МагъчIваялъе рес

Э.Хидировасда тIад рагьараб такъсиргьабиялъул иш къан буго


Эдуард Хидиров
Эдуард Хидиров

Гьал къоязда Дагъистаналъул тIадегIанаб диваналъ, Халкъияб мажлисалъул депутат Эдуард Хидировасда тIад гьес банказул системаялда хIилла-рекIкI гьабиялда бан рагьун букIараб такъсиргьабиялъул иш къазе кколин абураб хIукму къотIи мекъаб бугин лъазабулеб буго республикаялъул прокуратураялъ.

Гьедин прокуратураялъ ва цIех-рехалъул идараялъ гьеб хIукмуялда тIасан гIарзги хъван буго. Жинца такъсирияб къокъа гIуцIаниланги абун рагьун букIараб такъсирияб ишги кьучIгьечIеб бугин гьеб къазе кколин абун официалияб къагIидаялъ лъазабулеб буго живго Хидировасги.

8 декабралда Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ лъазабуна республикаялъул ТIадегIанаб диваналъ сиясатчи Эдуард Хидировасда тIад, гьес хIилла-рекIкI гьабун гIемераб гIарац бикъиялда бан ,рагьун букIараб такъсиргьабиялъул иш къазе кколин абураб ,хIукму къотIиялда жал разиял гьечIилан.

Гьеб хIукмуги нахъе бахъейин ва такъсиргьабиялъул иш букIахъин рагьун гьелда бан цIех-рехги халат бахъинабейилан тIалаб гьабулеб буго гьез. Гьебго тIалаб гьабун Дагъистаналъул прокуратураялъги гьеб диваналъул хIукмуялда тIасан гIарза хъван буго.

ЦIех-рехалъул идараялъ Хидировас гьесул бетIергьанлъиялда гъоркь букIараб «Нафтабанк»алда лъураб гIадамазул гIарац бикъиялда бан рагьун букIана гьеб такъсиргьабиялъул иш.

Республикаялъул цIех-рехалъул идарабаз къануналде данде кколаредухъ рагьун бугин гьеб «Патриоты России» партиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул бетIер Хидировасда тIад такъсиргьабиялъул иш, гьединлъидал къазе кколин гьебин рикIкIун буго диваналъ.

КIиабилеб декабралда диваналъ гьеб иш къайилан къотIараб хIукмуялъ Эдуар Хидировас такъирчилъиялъулаб къокъа гIуцIиялда бан рагьараб цойгидаб такъсиргьабиялъул иш къазе кколеб гьечIо.

Цебехун «Эркенлъи» радиоялъ бицун букIахъе исана ноябралъул байбихьуда хасал идарабаз лъазабуна Хидировасда тIад гьес 500 млн гъурущ бикъиялда ва хасаб такъсирияб къокъа гIуцIиялда бан такъсиргьабиялъул иш рагьун бугилан.

ЦIех-рехалъул идарабазул баяназда рекъон Эдуард Хидировас гьеб къокъа гIуцIун букIун буго. Гьелда гъорлъ рукIаразда гьоркьоса цойги анлъго чиясда тIадги гьабун буго такъсиргьабиялъул иш. Хасал идарабаз лъазабухъе Хидировас хас гьабун экономикиял такъсирал гьаризелъун гIуцIун букIун буго гьеб къокъа 2010 соналдаго.

Гьез хIатта россиялъул банказу лаб системая кьучIаб хIалалъ, букIине кколедухъ хIалтIиялъецин квалквалал гьаризе хIал бихьанин абурал баянал кьолел руго цIех-рехчагIаз.

Гьезулго информациялда рекъон 2011 соналъул декабралда рейредаразулаб къагIидаялъ бахъун буго МахIачхъалаялда букIараб «Нафтабанк» ва гьениса гIадамаз банкалда лъун букIараб гIарцул 300 миллионги бикъун буго гьебго къокъаялъ.

Гьединго гьез гьересиял документалги гьарун гьелгун рекъарал фирмабаздаги гIадамаздаги тIад хъван гIемерал кредитал росулел рукIун руго. Гьелдаса хадуб гьеб банкалъухъа лицензия нахъе босун хадуб, банказул страхование гьабураб гIарац бецIулеб агентлъиялъул 200 миллионги гьоркьоб инабунин гьевго Хидировасги гьесул къокъаялъги.

«КоммерсантЪ» газеталъе баян кьолаго Хидировас лъазабун буго жинда тIад гьабураб гьеб кIиабилеб такъсиргьабиялъул ишги, ай такъсирияб къокъа гIуцIиялъул щаклъи букIун рагьараб иш къазе кколилан. Щай гурелъул гьебги гьанже диваналъ къазе хIукму гьабураб хIилла-рекIкIа гьабун гIемераб гIарац бикъиялда щаклъи букIун рагьараб такъсиргьабиялъул ишалда хурхараб бугин абун.

Ункъго гIан моцIица цеве республикаялдаса тIагIарав Хидировас гьединго лъазабулеб буго гьебго «КоммерсантЪ»алъе жив кивниги вахчун гьечIин, къватIисел хIукуматазда дару гьабулев вугила гьаб сагIатилан. Гьеб лъугIун хадуб Дагъистаналде тIад вуссине ракIалда бугин жиндидайиланги лъазабун буго гьес.

Хидировасда сверун ахIи-хIур бахъун хадуб цо-цо экспертаз абулеб букIана гьев тIокIав Россиялде тIад вуссинарила, гьесие сундуего квербакъи гьабулел рукIарал чIахIиял хъулухъазда рукIаралги жалго туснахъалда ругила, тIадвуссани гьев тамихIалдаса ворчIизе гьечIилан. Нагагь тIад вуссаниги цебего гIадин республикаялъул сиясатияб рахъалъулъ цебетIей букIине гьечIин гьесул, гьес нухмалъи гьабулеб букIараб «Патриоты России» партиялъулги Дагъистаналда чIаголъи хвезе бугилан

Журналист Альберт Эседовас рикIкIунеб буго Хидировасда жиндирго ритIухълъи чIезабизе кIвезе бугилан ва кигIан гьесие квалквалал гьаруниги гьев цIидасан бажари бугев сиясатчилъун вахъине вугин Россиялдаги Дагъистаналдагийилан.

Альберт Эседов: «Гьеб ишалъулъ цо хасал чагIи руго Хидиров тамихIалде цIазе кколин абун гьанисан-добасан тIаделъарал. Рагьун къватIире рахъун жоги абулеб гьечIо гьез, амма гIадамазда гьоркьоб, социалиял сайтазда гьесда сверун ахIи-хIур багъаризабулел, гьесде кинабго хъублъи тIолел руго гьел.

Хас гьабун гьев инжит гьавизелъун, гьесул къадру-къимат хвезабизе, гьесул хIалтIуе квалквалалъе гьабулеб жо буго гьеб. Диваналъ бихьизабуна гьесда тIад такъсиргьабиялъул иш къанунги хвезабун рагьун бугилан.

ХутIаралъулги цIех-рехги халгьабиги букIинарищха. Дагъистаналда гьев гурониги чанги кутакал такъсирчагIи рукIана ва руго, чанги банкалги къана, гьелги щиб гьабун къаралали киназдаго лъала, амма Хидировасдаги гьесул банкалдаги сверун гурони гьабщинаб ахIи бахъичIо. Ургъунго гьесие квалквалалъе ва гьесул сиясатчиясул пиша цебебилълъичIого букIиналъе гьабулеб жо буго гьес.

Хасго тIаде щолел ругел Халкъияб мажлисалде ва пачалихъияб думаялде рищиялги хIисабалде росун, гьенив Эдуард Хидировасул жо ккечIого букIине гьабулеб буго гьеб кинабго. Гьев хIалбихьи бугев сиясатчи вуго кинабго гьеб ишги жанисанги къватIисанги лъала гьесда».

Хидировасда сверун ахIи-хIур бахъун хадуб гьес нухмалъи гьабулеб букIараб «Патриоты России» партиялъул бетIерлъудаса живго нахъе ана гьев. Гьесул бакIалда тана дагъистаналъул бакIал раялъул ва архитектураялъул министрлъун вукIарав Ибрагьим Гъазибегов.

XS
SM
MD
LG