МагъчIваялъе рес

Террористалин абунилан какги бачIого, кIалги кквечIого рукIине къваригIунищ бугеб ниж?!


Маххул нухги ккун чIарал Комсомольское росдал гIадамал, 05Авг2012
Маххул нухги ккун чIарал Комсомольское росдал гIадамал, 05Авг2012

Гъизилюрт мухъалъул Комсомольское росдал администрациялда 6 августалда тIобитIараб данделъиялда гьоркьоб лъун букIана полициялъулаздаги росуцояздаги гьоркьоб лъугьараб дандеккунгутIиялъул суал.

Гъоркьгоги беццилеб хIалалда букIинчIеб ахIвал-хIал гьениб тIадеги хIалуцана 3 августалъул рогьалилъ Хайрулаев Адам вачун индал. Мажгиталдаса рачIунел гIолохъабазда гьоркьоса гIицIго гьев ун вуго вачун. Гьев вугеб бакI тIалаб гьабун гIадамаз 5 августалда къан букIана росда аскIосан унеб маххул нухги. Гьедин бащдаб къоялъ балагьун чIана гьениб Москваялдаса МахIачхъалаялде бачIунеб поезд.

Бигьаго нух рагьунгутIи бичIчIарал цо-цо гIадамал гьелда тIаса рахъунги рачIун, Гъизилюрталда гъоркьа рещтIунел ругоан.
Маххул нухги ккун чIарал Комсомольское росдал гIадамазда гьоркьой йикIарай Хайрулаев Адамил эбел ГIайшатида лъалеб гьечIоан жиндир вас вачун иналъе гIилла.

Хайрулаев Адамил эбел ГIайшат, 05Авг2012
Хайрулаев Адамил эбел ГIайшат, 05Авг2012
Адамил эбел ГIайшат: «Щиб лъалеб щай вачун аравали. 12 сон буго гьедин нижее гIакъуба кьолелдаса. Киб щиб кканиги, рачIуна, гьевги вачун уна. Суравги кьезабун вачIуна. Спирт-заводалдаса компьютер бикъаниги нижехъе рачIуна. Кавудахъан кIанцIунги рачIуна. Гьурмазда маскабиги рукIуна. 28 сон буго гьесул, лъадиги ичIго моцI барав васги вуго. Кивниги хIалтIулевги гьечIо. гьедин щибаб нухалда вачун индал, вухун вачIун вукIинчIо, 20 ноябралда вачиндал гурони».

Маххул нухги къан Комсомольскоеялъул гIадамал чIун сагIат араб гIадаб мехалда раккун рачIана гьурмада маскабиги ххурал полициялъулал. Гьеб мехалда гIадамал цо руккелги гьабун чIана, цинги Аллагьу Акбар, Лаилагьа Иллалагьинги ахIулаго гьезда данде ана. Полициялъулалги гьелги гьумер битIун данделъана цо параялъ. Гьеб мехалда ритIизарун эхеде автоматалгун гьаваялде кьвагьдезе лъугьана гьел.

(АЛЛАГЬУ АКБАР!!! Кьвагьа-гIанхъи, лъимадул гIоди).

Маххул нухги ккун чIарал Комсомольское росдал гIадамал гильзаязде балагьун
Маххул нухги ккун чIарал Комсомольское росдал гIадамал гильзаязде балагьун
ГIадамал нахъе къачIо, Аллагьу Акбарин ахIулаго додинго церехун унел рукIана. Гьеб мехалда гали нахъехун босана полициялъулаз. КIиго сагIатгIан мех бана гьез нахъегIанги къан балагьун чIун. Маххул нухги ккун чIарал гIадамалгун кIалъазе вачIана жанисел ишазул министр хисулев Хъарчигъаев. Гьесги цогидазги гIадамал гIодориччазаруна жал гьабсагIаталда телефоналдасан кIалъанин бакI-бакIалде, нужер вас вугеб бакIги лъалин, гьесие щибго къварилъиги гьечIилан. Итни къоялъ, 6 августалда жанисел ишазул министрасулгун дандчIвайги гьабилин нужее. Гьеб мехалда ана гIадамал маххул нухдаса нахъе.

Ахираб заманалда гIемер рагIула Комсомольское росулъ полициялъ чIухь бан бугин, хасал операциял тIоритIун ругилан. Полициялъ гьеб экстремизмалда хурхинабула. Амма жидеда чIвараб гьеб цIаралда рази гьечIоан гьеб росдал гIадамал.

Хайрулаевасул эбел ГIайшатги гьелъул мадугьалги: «Гьанир террористаз гIумру гьабулеб кинигин, рачIун гъалмагъирал гьарула ганир. Расги гьечIо гьаниб. Гьез террористалин абунилан какги бачIого, кIалги кквечIого, Къуръанги цIаличIого рукIине къваригIунищ бугеб ниж?!».

Жидер росдада тIад михир бачине некIого заман щун бугилан абун рагIулин Гъизилюрталъул полициялъул нухмалъулев Заирбегов АсхIабгIалицаян ругоан митингалда Комсомольское росдал гIадамал. Гьелъул хIакъикъат цIехедал, живго Заирбегов АсхIабгIалица ЭР-ялъе абуна полициялъул нухмалъулев хIисабалда жинда рекъон букIунарила гьединал лъазабиял гьаризе, гьединлъидал жинца гьедин абунги букIинчIила. Амма жидерго рагъухъабиги хIалтIухъабиги рачун жидеца гьенир цIех-рехалъул тадбирал гьарун рукIанила.

Гьеб мехалда жидер кIиго хIалтIухъан лъукъунги вукIанила, дозул кIигояв чIванги вукIанила. Полициялъул нухмалъулесул пикруялда, Комсомольское росулъ руго экстремизмалде халкъ ахIулел гIадамал. Гьелъие мисаллъун рачана гьес доб маххул нухда гьатIан къоялъ букIараб руккалилъа ваккун вачIун жинда цо чияс абурал рагIаби.

Заирбегов АсхIабгIали: «Гьавугьинанги вачIун гьес лъазабуна жидеца нужер лъимал ралагьулеб заманги тIаде щвелила цо. Гьелъул магIна щибин гьикъидал, гъос абуна бихьулищин дора гIараб улкабазда тIалъи вагьабияз, магжилаз босанин, гьанибги гьединго букIине бугилан».

Адамил гIагарлъиялъ абулеб буго гьев низам цIунулез анин, амма полициялъул нухмалъулев Заирбегов АсхIабгIалица рикIкIунеб буго Хайрулаев Адам викъун анин Комсомольское росулъги гьелда сверухъги ахIвал-хIал хIалуцин букIине къваригIарал чагIаз. Жакъа бокьараб бакIалда эркенго бичулеб бугин низам цIунулез ретIунеб гIадаб ретIел, гьединлъидал кколеб батилин гIадамазда гьединал пишаби жидер хIалтIухъаби гIахьаллъулилан.

Полициялъул нухмалъулесда лъалеб бугоан Адам я цIакъго радикалалин абулел диниял чагIазда гьоркьове гурев, я тIубанго диналдаса рикIкIад чIарал гурел гIадамазда гъорлъе унев вукIинчIолъи. Гьоркьо-гьоркьов футболги хIан вукIунев, лъиданиги ракIалде щолев чи вукIинчIила гьев. Гьединлъидал ургъунго унги ватулила гьев вачун, бихьулищин гьанже жалго жидедего руссун парахат ругел чагIиги толел гьечIилан гIадамаз абизелъун.

Щалинха гьел кколел абун гьикъидал, дол рохьалъ чIарал гIадамазда нахъа ругелго гIадал чагIийин жаваб кьуна АсхIабгIалица.
МоцIица цебе интернеталда тIибитIизабун букIана Робин Гудалин жидедаго цIар лъурал чагIазул видео-хитIаб. Гьез лъазабулеб букIана жал ругин «рохьилаз» гIагарал чагIи чIварал гIадатиял гIадамал, жидеца гъуризе ругила изну гьечIого яргъид гIуцIарал гIадамал. Рагъулаб ратIлилъ ва ярагъ кодоб ккурал гIолохъабаз гьеб хитIабалда абулеб бугоан «рохьилалги» гьезул магIишатги щущазабизе бугин жидеца.

Гъизилюрт мухъалъул «рохьилазул» амир Абу МугIазидаги лъазабулеб бугоан гьез мукIурлъун, полициялде кверде рачIаян. Абу МугIазги чIван дагьалъ цеве. ГьатIан къоялъ Комсомольскоеялда аскIор митингалде рахъарал гIадамаз бицунеб бугоан гьел Робин Гудазул. Щалниги гурин гьел, жалго къанун цIунулел ругила. Щайгурелъул гьезул кIалъаялъулъ рукIанин хас гьабун къанун цIунулез хIалтIизабулел рагIаби.

Гъизилюрталъул полициялъул нухмалъулев Заирбегов АсхIабгIали
Гъизилюрталъул полициялъул нухмалъулев Заирбегов АсхIабгIали
Заирбегов АсхIабгIали: «Гьел ратизе бегьула церего милициялда хIалтIулел рукIарал гIадамал. Амма дица азарго проценталъ ракIчIун лъазабулеб буго, гьезда гъорлъ цониги полициялъулав гьечIо, вукIине ресги гьечIо».

Гьедин бицана ЭР-ялъе Гъизилюрталъул полициялъул нухмалъулев Заирбегов АсхIабгIалица Робин Гудазул хIакъалъулъ.

Гьес нухмалъи гьабулеб полиция гIемер щолел росаби Гъизилюрт мухъалда Чонтаулги, Кироваулги, Комсомольскоеги буго. Гьениб хIалтIи гIемерлъиялъги цебехун жив чIвазе цо нухалда къасд гьабун букIиналъги, живго полициялъул нухмалъулевги гIумру гьабун полициялдаго вуго.
XS
SM
MD
LG