаял, гIелмугун, маданият, тарихгун, адабият цо бакIалда батизе.

Гьенир районазул газетаца рорхизе руго жидер мухъазул масъалаби, кьезе руго жалго газетазул пдф формат ва цо-цо актуалиял макъалаби. Гьеб кинабго хIаракаталъул аслияб мурадги миллияб интеллигенциялъулги, халкъалъулги, тIадчагIазулги бухьенги гьабун магIарулазул рухIиял, жамгIиял, сиясиял ва цогидал кIвар бугел суалал гьоркьор лъей . Миллат нилъеца тарихалда цIунараб къадруялъул даражаялда чIезаби ва цIияб заманалда рекъон хIалтIи.

Гьадингоги миллияб автономиялъ кутакалда пайдаябги хIажатабги хIалтIи гьабуна ахирал соназда. Рахъана гIемерал гIелмиял ва адабияталъул, мацIалъул, тарихалъул тIахьал. Гьаруна тадбирал, машгьур ва камил гьабуна авар мацI.

БорчIизабуна аваразул рухI, рагIудалъунги, ишаздалъунги, хIатта миллияб ханжар - рачел, чухъа-тIагъур, гормедо-чIинчIу гIадал мисалаздалъунги. Гьеб гуро Конституциялъул къоялъ тIасан амру кьун ретIараб ретIел, гьеб буго миллияб рухIалъ ва рухIияб тIалабалъ тIамун бихьизабулеб мисал.

Автономиялъ бухьен гьабуна дунялалда ругелщинал магIарулазулгун. Гьаруна гьенире сапарал, лъазабуна тарих, гьабуна бичIчIикьеялъул хIалтIи.

Жакъа хIисабалде босун бугеб "МагIарул газетазул ассоциация" абураб гIуцIиялъ гьеб хIалтIи тIадеги камилги, машгьурги гьабила, халкалъулгун бухьенал щулалъила, тIалъиялъухъе интеллигенциялъул гьаракь щвезабила. ЦIакъ гIемерал гIузраби руго миллияб маданияталъул. Хасго пачалихъалъ гIарацги кьун хьихьарал бакIазда.

Масала, цохIо Сайгидпаша ГIумахановас жиндир гIарац кьун хьихьараб автономиялъ миллияб маданияталъе гьабураб хIалтIи анцI-анцI миллионаца бюджетги кванан ругел пачалихъалъ хьихьарал идарабаца гьабичIо.

ЦохIо гьитIинаб мисал. Социалиял гьиназда щибаб сордоялъ "МагIарул мацI, тарих, адабият" абураб къокъаялда гьокьор лъолел суалалги, адабияталда, мацIалда, маданияталда тIаса тIоритIулел бахIсазулги багьаяб жо гьебго щинаб гIарацги кьун хьихьараб пачалихъалъул газет-журналазги, радиоялъгун, телевидениялъги, театралъги гьабулеб гьечIо. Щай? Щай гурелъул гьезие гIарац гьеб хIалтIи гьабичIониги кьолеб букIун.

КIиабизе гьезие дагьабниги ургъел гьеб милллияб культураялъул гьечIого. Гьеб агьлуялъул гурел чагIи рукIун гъора хъулухъазда. Гьеб кинабгоги хIисабалде босун хIукму гьабун буго ассоциация гIуцIизе миллиял басмабазул.

ГIагараб заманалда ахIизе руго киналго редакторал ва интеллигенция ассоциациялъул хIалтIул суалги, гIуцIиялъул комитетги данде гьабизе. Гьениб цIазе буго заман кида данделъи ахIилебали. Гьабизе буго уставгун положение ва цогидаб хIажатаб вала-рахас.

ЦIияб гIуцIиялъул хIалтIул план, тадбирал, гьабуралъул хIасил ва гьабизе бугелъул хIисаб букIине буго гIаммаб сайталда, годекIаниб повесткаялда. Щивав магIаруласул пикру хIисабалде босизе ва гьенибго гьоркьоб лъезе. ХIажат буго байбихьи гьабизе. ХIисабалда хIасил данде ккараб ва миллаталъе пайдаяблъун батайги пикру. Хабаралги лъикIал рагIайги.

XS
SM
MD
LG