МагъчIваялъе рес

Дербенталда кьвагьа-гIанхъиялда 10 чи лъукъун вуго цояв чIван вуго


Дербент. Нарын-хъала. Такъсир ккараб бакI
Дербент. Нарын-хъала. Такъсир ккараб бакI

АрбагI къоялъ Дербенталда ккараб кьвагьа-гIанхъиялъул хIасилалда цо чи чIван вуго, лъукъарал гьаб сагIат цIакъго квешаб хIалалда гьечIин лъазабулеб буго тохтурзабаз.

Гьеб лъугьа-бахъин ккун буго сардилъ цо тIубалеб гIадаб мехалда. Шагьаралде тIаде балагьараб Нарын-хъалаялда цебе бугеб майданлъиялда. Къуваталъул идарабазул вакилзабаз лъазабулеб буго гьенире сардилъ шагьаралъухъ балагьизе туристалги рачун рачIарал бакIалъул гIадамазде накIкIил рохь бугеб рахъалдасан изну гьечIого ярагъидгIуцIарал кьвагьдон ругилан. Гьеб Нарын-хъала магIарда тIад, рохьалда аскIоб буго.

БакIалъул гIадамаз абулеб буго гьеб кьвагьи бахъун хадуб жидеда гьеб цин лъималаз кьвагьулеб пиротехникаялъул гьаракьилан кканилан. Гьединлъидал гIадамаз гIинтIамичIин гьелъухъилан. Хадур жал аскIорегIан щвараб мехалда лъукъичIез лъукъарал хъалаялдаса гъоркье раччулел ратанила. Жидецаго автомобилалъур рекIинарун гьел азарханаялде рачине лъугьараб мехалда гурони я полиция я хехаб кумекалъул автомобилал гьенире раккичIилан.

Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ кьурал баяназда рекъон гьеб хъалаялда аскIор къогоялдасагицин цIикIкIун чи вукIун вуго гьезде тIадекIанцIи гьабураб мехалда. Гьел гIадамазда гьоркьор аскариялги, ФСБялъул хIалтIухъабиги рукIун руго.

ЧIваравги кколев вуго 24 сон барав ФСБялъул прапорщик Семен Спорышев. Гьебго идараялъ лъазабулеб буго кIиго батIияб автоматалъ ва цо тункIица кьвагьдон ругин гьездейилан, гьединлъидал дагьалдасан тIадекIанцIи лъабгониги чияс гьабун бугилан.

Такъсир ккараб бакIалдаса 60 гильзаги нахъе босун буго гьез. ТакъсирчагIи чIегIераб «Приора» автомобилалда рекIун тIурун ун ругинги лъазабулеб буго гьезго.

«Известия» газеталъ хъвалеб буго жидехъе Дагъистаналъул жанисел ишазул минисерлъиялдасан щварал баяназда рекъон гьеб тIадекIанцIи гьабун бугила ДАИШалъе гьа бараб жанубияб Дагъистаналъул изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъилан.

Дербенталдаса 30 сон барав Абутдин ХанмухIамадовас нухмалъи гьабулеб гьеб къокъаялъ цере-цереги чанги гьединал вахIшиял такъсирал гьарун рукIун руго. 2013 соналда Табасаран мухъалъул Хучни росулъ полициялъул кIалтIа терракт гьабизе гьев ХанмухIамадовасул автомобиль хIалтIизабун хадув хасал идарабаз федералияб цIех-рехалде лъазавун вуго гьев.

Дербенталда букIараб кьвагьа-гIанхъиялъул хIасилалда зарал ккаразул хIакъалъулъ къуваталъул идарабаз батIи-батIиял баянал кьолел рукIана.

Цин гьез лъазабуна микьго чи лъукъун вугилан, хадубги цин инчIго –анцIго чи лъукъун вугилан. «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда Дербенталъул аслияб азарханаялъул бетIерай тохтур Румина Демировалъ лъазабуна гьениб 12 чиясе зарал ккун бугилан.

Румина Демирова: «Нижер азарханаялде 12 чи вачун вачIун вукIана. Гьезул цояв хвана, гьесул рекIелъ щун букIун буго гулла. Цойгидасул квералда хъван ун буго гулла, гьев нолъго медицинаялъул кумекги гьабун рокъове виччан вукIана. Цояв ФСБялъул хIалтIухъан вукIиналъ гьезул хасаб ахарханаялде вачун ана. Гьаб сагIат нижер гьанив ичIго чи вуго, гьезда гьоркьой цо чIужугIаданги йиго. Гьел киназдаго автоматалъул гулби щун руго.

Бищун кIудиясе 61 сон буго, бищун гьитIинасе 18. ГIемерисезул гIезегIан захIматал ругъналги руго. Гьезие киназего гьабизе кколеб кумекги гьабуна, киналго тохтурзабиги хIалтIизе рахъинарун хасаб низамалда хIалтIулеб буго гьаб сагIат азархана. ХIажаталщинал дарабиги, биги буго чIезабун. ЦIакъго захIматаб хIалалда цониги лъукъаравги гьечIо гьаб сагIат».

Гьеб кьвагьа-гIанхъиялда тIасан кIалъай гьабулаго Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас абуна гьеб такъсир тIубан тIагIинаричIого гъоркь хутIарал террористиял къокъабазул вакилзабаз гьабун батилилан.

Гьез дербенталда берцинго, ракълилаб гIумруялда ругел гIадатиял гIадамазе бецIулеб бугилан. Гьеб такъсир рагьизе ва гьелъие гIайибиял тамихIалде цIазе тIалъиялъги, бакIалъул гIадамазгун нухмалъиялъги къуваталъул идарабазе кIвараб кумек гьабизе бугилан.

Гьединго Дагъистаналъул жанисел ишазул министр ГIабдурашид МухIамадовасги лъазабуна гьеб такъсир рагьиялъул иш жиндир хасаб бербалагьиялде гъоркье босулеб бугилан. Гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ Россиялъул къануналъул лъабго батIияб бутIаялда рекъон такъсиргьабиялъул иш рагьун буго.

Гьанибго абизе ккола «Эркенлъи» радиоялъухъе Дербенталъул журналистаз гьел официалиял баяназде данде кколареб информацияги кьунин гьеб лъугьа-бахъиналда хурхунилан. Гьез абулеб буго изну гьечIого яргъидгIуцIараз кьвагьичIин гьездейилан.

Нарын-хъалаялда аскIоб бугеб рестораналда квана-гьекъолел рукIарал гьел гIадамазда гьоркьоб столалда нахъа рукIаго дагIба ккун букIун бугилан.

КъватIире рахъараб мехалдаги гьез питна лъугIизе тун гьечIин ва цоцаде кьвагьдон ругилан. Гьезда гьоркьор Федералияб хIинкъигьечIолъи букIинабулеб идараялъул хIалтIухъаби ва аскариял рукIиналъ гьез рохьилал кьвагьданин жидедейилан абун лъазабулеб бугилан.

XS
SM
MD
LG