МагъчIваялъе рес

Лъил тIалаб-агъаз гьабулеб низам цIунулез Дагъистаналда?


Пенсиязул Фондалъул Дагъистаналъул бутIаялъул бетIер С.МуртазгIалиев ва Тарумовка мухъалъул бетIер М.Абрамкина.
Пенсиязул Фондалъул Дагъистаналъул бутIаялъул бетIер С.МуртазгIалиев ва Тарумовка мухъалъул бетIер М.Абрамкина.

«Взгляд» абулеб газетаялъул мухбир Петр Акоповас кIудияб цIар кьуна жиндирго макъалаялъе – «Дагъистаналъул мафия тIагIинабиялъ республика Россиялде тIад буссинабила» абураб.

Петр Акоповас абулеб буго гьабсагIат Дагъистаналда лъугьа-бахъунеб Чачанлъиялда букIараб кIиабилеб рагъда релъараб бугин. БакIалъулал мафиязул тухумал щущазарун, территория Россиялъул низамалъул гIатIилъиялде тIад руссинаризе бегьулин.

ХъващтIан раккула гьадинал суалал: сундул рахъалъан Чачан республикаялда букIараб бидулаб рагъ релъараб бугеб пачалихъиял хъулухъчагIи кквеялда?

КIиабизе: Россиялъул низамалъул гIатIилъиялде федералияб бюджеталъул бутIа гурищ тIад буссунеб? Ва жибго гьеб гIатIилъиялда коррупциялъул рахъалъан бугеб ахIвал-хIалалда бегьулищ абизе - гьеб унго-унгояб низам бугин? Жавабал ратизе бегьула жибго Россиялъул прессаялдаги официалиял баяназдаги.

«Взгляд» газетаялъ рехсолеб буго ахирисел къояз Дагъистаналда лъугьа-бахъараб. Ай, Россиялъул Пенсиязул Фондалъул Дагъистан республикаялъул бутIаялъул бетIер МуртазгIалиев Сайгидил чукъаялде гьабураб гьужум, Гъизляр мухъалъул бетIер Андрей Виноградов ва Республикаялъул мажлисалъул спикер ШихсагIидов Хизрил вас Даниял кквей, Тарумовка мухъалъул бетIер Абрамкина Маринал ва Гъизилюрт мухъалъул бетIер Аджаматов Багьавудинил ишазда бан такъсирчилъиялъул цIех-рехал байбихьи.

Экспертазул баяназда мугъ чIвай гьабун, гьел киналго хIужабазул мухIканаб бицен гьабулаан анкьида жаниб нижер мухбирзабаз. Амма рехсараб макъалаялъул авторас къасд гьабулеб буго живго жинцаго вихьизавизе Дагъистаналъул проблемабазул экспертлъун.

Гьес гьабулеб аслияб хIасил гьадинаб буго: Москваялда бичIчIана бищун кIудияб мафия бугеб Дагъистаналда кватIичIого рагъ багъарзе рес бугин данде кколел тадбирал тIоритIичIони. Щайин абуни, тIалъиялда божилъи камурал гIемерал гIолохъанал радикалияб исламалде руссунел руго ва гъозул аслияб мурад –мафиязул тIокIлъи бугеб хIукуматалде данде жигьад бачин.

ХIакъикъаталдаги, республикаялда ругел бусурбаби разиял гьечIо гьениб бугеб ахIвал-хIалалдаса. Амма чIегIераб сияхIалде гъорлъе журарал гьезулищ тIалаб-агъаз гьабулел низам цIунулез? Гьеб суалалъеги жаваб бигьаго батула. Диваналъул изну гьечIого чIварал бусурбабабазул гуребги, гъозул руххулел адвокатазулги сияхI халалъулеб буго соналдаса соналде.

XS
SM
MD
LG