МагъчIваялъе рес

Табасаран мухъалда росдал бегавулас чи чIван вуго


ЦIар рагIарав жамгIияв хIаракатчи Гъазихан Къурбановасул вас чи чIваялъул гIайибги гIунтIизабун туснахъ гьавун вуго.

Табасаран мухъалъул Гурик росдал бегавул Къурбанов Ризваница чIван вуго гьебго росулъа чи. ЦIех-рехалъул идарабазул баяназда рекъон, бегавулас цебе-цебеги гьезда гьоркьоб букIараб тунка-гIусиялъе гIоло чIван ватизе рес буго гьев чи. Амма Къурбановасул гIагарлъиялъ лъазабулеб буго живго жинцаго цIунулаго чIван вугин бегавулас гьевин.

Табасаран мухъалъул къуваталъул идарабаз Гурик росдал мажлисалъул депутат ГIалимурад Рамазанов чIваялда щаклъи букIун гьебго росдал бегавул Къурбанов Ризван ккун вуго. ЦIех-рех лъугIизегIан гьев моцIица туснахъ гьавизе хIукмуги къотIун буго диваналъ. Гьеб чIвай-хъвей ккун буго 13 январалда. Гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун батIи-батIиял баянал кьолел руго бакIалъул гIадамазги. Официалиял, Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул баяназда рекъон арбагI къоялъул сардилъ цебеги букIараб дандеккунгутIиялъе гIоло Рамазановасдаги Къурбановасдаги гьоркьоб цIидасан тунка-гIуси ккун буго. Къурбановас лъабцIул нус кьабун буго Рамазановасда. Гьеб бакIалдаго хун вуго депутат.

Гурик росулъа ГIалиев МухIамадица «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда бицана 13 январалъул къад росдал годикIанир ругеб бакIалда Къурбанов Ризванидаги Рамазанов ГIалимурадидаги гьоркьоб кIалъай ккун бугилан. Росдал бюджеталда бугеб гIарцуда тIасан букIун буго гьезул дагIба.

ГIалиев МухIамад: «Гьеб дагIба ккун хадусала берцинго ратIалъун руго гьел, хадуб къаси сардилъ 11 тIубараб гIадаб мехалда Ризван квен-тIех буссулеб-къотIулеб нусги босун дов чIварав васасул рокъове вачIун вуго. КIалъазе къваригIун вугин абун къватIиве ахIун вуго гьес ГIалимурад. Къад дургун букIараб кIалъай лъугIичIин жеги жиндириланги абун гьесул рекIелъ нус кьабун буго бегавулас. Гьеб бакIалдаго гIодовречIчIун ГIалимурадги хун вуго гьесул автомобильги бачун полициялде жинцаго гьабураб такъсиралъул бицине Ризванги ун вуго».

32 сон барав Гурикалъул бегавул Къурбанов Ризванги 31 сон барав депутат Рамазанов ГIалимурадги кIиялго кутакалда лъикIал васал рукIанин. Бажариги бугел, ресалдаги ругел гIолохъабиги рукIанила гьелилан бицана ГIалиев МухIамадица. Ризваница росдае нухмалъи кIигогIан соналъ гьабулеб букIун буго, чIварав ГIалимурадицаги рищиязда гьесул рахъги ккун букIун буго. Гьанибго абизе ккола гьев Къурбанов Ризван цIар рагIарав жамгIияв хIаракатчи, Табасараналъул коррупциялде данде чIараб жамгIияб гIуцIиялъул гIахьалчи Къурбанов Гъазиханил вас кколев вукIун вугилан.

Гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъикъат цIехезе чанцIул ахIаниги живго Къурбанов Гъазихан «Эркенлъи» радиоялъухъе кIалъазе щвечIо. Амма гьесул гIагарав чи ва жамагIатчи Къурбанов ХIажица «Экренлъи» радиоялъе Рамазанов ГIалимурад чIваялъул хIакъалъулъ гьадин бицана:

Къурбанов ХIажи: «ЧIварасул Ризванидаса разигьечIолъи некIого букIана, бащадаб лъагIелгIан мехалъ гьесие питна бухъулев вукIана гьев ГIалимурад. Живго лъикIав васги вукIана гьев, Ризван ва Гъазихан вокьуларез нахъасан гаргадун вагъаризавулев вукIун ватилин гьевилан ккола дида. Гъазиханги мухъалъул нухмалъиялъеги лъиениги данде кколароан, гьезул жамгIияб гIуцIиялъ чанги къо бихьизабуна бакIалулаб бетIерлъиялда. Росулъги гьесулгун дандекколарел чагIи камулел рукIинчIо. Щиб гьев чIварасе Ризванидасан къваригIун букIарабалиги дида лъаларо, лъала гьезул дандеккунгутIаби рукIараллъи. Гьеб чIвай-хъвей ккараб сордоялъ ГIалимурадги цойги гьесул лъабго гьалмагъги гьекъолел рукIун руго. Гьеб бакIалда Ризванилги чIварасулги дандеккунгутIи букIин лъарав цояв гьудулас абун буго бегавул гьанивеги ахIун гьев кьабизе кколилан. Гьесухъе жалгойищ гьел кIалъарал, цойги чийищ кIалъазавуравали лъаларо дида, амма жиндие цо жо гьабизехъин букIан лъаниги Ризван ун вуго гьениве. Щиб кканигийилан абун босун букIун батила цадахъ гьеб квен-тIехх буссиялъе хIалтIизабулеб нусги. Чи чIвазе ракIалда букIун батани бокьани ярагъ, яги кIудияб нус хIадурула чияс. Чед къотIулеб нусги босун унаро, гьеб лъачIого ккараб балагьаб иш буго. Цояз абулеб буго Ризван чIвазе ахIун вукIанин гьел гIолохъабазилан, цойгидаз абулеб буго вухизе къваригIун букIанин гьевилан. Кин букIаниги рагъулеб бакIалда кодобе щвараб нус кьабун буго гьес, рекIелъги щун гьев васги хун вуго. Живго Ризванги лъикI кьабун вуго».

Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун Россиялъул къануналъул 105 бутIаялда рекъон такъсиргьабиялъул иш рагьун буго. Гьеб такъсир гьабиялъул гIайиб Къурбановасда тIад чIезабуни гьев къануналда рекъон 15 соналъ туснахъ гьавизе бегьула.

Гьединго Табасараналдаса гIадамаз «Эркенлъи» радиоялъе бицана гьеб мухъалъул Хурик росулъа чиясул чIобогояб автомобиль батун бугин росдада цебе рехун. Бидул лангалги ругин гьелда жанир, автомобилалъул бетIергьанги ватулев гьечIилан. Росдал гIадамаз сверухълъиялдаса гIебеде гьев валагьулев кIиго къо ун буго. ЦIех-рехалъулги жеги кинаб букIаниги хIасил ккечIин лъазабулеб буго гьез.

XS
SM
MD
LG