МагъчIваялъе рес

Заирбеговасда цlехе...


Заирбегов Асхlабгlали
Заирбегов Асхlабгlали

Хасавюрталдаса адвокат МухIамадова Сапиятица тIалаб гьабулеб буго кIиго соналъ цеве Гъизилюрталдаса гIолохъанчи тIагIиялда сверун ишалъул гIурхъабалъ доб мехалда гьеб мухъалъул вукIарав полициялъул нухмалъулев Заирбегов АсхIабгIалил сурав юосизе кколин. Гьев кIиго моцIалъ чанго бакIаб такъсир гьабиялъул гIайибги гIунтIизабун полициялъ ккуна Москваялда.

Гъизилюрталдаса Халидов Акав тIагIун вукIана 2012 соналъул 29 февралалда. Гьесул хъизан Рашидатица бицухъе 28 февралалдаги гьев жиндирго дачаялда вукIун вуго. 29 къоялъул радал сагIат анцIго тIубараб гIужалда гьев жидирго ичIабилеб маркаялъул автомобилалда ун вуго гьениса жиндирго яц Эльмирахъеги щун гьениса МахIачхъалалдеги инеян. СагIат анцIила кIиго тIубарабго гьелъ ахIулеб букIун буго росасухъе, амма гьес жаваб кьун гьечIо.

Акавил эбел-инсуца бицухъе цебесеб къоялъ 28 февралалда гьев кIиго нухалъ чIезавун вуго полициялъ, цин Гъизилюрталъул базар бугеб бакIалда, кIиабилеб нухалъ СултIанянгъиюрт росадада аскIоб бугеб полициялъул посталда. Низам цIунулез абун буго жидехъ Халидовасде ориентировка бугин, амма жанисел ишазул идараялда щун хадур нахъвуссун виччан вуго гьез Акав.

Халидовасул гIага-божаразул адвокат Сапият МухIамадовалъ 2012 соналъул май моцIалда информ алатазе кьураб баяналда абулеб букIана жидер вас тIагIун вукIиналда бан гьез кьураб гIарзаялъул хал гьабизецин тIаде босичIин полициялъул хIатIухъабаз.

Гъизилюрталъул полициялъ Хасавюрталъулазде бан, Хасвюрталъулаз тIад буссун аздехъан бан цонигияз миллат гьабулеб гьечIин гьелъулилан абулеб буго адвокаталъ

14 апрелалда Сапият МухIамадовалъ гIарза хъван буго цIех-рехалъул комитеталъул Дагъистаналда бугеб бутIаялде. Гьениб гьелъ тIалаб гьабулеб буго Халидов Акав тIагIун вукIиналда бан сурав босизе кколин Гъизилюрт мухъалъул жанисел ишазул идараялъул вукIарав нухмалъулев Заирбегов АсхIабгIалидасан.

Адвокаталъ бицухъе Халидовасул гIага-божараз чанго нухалъ телеграммаби ритIун руго батIи-батIиял идарабазде гьезул вас тIагIиналъе гIайибиял чагIи Гъизилюрталъул полициял ругилан.

МухIамадова Сапият: «Низам цIунулез гIемер мехалъ къабул гьабулеб букIинчIоХалидов Акав тIагIун вукIиналда бан гьез хъвараб гIарза. Викъарасул гIагарлъи гьез битIулеб букIана цIех-рехалъул комитеталъул Хасавюрталда бугеб вакиллъиялде, щайин абуни гьесул автомобиль бугин дозул доба туснахъ гьарурал гIадамазул автомобилал чIезарураб бакIалдаян абураб хIужа бачун буго гьез багьанадуе»

ЦохIо АсхIабгIали Заирбегов гуревги гьединго цIех-рехалде ахIизе кколин Гъизилюрталъул жанисел ишазул идараялъул хIалтIухъаби Пираев МухIамадги ва ХIайбулаев МухIамадгиян тIаде жубалеб буго жиндирго гIарзаялда Сапиятица.

Живго АсхIабгIали Заирбегов чанго бакIаб такъсир гьабиялъул гIайибги гIунтIизабун жанив тIамун вуго гьабсагIат.

Гъизилюрталъул полициялъул нухмалъиялда вукIаго чанго нухалда къасд гьабун букIана Заирбегов чIвазе. Гьединлъидал гIумру гьабун хIалтIулеб бакIалдаго вукIана.

Гъизилюрт мухъалъул Чонтаул, Комсомольское росабазулгун Заирбеговасул кутакал дандеккунгутIаби лъугьун рукIана. Чонтаулалдаса ХIажиева Салиматил рокъореги рачIун маскаби ххурал чагIаз хIалбихьун букIана бензинги тIаде тIун тIубараб хъизан бухIизе. Гъизилюрталъул полициялде гьабулеб букIана гIадамаз гIайиб. Амма Заирбеговас гьелдаса инкар гьабулеб букIана, гьеб жиндир гьалмагъасул хъизан кколин, гьединлъидал гьединаб жо кинин жидеца гьабулебилан.
XS
SM
MD
LG