МагъчIваялъе рес

Гендерил парсахъ аскарияз кьвагьи лъун буго


10 августалда Унсоколо мухъалда нахъойги контртерроралъулаб режим лъазабун буго. Гьелъул хIасилалда гендерил тоннелалъусан унеб нухги къан буго.Аскарияз гендерил парсазухъ ралагьулел руго изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къукъаби. Хасаб операция кида рагIалде бахъунеб ва тоннелалъусан автомобилал кида хьвадизе риччазе ругелали лъицаниги баян гьабулеб гьечIо.

10 августалда Унсоколо мухъалда контртерроралъулаб режим лъазабиялда бан магIарухъе нахъ хьвадулел гIадамазе нахъойги кIвекIенал ккана.

Радал сагIат анлъгоялда бащдаб хIалтIарабго гендерил тоннел къан буго. Амма магIарухъан шагьаралде рачIунел гIадамазда, сагIат ичIго тIубарабго Унсоколо мухъалъул Времменное росдада цере щвезегIан лъачIо гьеб къан букIин.

Аскарияз цебе рагъулаб «Урал» автомашинаги лъун сангар къан букIана тоннелалъухъе сверулеб нухда ва дагь-дагьккун автомобилазул читIирги гIолеб букIана гьениб.

ГIадамазул рази гьечIеб хъуй букIана радал хеккого тоннель къан букIараб батани, Унсоколо мухъалде сверулеб бакIалда, багIараб кьодухъ посталда чIарал аскарияз щайин абичIеб тоннель къан бугин, чIалгIаде гьенисан сверугеян. ХIасил-калам киналго нахъги руссун Лавашисан бугеб шагьранухалъ ине ккана шагьаралде.

Республикаялъул оперативияб штабалъ кьурал баяназда абулеб буго Унсколо мухъалда ралагьулел ругин изну гьечIо яргъид гIуцIаразул къукъабиян. Дагьаб мухIканаб баян «Эркенлъи» радиоялъе кьолеб буго Генуб росдал нухмалъулев МухIамадов АльясагIица.

АльясагI МухIамадов: «Буйнакскиялдаса рачIунаго оонелги бахун квараниса руго хъахIкьерал гендерил кьураби, гьениб лъун буго аскарияз кьвагьи, гIарададул залп речIизабун, кьвагьи лъун буго гьез гьениб

ЭР: «Цересел нухазда гIадин аскарияз Генуреги рачIун гъалмагъир гьабурал хIужаби кканин гьаб нухалъ?»

АльясагI МухIамадов: «КкечIо, росулъе гьел раккичIо, гIадамазе щибниги къварилъи гьабичIо гьез».

ЭР: «Тоннель кида рагьизе бугебали дуда лъалеб жо гьечIиш?».

АльясагI МухIамадов: «Тоннель гуребги росулъе жанибе бачIунебги нух къан буго кисанго, кида гьел рагьулелали лъиданиги лъалеб жо гьабсагIат».

Мухъалъул нухмалъулес лъазабуна росдал гIадмал КТО лъугIизегIан кирениги инчIого росулъго чIаян лъазебейин гьездаян. Гьаракь кIодо гьабулеб алатги хIалтIизабун нижеца гьеб лъазаб кибего тIибитIизабуна».

Контртерроралъулаб низам лъугIизегIан росулъе кирениги инчIого чIаян лъазабун буго гендерида. Цогидаб информациялда рекъон, 15 августалда МахIачхъалаялда Сагид МуртазагIалиевасул рахъккураб митингалде, Унсоколо мухъалдаса чагIи рачIинчIого рукIине гIололъун къан букIинеги бегьулин гендерил тоннелилаy абураб хабарги рагIула гьениб бицунеб.

Гьелъул бицунарев чиго гьечIин гьабсагIаталда мухъалдаян абулеб Генуб росулъа жиндир цIар бицине разилъичIев чияс информалатазе кьураб баяналда. Официалияб куцалъ гьеб хабар нижер программаялъе лъицаниги тасдикъ гьабичIо.

XS
SM
MD
LG