МагъчIваялъе рес

Полициялъул нухмалъулев заманаялъ хъулухъалдаса нахъе гьавуна


Гъизилюрталъул полициялъул нухмалъулевлъун вукlарав Заирбегов АсхIабгIали
Гъизилюрталъул полициялъул нухмалъулевлъун вукlарав Заирбегов АсхIабгIали

АсхIабгIали Заирбеговги хъулухъалдаса заманаялъ гIодов чIезавун Гъизилюрт шагьаралъул полициялъул нухмалъулевлъун тIамуна ШайхмухIамад ШайхмухIамадов. ГьанжелъагIан гьев хIалтIулев вукIун вуго МахIачхъалаялъул Кировский мухъалъул полициялда.

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул баяназда рекъон, АсхIабгIали Заирбегов заманаялъ хъулухъалдаса гIодов чIезавеян кагъат гьезул министрасухъе бачIун буго ЦIех-рехалъул комитеталдасан. Гьелъие гIилла гьадин баян гьабуна ЦIех-рехалъул комитеталъул официалияв вакил Расул Темирбеговас.

Расул Темирбегов: «Гъизилюрталъул полициялъул хIалтIухъабазда хурхун байбихьун буго цIех-рех. Щаклъи буго гьез гIадамазухъа, хас гьабун абуни, бизнесменазухъа кIудияб къадаралда гIарац бахъулеб букIиналда. ЦIех-рех ахиралде щвечIого дица гьезул цIарал рицинехъин гьечIо гьанир. Гьединлъидал полициялъул нухмалъулев АсхIабгIали Заирбеговги хъулухъалдаса гIодов чIезавун вуго гьеб цIех-рех рагIалде бахъинегIан, жиндирго хъулухъалдаса пайдаги босун, цIех-рех битIараб нухдасан бачине гьес квалквал гьабилин хIинкъи букIиналъ».

Заманаялъ жив хъулухъалдаса гIодов чIезавиялда бан баян кьезе АсхIабгIали Заирбеговасулгун бухьен гьабизе бажаричIо ЭР-лъухъа, гьесул телефоналъ жавабги кьечIого.

Бицен гьабулел полициялъулал рахъарал гIоларин хIалтIудаса, гьезул министрги вахъизе кколин рикIкIунеб буго Шамилов МухIамадица. Гьев ккола полициялъул хIалтIухъабазул махщалилал цолъиялъул нухмалъулев.

Шамилов МухIамад: «Гьав чи хIалтIудаса вахъулев вугин, лъидаяли кинабали гIайиб ккун бугилан бицунарелъул аз ахиралде щвезегIан. Гьел хIалтIухъаби рахъарал гIоларо, гьезул министрги вахъизе ккола. Гьесул бажарунгутIиялъул хIасил буго гьаб кинабго. МухIарамкенталда рекъечIел жал гьарулел ратун ккун руго гьезул чанго чи».

Гъизилюрталъул полициялъул нухмалъиялда вукIаго чанго нухалда къасд гьабун букIана Заирбегов чIвазе. Гьединлъидал гIумру гьабун хIалтIулеб бакIалдаго вукIана. Хасго гьев машгьурлъана гъоркьисала риидал, изну гьечIого яргъид гIуцIарал гIадамазде видеохитIабал гьарун хадур. Масала, иргадулаб хитIаб гьес гьабун букIана гьеб мухъалда амирлъун вукIарав ТIалхIатов ХIажимурадиде.

АсхIабгIали Заирбегов: «Дуца гьеб кIалъаялдалъун гIодобегIан ва инжит гьабулеб буго гIадатияб халкъ. Халкъалъул къимат гьабизе ккола. Гьелъул адаб хвараб щибаб рагIухъ нилъеца халкъалда тIаса лъугьаянги гьаризе ккола. Жиндир халкъалъул къимат гьабуларев чи ккола талихI къосарав чи».

Гъизилюрт мухъалъул Чонтаул, Комсомольское росабазулгун Заирбеговасул кутакал дандеккунгутIаби лъугьун рукIана. Чонтаулалдаса ХIажиева Салиматил рокъореги рачIун маскаби ххурал чагIаз хIалбихьун букIана бензинги тIаде тIун тIубараб хъизан бухIизе. Гъизилюрталъул полициялде гьабулеб букIана гIадамаз гIайиб. Амма Заирбеговас гьелдаса инкар гьабулеб букIана, гьеб жиндир гьалмагъасул хъизан кколин, гьединлъидал гьединаб жо кинин жидеца гьабулебилан.

Бицен гьабулел росабазул гIадамал изну гьечIого яргъид гIуцIаразулгун бухьеналда рукIин дандекколарин жидееян абулеб букIана доб мехалда Гъизилюрт мухъалъул полициялъулаз.

XS
SM
MD
LG