МагъчIваялъе рес

ЧIваразул гIагарлъиялъ гIайиб гIунтIизабулеб буго низам цIунулезде


"ГIайибиял рукIун ратани, гьабе тамихI, лъе туснахъалда, щай чIвазе кколел?"

АрбагI къоялъ къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазде кьвагьдонин абун данде кьвагьараб жоялъ чIварал Гъизилюрт мухъалдаса ХIажиев Шамилги, Зубаиров НухIудинги, Хайрулаев МухIамадги гIайиб гьечIого чIван ругин лъазабулеб буго гьезул гIагарлъиялъ. Низам цIунулез гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб лъазабуна гьел чIварал изну гьечIого яргъид гIуцIаразе кумек гьабулел чагIи рукIаниланги. Гьеб баяналдаги разигьечIо чIваразул гIагарал.

Гьез лъазабулеб буго чIвараз къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазде кьвагьичIолъи бихьарал чанги нугIзал ругила гьенир. Гьездаго бихьун бугила чIваразул автомобилалъуб низам цIунулез ярагъ лъолебгийилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе ХIажиев Шамилил гIагарав чияс. Къуваталъул идарабазде данде жо абу-абурал чагIазда лъикIаб къо бихьулеб гьечIила, багьана батун живги тIагIинавизе бегьулила гьез гьединлъидал цIар рехсогейилан гьарана гьев чияс.

ХIажиев Шамилил гIагарав чи: «Къад къоялъ щибго нахъекъай гьечIого чIван реххана гьел чагIаз нижер гIолохъаби. Инеб бугеб гьел чIварал рекIараб автомобилалда хадурги ун кьвагьи бахъинабуна гьелде. Автоматалъ речIчIун цIалкIу гIадаб жо гьабун букIана гьезул. ЧIегIераб Тойота автомобиалъур рекIарал чIегIераб парталги ретIерал чагIаз чIван руго гьел.

БакIалъул къуваталъул идарабзул хIалтIухъабазда релълъарал рукIинчIила гьел, Дагъистаналде заманалъ ритIун рачIарал низам цIунулезул хасаб къокъаялда релълъун рукIанин бицана нижеда гьеб кинабго бихьараз. Цере-цере гьедин гIадамал чIван хадуб гьеб иш гьабурал чагIи гьениса кидаго тIагIун ратулаан. Гьаб нухалад полициялъулал тIаде щвезегIан гьениса рагъарун гьечIо гьел. КигIан бокьаниги нугIзалги руго гьеб лъугьа-бахъиналъул.

ГIадамаз абулеб буго чIвараз лъидениги кьвагьичIилан. Гьезухъа ярагъ букIинчIолъиялъеги нугIлъи гьабулеб буго гьезго, кьвагьи бахъун хадуб аскIоре аразда бихьун буго гьезул автомобилалъуб автомат лъолеб ва хадуб гьелъул сурат бахъулеб. Нижеда абуна гьеб кинабго бихьараз бахъараб сураталда бихьулеб бугила гьезухъ ярагъ букIинчIолъи, полициялъулаз бахъаралда гьел ярагъгун руго. НугIзадерица бахъараб гьеб сурат жеги кодобе щвечIо нижехъе».

Гьезго бицана низам цIунулел гьел чIваразул рокъореги рачIун гьениб ярагъ лъезе лъугьанилан. Гьедин Хайрулаев МухIамадил минаялъуб рукъцIурал чагIазда цебе рукъбакьулъе ранила хъатцIурал автоматалъул гулби. НухIудинил автомобилалъуб ярагъ лъунила, Шамилил доре рачIунеб мехалда гьенир магIи рокъоре рачIарал руччабаз нахъе гъунин, жанире риччачIин гьелилан.

Гьевго чияс бицухъе гьебго къоялъ чIварав Хайрулаев МухIамадги хIалтIудаса къватIиве вахъараб бакIалда гьелго чагIаз чIван вугилан. МухIамадиде кIалъан йиго ХIажиев Шамилил яц. Гьел гIагарал чагIи кколел рукIун руго.

Гьелъ гьарун буго Шамиль чIван вугин абун харбалги ругила, гьеб ишалъул хIакъикъат лъазабейилан. Гьелъул хIакъикъат цIехезе унаго маххул нухде аскIов щолаго автомобилалъул люкалъусан ваккун кIигояс чIван вуго гьевги. Гьезда щибниги гIайиб букIараб батани гьедин чIван реххичIого къануналда рекъон букIине кколеб тамихI щайила гьезие гьабичIебин абун ццин бахъун руго чIваразул гIагарлъи.

ХIажиев Шамилил гIагарав чи: «Гьел полициялде ахIун рукIаралани рачIунарел чагIи рукIинчIо, кирниги рахчунги рукIинчIо гьел. НухIудинги Шамильги кIиялго щибаб къойил интернет бачунел рукIунаан къватIахъ, МухIамадги автомобилал чурулеб бакIалда гIарац бакIарулев чилъун хIалтIилев вукIана.

Лъабазулго хъизанги букIана, лъаб-лъаб, ункъ-ункъ лъималги рукIана гьезул. Къойил нус-нус чиясда рихьулел чагIи гьезда рихьуларогойищ рукIарал щиб гьабулел ругелали. Гьезни абулеб бугин гьез изнугьечIого яргъид гIуцIаразе кумек гьабулеб букIанин абун. Гьебги гьереси буго, амма гьедин букIараб батани щайха кквезеги ккун гьезие букIине кколеб тамихI гьабичIеб.

Щай гьел 10ги 50ги сонги кьун туснахъ гьаричIел, яги кколел рукIарал ратани гIумруялъго жанир тIамун тезе рукIун ругоха, чIвазейищ кколел».

ЧIваразул гIагараз гьединго абулеб буго чIван лъабго къо ине бугониги жеги гьезул жаназаби кьолел гьечIила жидехъейилан. 18 декабралда гьел Гъизилюрталъул прокуратураялде ун руго гьел кьейилан абун гIарзаги хъван. ГIагараб заманалда жидер тIалабал тIурачIони митингалде рахъине ругин жалиланги лъазабулеб буго гьез.

XS
SM
MD
LG