МагъчIваялъе рес

Рахьдал мацI гьечIелъубе чияр мацI бачIуна


Гъуниб мухъалъул Агъада школалъул мугIалим МухIамад ДибирмухIамадовас кьолеб буго рахьдал мацIалъул дарс.
Гъуниб мухъалъул Агъада школалъул мугIалим МухIамад ДибирмухIамадовас кьолеб буго рахьдал мацIалъул дарс.

21 февраль ккола рахьдал мацIал цIуниялъул рахъалъ халкъазда гьоркьоб лъазабураб къолъун. ГIалимзабаз абула санайилго дунялалда тIагIунин гIисинал мацIазул цо-цо мацI. Гьедин ккечIого букIиналъе гьаризе лъикIал тадбиразул бищун аслияблъун рикIкIунеб буго рахьдал мацIал рицине хъизаналдасанго байбихьи.

ГIисинал мацIал тIагIиналъул аслияб гIайиб хъизаналда рахьдал мацIалъ кIалъаларел эбел-инсуда букIине бугин бицана ЭР-ялъе Гъизляралдаса мугIалим Зугьра Шамсулвараевалъ.

Зугьра Шамсулвараева: «Нижер школалде цIализе рачIуна аскIор ругел хъутаназдаса лъимал. Аслияб куцалда ЛъаратIаса лъимал. Гьезда лъикI лъала жидерго, бакIалъул, мацI. Гьединго ЦIунтIаса, ГIахьвахъа. Гьездаги лъала жидерго росабазул мацIал. Амма болмацI лъаларо. Гьединлъидал жидедаго гьоркьор гIурусалъ кIалъалел рагIула дида гьел. Лъаниги цо-цоял нечолелги ратула болмацI бицине.

Амма нилъер мацI кIоченалъе аслияб хIаракат эбел-инсуца бахъулин рикIкIуна дица. Гьедин нижеца семунги, берцинго бицунги бичIчIизабула лъималазда мацIалъул бугеб кIвар. Дун хвараб мехалда дир ясалда зигара гIурус мацIалда базе бокьиларин абидал, чIваркьун балагьула гьел дихъ.

Рахьдал мацI хашго лъаялъухъ нижеца лъималазе гIодобегIанаб къимат лъун батани, хъата-масан гьезул эбел-эмен директорасухъе ун ратула. Аттестаталда къиматги лъолареб мехалда жидер лъималазе гьеб предмет къваригIун гьечIин, жидеего гIураб куцалда гьезда гьебги лъалилан гIарзал рахъун ратула гьез.

Гъоркьисала дун унаан гьаниб аскIоб бараб «Родничок» абураб школалде ункъ-ункъ сагIаталъ дарсал кьезе. Гьенив тIоцебесеб классалда цIалулев цо васасда магIарул мацI лъикI лъалеб батиялъ, гьесул ракI-макI гьабизе гIадин, «вай, ГIабдула, дуда гьаб мацI лъалеб бугеб берцинго» ян дун лъугьиндал, гьес велъулаго жаваб кьуна жидедайила кIудадаца абулила гIурусалъ нижеда кIалъазе ккани, мун щиб миллаталъул чийин, гIурусавищин. Нилъерго мацIалъ кIалъайин нуж, чияралъ кIалъачIого. Балагьеха гьанже нужго, гьеб рагIул берцинлъи бихьизе».

Эркенаб гугариялъул рахъалъ Польшаялъул тIаса бищараб командаялъул бетIерав тренер ккола Юсуп ГIабдусаламов. Жидер хъизаналда гIицIго рахьдал мацIалъ гурони кIалъаларин бицана гьес ЭР-ялъе.

Юсуп ГIабдусаламов: «МагIарулги гIурусги рукIана дир лъималазда Дагъистаналда лъарал мацIал. Польшаялда ингилисги буго гьезда малъулеб. Гьанже тIадеги испаниязул мацIги буго малъулеб».

Гонконгалда гIумру гьабулев Дагъистаналдаса бизнесчи ва блоггер Камал Салмановас рикIкIунеб буго рахьдал мацIал цIуниялъул къо бищун аслияблъун.

Камал Салманов: «Рахьдал мацIал лъугIун-тIагIун иналъул хIинкъи гьедигIанго тIаде щун букIин дида лъалароан, щайин абуни нижер хъизаналда магIарул мацI аслияб мацI букIиналъ.

Жакъа дунялалда рагIула цIикIкIун гIадамал кIалъалеб, чIагояб 7 000-ниги мацI. Къойидаса-къойиде цо-цо ккун тIагIунел рагIула гьел. МацIалъул эволюция лъугьунеб буго. Гьелда данде къеркьезе бегьула хъизаналда жанир гьеб мацIалда кIалъаялдалъунги, бакIалъул пресса ва цогидаб хас гьабун гьел мацIазда къватIире риччаялдалъунги, лъималазе тадбирал тIоритIиги. Гьел тадбиралги гьарурал гIолароха. Гьениб бихьара-таралдаса пайда босизе ккола, гьенир рихьарал тIахьал лъималазе цIализе ккола».

Дунялалда чIахIиял мацIаз гIисинал мацIал гъанкъизарулел куцалъул мисал хIисабалда, Камал Салмановас бицунеб буго Пекиналъ Гонконгалда жидерго мацI бицине тIамулел рукIиналъул.

Камал Салманов: «Китаялда руго 300-са цIикIкIун бакIалъул мацIал. Дун вуго Гонконгалда. Гьаниб Гонконгалда гьаз хIалтIизабула кантонский диалект. Китаялда киса-кибго хIалтIизабулеб официалияб мацI ккола китай мацIалъул мандаринский диалект. Пекиналъ хIал гьабун Уйгурский автономный округалдаги, Тибеталдаги, цогидалъубги хIалтIизабулеб буго доб мандаринский диалект. Гьединлъидал жидер мацI бицине тейин жалилан, санайилго къватIибе бахъуна гьазул халкъ. Гьединаб хIалуцараб ахIвал-хIал буго гьаниб мацIазул рахъалъ. Гьединабго ахIвал-хIал буго Индонезиялдаги гьелда сверухъги…»

Дагъистаналда рахьдал мацIал цIуниялъул кигIан бицаниги, соналдаса соналде цого суалал хутIулел руго – гьезул аслиял ккола гьел мацIал малъизе лъикIаб даражаялъул мугIалимзаби гьечIолъиги, цIалул тIахьал гIунгутIиги, школазда гьел мацIал факультатив хIисабалда кьолел рукIинги.

XS
SM
MD
LG