МагъчIваялъе рес

БокьичIого кьуркьудилаго нахъе арав министр


Дагъистаналда нахъе витIун вуго пачалихъалъул мал-мулкалъул министр Имран ХIусенов. Гьес живго нахъе унев вугин гIарза хъваниги ришватчилъиялда данде къеркьолеб идараялъул щаклъи буго экс-министрас пачалихъалъул мал-мулк бичун букIиналда. Республикаялда букIине кколеб куцалда хIисаб-суалги гьабун пачалихъалъул буголъиялда хадуб хал кколеб гьечIин абураб пикру буго гIадамазулги.

Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас гъулбасун буго пачалихъалъул мал-мулкалъул министр Имран ХIусенов хъулухъалдаса гIодов чIеялда хурхараб документалда.

Гьелъие гIилалъунги бихьулеб буго экс-министрас гIарза жиндиего бокьун хъван букIин. Амма жиндиего бокьун гьев киданиги унарин гьеб хъ-са, гIайиб ккун батулин абураб пикру буго республикаялда цо-цо чагIазул.

Имран ХIусенов пачалихъалъул мал-мулкалъул министерлъиялдаса нахъе вахъи хIакъикъаталда жидер хIалтIухъабаз гьабураб цIех-рехалъул хIасил кколин бицана ЭР-ялъе ГIалибег ГIалиевас. Гьев ккола ришватчилъиялда данде къеркьеялъул Дагъистаналъул бетIерасда цебе гIуцIараб бутIаялъул нухмалъулев хисулев. ГIалибег ГIалиевасул рагIабазда рекъон, экс-министрас ПАП-I абураб транспорталъул предприятиялъул ракьалги цIатари тIолел станциялги ричун рукIиналда щаклъи ккун буго гьезул хIалтIухъабазул.

ГIалибег ГIалиев: «Жакъа гIадамазда божилъиги гьабулеб буго, министразул портфелалги кьолел руго, хIалтIизеги риччалел руго. Амма цебего гIадин жидерабго гьабизе байбихьулеб буго гьез. Гьеб мехалда гъозда хадуб хал кквечIого толеб гьечIо. Гъозда абулеб буго вертолет хадуб бачIиналде берцинго хIалтIейин. Дида лъалеб бакIалъа гIебеде, гьев ХIусеновасда абун букIана дуда божилъи хун бугин, нахъе ине гIарза хъвайин».

ЭР: «Гьоркьоб заман иналде, къокъидаго хъулухъаладса рахъулел ругин абураб къиматги кьолеб бугоха гьелъие цо-цояз».

ГIалибег ГIалиев: «Хисизе ккун хисулел ругоха гьелги. Суал лъеха: сундуе гIоло хисулел ругел абун. Лъиеялиго вокьичIогоян вахъарав чи гурелъул Имран ХIусеновги нахъе. Нижер хIалтIухъабаз кIиго моцIалъ гьабураб цIех-рехалъул хIасил ккола гьеб. Гьесде гIунтIизабулеб аслияб гIайиб буго ПАП-I гIуцIиялъул ракьалги АЗСалги ричиялда хурхараб. Дагьаб заманаялъ хIалтIаниги щиб? Гьедин батани, дагьавги цIогьодизегIанищха гьев гьенив тезе кколев вукIарав? ХIукуматалъул магIишат бичизе, бикъизе бегьуларо. Бичулеб заманги букIун батила. Доб заман ана!»

Республикаялъул пачалихъалъул буголъи хасаб сияхIалдеги босун, кинабгIаги тартибалде бачун гьечIин рикIкIунеб буго Гъизилюрт шагьаралъул коммунистазул цевехъан ГIабдулвахIид Лабазановас. Гьелъие нугIлъи гьабулила цо гьадинаб гьитIинаб мисалалъгицин. Шагьаралъул ЖамгIияб комиссиялда цадахъ битIун 2I августалда ун рукIун руго гьевги шагьаралъул газеталъул хIалтIухъабиги аскIобго бугеб ясли-ахалде хасаб рейдалъ. Чанго соналъ цебе цо бечедав чияс жиндего буссинабун, приватизация гьабун букIун буго гьелъие. Цогидал магъалаби малъичIого, цохIо ракьул магъалоялъул бицани, нусазаридаса цIикIкIун гъурущ кьечIого батун буго гьеб бакIалъухъ. Гьевго чияс росарал цогидал бакIалги рагIула. Гьезухъги кьун батун гьечIо гьес ракьул магъало (бащдаб млн гъурщил налъи ккола гьеб).

ГIабдулвахIид Лабазанов: «Лъималазул ясли-ахалъухъ гьес кьезе кколеб магъало II2 азарго гъурщидасаги цIикIкIун букIунаанила гьелъул хъвай-хъвагIай лъималазул ахилан гьабун букIинчIебани. ХIакъикъаталда абуни, хасав чи бетIергьанаб гьеб территориялда тIаде кколеб унго-унгояб магъалодул къадар бащдаб млн гъурущ гIолаанила. Гьединго буго цогидаб бакIалдаги ахIвал-хIал. Лъицаниги сияхI гьабун, гьеб суал тартибалде бачунеб гьечIо. Республикаялдаги батиларищха Гъизилюрталдаго гIадаб хIал. Гьединал жалги гIемер тIатун вахъун ватила гьев министрги. Цо заманалда гIемер росана гIадамаз гьединан пачалихъалъул мал-мулкалда гъорлъе унел объектал. Цинги хIалтIизеги гьаричIого, чIунтизе тун руго гьел, жанибе рищни-къулги бан. Амма бицунаха ракьазулги цогидаб мал-мулкалъулги ревизия гьабулеб бугилан. Дидани гьелъул хIасил бихьулеб гьечIо. Лъаларо, гьев министр вахъунилан, гьбе рахъалъ ахIвал-хIал хисилищаниги. Амма хIалтIи гьабизе кколаха».

ГIабдулвахIид Лабазановас тIадежубана гьабсагIаталда ресал ругин хIалтIизаруларел бакIал яги ракьал нахъе росизе бегьулел. Къанунал ругила гьединал рахъун.

Цевехун рехсарав Имран ХIусенов пачалихъалъул мал-мулкалъул министрлъун тун вукIаралдаса лъагIел бана.

Дагъистаналъул бетIерасул официалияв вакил ГIалибег ГIалиевас абуна гьевго гIадин хъулухъаздаса рахъизе ирга цогидал министраздеги щвезе бугилан.


XS
SM
MD
LG