МагъчIваялъе рес

Авар миллаталъул къо


ГIумаханов Сайгидпаша Авар театралда авар мацIалъул къо кIодо гьабиялъул тадбиралда
ГIумаханов Сайгидпаша Авар театралда авар мацIалъул къо кIодо гьабиялъул тадбиралда

20 ва 21 февралалда Авар театралда тIобитIана Халкъаздагьоркьосеб рахьдал мацIаpул къо кIодо гьабиялъул тадбир.

Халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацIалъул къо кIодо гьабун санайилаб тадбир тIобитIиялъул тIоцебесеб мурад бугин гIагараб мацIалде рокьи бижизаби ва мацIалъул культура жамгIияталда гъорлъ босизабийин баян гьабулеб буго гьеб тадбиралъул гIуцIарухъабаз. Масала, исана лъабабилеб нухалъ тIобитIулеб магIарул басма бихьизабиялда рукIанила цIикIкIун гIадамал, цебесеб кIиго соналда данде ккун.

Халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацIазул къо кIодо гьабун тIобитIулеб санайилаб тадбиралда исана гIахьаллъи гьабуна цIакъго кIудияб къадар школлъималазги. Араб соналда гIуцIараб магIарул мацIалъул учительзабазул Ассоциациялъ тадбиралда рачIаразда бихьизабуна шагьаралъул ва хъутабазул школазул магIарул мацIалъул мугIалимзабаз школлъималгун хIадур гьарурал театралиял сценаби, кьурдиял ва кучIдул рикIкIи. Шагьаралда ругел школлъимаз бацIцIадаб магIарул мацIалда цIалулел ва ахIулел кучIдул, бицунеб мацI рагIидал, бичIчIулеб бугин мацI цIунун букIинин бицана Авар мацIалъул учительзабазул ассоциациялъул нухмалъулей МухIидинова Бахуца.

Баху МухIидинова: «Дида кколеб буго соналдаса соналда лъикI, гIемер чи гIахьаллъун унеб бугин рахьдал мацIалъул къо. Миллияб ретIел ретIаралги исана цIикIкIун рукIана. МагIарул мацIги, бихьичIищха, лъималаз бицунеб куц, кучIдул цIалулел куц. Гьел лъимал аслияб куцалда рукIана шагьаразда цIалулел лъимал.МагIарул мацIалъе щибго хIинкъи бугин кколаро дида, лъималаз гьедин кучIдулги ахIулел, рикIкIунел ругони магIарул мацIалда, магIарул кьурдиги гьабулеб бугони, магIарул умумузе хасиятаб миллияб ретIелги ретIунеб бугонани».

ГIицIго цо рахьдал мацIазул къоялъ гуребги, масала театралде рачIунагогицин, гьеб миллияб ретIел ретIун рачIунел ругони рекъараб букIинаанин тIаде жубана Бахуца.

Тадбиралде рачIана цадахъ лъимал рачун. Масала ТIагьират Джаватхановалъ бицана жинца табиралде умумузул ретIелги, культураги бихьизе рачанин лъимал ва гьезие гьеб бокьанин.

ТIагьират Джаватханова: «Исана тIоцее щвана дун гьеб тадбиралде. Цебезхун лъан букIарабани,цееги ячIинаан. Цадахъ лъималги рукIана рачун. Кутакалда бокьана нижее гьеб тадбир. Лъималазе кутакалда бокьана бихьараб щинаб, хадуб-хадубги гьабулеб бугони рачIине бокьилин рукIана».

Тадбиралда цересел соназ гIадин гIахьаллъи гьабуна республикаялъул ва мухъазул магIарул мацIалда рахъулел газет журналазги. Исана, цересел соназда данде ккун гIемер мухъазул вакилзабаз гьабунин гIахьаллъи, амма хIукуматалъулаб республикаялъул даражаялда цо бугеб «Хакъикъат» газетаялъул рахъалъ гIахьаллъи букIинчIолъи рекъараб букIинчIин рикIкIунеб буго жамгIияв хIаракатчи МухIамадрасул ГIумаровас.

МухIамадрасул ГIумаров: «Бищун дие бокьараб жо буго щибаб мухъалъул гIахьалчагIи рачIин, цадахъго, дагьал ругониги жидеца рахъарал тIахьал ва гьарулел тIагIалаби рачIин. Амма гьениб гIахьаллъи гьабизе кколаан мухъазул бутIрузги, унгоги магIарул миллат цолъизабулеб къо ккола гьеб. Дида, масала, лъагIалица вихьичIев чи вихьула гьенив. Гьенир хадубккун гьаризе бегьила гьединго батIи-батIиял секцияби гьарун, лекциял цIалун миллаталъе пайдаяб хIалтIи гьабулел чагIи цере рахъинги. КIиабилеб дие бокьичIеб жо ккана, дида гьениб республикаялъулаб газета «Хакъикъат « бихьичIолъи. Дида бичIчIичIо, гьезда магIарул мацIалъул къо букIинищ лъачIеб, яги лъаниги гьединаб бербалагьи гьабунищ тарабали. Республикаялъул газеталъул чагIи рачIун, жал гьадинал чагIи ругин абичIо, гьеб рекIее гIечIо».

Рахьдал мацIалъул тадбиралдаса тIубараб лъагIалие гIураб асар щолин бицана, гьение ячIарай Хунзахъ мухъалдаса ХIасанова ГIайшатица. ЦIакъго бокьанила, гьениб басма гуребги, халкъиял махщалаби цIунарал чагIаз гIахьаллъи гьабиги.

ХIасанова ГIайшат: « Исана рахьадал мацIалъул къо кIодо гьабун тIобитIулеб гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабизе щвана дие, гъоркьисаги щун йиикIана дун гьение. Дие рекIее гIуна гъоркьисалаялдасаги гIатIидго гьеб тадбир тIобитIи. ЦIакъго бокьана, мухъазул вакилзабаз бихьизабураб кьурди ва кIечI ахIи. Дие бокьана къелдерил кочIохъабаз ахIараб кечI. Авартеатралъул артистаз бихьизабураб «Москваялдаса бахIарав» абураб спектаклалъ асар гьабичIев чи хутIичIин ккола. Нилъер халкъиял махщалаби цIунун, лъималада рихьизаризе хутIун рукIин буго йохараб жо. Гьеб ИчичIали абураб росулъа гIертIазул устарасул махщелчилъиял асар гьабуна дие».

Социалиял гьиназда гьеб тадбиралъул бицунаго ккана, кьурди-хъат ва кечI бакъаналъ гурин миллат цолъизабулеб, гьеб цолъизабулин ислам-диналъин абулел чагIиги. Масала, Къарахъа ХIажимурадица баян гьабуна, рекIекълъизе бачIанин, киналго руччаби магIарул руччабазе хасиятаб куцалда ретIа-къан рукIинчIолъиялъги.

Исана Халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацIазул къо кIодогьабун тIобитIулел выставкагун ярмарка тIобитIана III нухалда. Соналдаса соналде гьеб тадбиралъул даража бахунебги буго.

XS
SM
MD
LG