МагъчIваялъе рес

Жаназабигун гьабулеб "рагъ"


«Рохьилазе» кумек гьабулеб букIиналда щаклъи ккун низам цIунулез анкьица цебе чIварал Комсомослькое росулъа гIолохъабазул жаназаби кьейилан тIалаб гьабун митинг тIобитIизехъин буго гьезул гIагарлъиялъ.

Изну гьечIого яргъидгIуцIаразе кумек гьабулел рукIарал чагIийин абун I6 декабралда чIварав Гъизилюрт мухъалъул Комсомольское росулъа лъабго гIолохъанчиясул жаназаби рукъизе кьолел гьечIин абун ццин бахъун руго гьезул гIагарлъи. Гьел нахъе кьейилан абун хасал идарабазде хъвараб гIарзалъул хIасил ккечIого, жидерго тIалабал загьир гьарун митинг тIобитIизехъин букIун буго гьез. Гьеб гьабизехъин букIиналъул харбал раккаралго низам цIунулез Комсомольское росулъа 80 гIан гIолохъанчи ккун вачун ун вуго.

Анкьица цере низам ц1унулез чIварал Гъизилюрт мухъалъул Комсомольское росулъа Зубаиров НухIудинил, Хайрулаев МухIамадил ва ХIажиев Шамилил жаназаби рукъизе кьейилан абун митинг тIобитIизехъин ругезул 80 гIан чи хамиз къоялъ низам цIунулез ккун рукIана. Чанго сагIат полициялдаги бан гьел риччан руго. Жеги гьел чIваразул жаназаби гIагарлъиялъухъе рукъизе кьун гьечIо.

Цебехун «Эркенлъи» радиоялъ бицун букIахъе изну гьечIого яргъидгIуцIаразул кумекчагIи рукIанинги абун 16 декабралда къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаца чIвана гьел гIолохъаби. Гъизилюрталъул рагIалда жиндирго автомобилалъув чIвана Зубаиров НухIудинги гьесдаго цадахъ интернет бачуневчилъун хIалтIилев вукIарав ХIажиев Шамильги. Гьев ХIажиев Шамилил гIагарав чи Хайрулаев МухIамад Комсомольское росулъ жиндирго хIалтIулеб бакIалдаса къватIиве лъугьараб бакIалда маххул нухлул рагIалда чIвана. Низам цIунулез лъазабуна гьел чIварал гIолохъаби жидеде кьвагьделел рукIанин абун, амма гьезухъ ярагъ букIинчIолъиги, чIван хадуб къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз жидецаго гьезухъе ярагъ реххараблъи бихьарал нугIзалги руго. Гьедин букIаниги Гъизилюрталъулилан абулеб изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул гIахьалчагIи Сабуев ГIумариеги Къурбанов ХIажимурадиеги кумек гьабулеб букIанин гьезилан лъазабуна хасал идарабаз.

ГIайиб гьечIого чIварал ва рохьилазул кумекчагIилъун рахъинарурал гIечIого рукъизеги кьолареб жо кинабила букIунебилан абун ццидалъ руго гьезул г1агарлъ. Анкьица хал-шал гьабун бахъунарогойищила букIунеб жаназабазул, кигIан лъугIуларел экспертизабиги анализалгийила гьез гьарулел ругелилан абулеб буго гьез. Гьеб киналдаго разигьечIолъи загьир гьабун ва гьел гIолохъабазул жаназаби рукъизе кьейилан тIалаб гьабун Гъизилюраталъул прокуратураялдеги ун рукIун руго гьезул гIагарлъи, гьенисанги жаваб щун гьечIо.

Гьеб киналдаго ццин бахъарал гьез митинг тIобитIизехъин букIун буго жидерго тIалабал загьир гьарун. Гьеб акция гьабизехъин букIиналъул хIакъалъулъ харбал тIиритIун хадуб 18 декабралда полициялъул хIалтIухъабаз гьеб митинг тIобитIизехъин рукIарал ва гьезул рахъкколезул 80 гIан чи ккун вачун ун вукIана Гъизилюрталъул жанисел ишазул бутIаялде. Гьениб лъугьараб-таралъул «Эркенлъи» радиоялъе бицана ккун вукIаразул цояв ГIумарица.

ГIумар: «Нижер 60-70 ялдасаги цIикIкIун чи ккун вукIана. Рухулел-кьабулелги рукIинчIо ниж, амма кидаго гIадин хъачIго кIалъалел рукIана полициялъулал. Щиб гьабизе ниж ккун гьанире рачаралин абураб мехалда гьелъие жавабги кьечIо лъицаниги. Дун чIварав Шамилил гIагарав чи вуго. Дица гьезда гьикъулеб букIана чIван хадургIаги нужее гьел щайин, хабалъ лъезе кьезе бегьуларищилан. Дуего кколареб жоялъул ургъел гьабичIого кIал данде бачейилан абуна гьеб мехалдаги дида. 3-4 сагIаталъ хутIана ниж полициялда.

ЧIваразул гIагарлъиялъул чагIи рукIана гьенир, гIагарал гурел, амма гьезул рахъкколелги рукIана. Гьездаго цадахъ гьеб ишалдехун кинаб букIаниги гьоркьоблъи гьечIел, гьеб митингалъулги расги ургъел гьечIел гIадамалги рукIана. Нухда вата-ватара вачун автомобилалъув жанив къазавураб гIадаб хIал букIана гьел гIадамазухъ ралагьун. ЧIваразул гIагарални рокъо-рокъреги рачIун гьениса рачун ана. ГIаммаб къагIидалъ босани нижер Комсомольское росулъ салафиязулилан абулеб Гагаринил къотIноб бугеб мажгиталде хьвадулел гIадамал рукIана ккун. Цо-цоязулгун гара-чIвариялги гьарун руго гьенир. Диналда, сиясаталда, тIалъиялда, рохьилазда хурхун суалал кьолел рукIун руго гьезие. Дун гьединазда гьоркьове ккечIо, дун чанго соналъ хасаб экстремистазулгун хурхен букIине бегьулезул сияхIалда гъорлъ вугелъул, дидехун гIемер кIварго кьечIо гьез. Цо-цоял хасал сияхIалде росун руго, цоязул би бахъун, хIацIцIу босун буго, цо-цоял гаргазе тIамун гьезул гьаракьалъул запись гьабулеб букIана».

Гьединго ГIумарица бицана Комсомольское росулъ полициялъулазул хасал рейдал цере-цереги чанги рукIунаанила, амма ахираб заманалда гьединал тадбирал гьарулел рукIинчIилан. Гьаб нухалда гIадамаз ккани МахIачхъалаялде рахъунгицин митинг гьабизехъин букIин лъайдал ургъунго халкъ хIинкъизабизелъун гьабураб иш бугин гьебилан. Амма жидеда нахъе къазе ракIалда гьечIила жидеца къуваталъул идараби диваналде кьезе ругин бицана гьес.

Цойги ГIумарил рагIабазда рекъон гьел церехун бицен гьабурал чIваразда гьоркьов вукIарав ХIажиев Шамилил гIагарлъиялде аскIоре рачIун рукIун руго къуваталъул идарбазул хIалтIухъаби. Гьез абун буго жидеца лъачIого чIванин гьев Шамилилан, гьесдехун жидер кинаб букIаниги дагIба букIинчIилан. Гьев Зубаиров НухIудинил автомобилалъув вукIинги жидеда лъалеб букIинчIилан. Щуго чи рекIине бегьулеб автомобилалъув жеги чанги чиги вукIине бегьулаанин, гьелги гьедингойищин нужеца чIвазе рукIаралин абун ахIи бан буго Шамилил гIагараз. Гьелго низам цIунулез абун буго нужеца хасал идарабаздеги хьвадун чIварав Шамиль кинаб букIаниги такъсиралда гъорлъ вукIарав яги изну гьечIого яргъидгIуцIаразулгун хурхен бугев чи вукIинчIин абурал документал ракIарейин, гьеб мехалда щибго тIадкIалъай гьечIого гьесул жаназа кьезе бугин нужехъейилан.

Гьел баяназда хурхун Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ кинаб букIаниги баян кьолеб гьечIо. Гьез абуна гьеб иш Россиялъул терроризмалде дандечIараб миллияб комитеталъухъ бугилан.

XS
SM
MD
LG