МагъчIваялъе рес

Кив вугев Эдуард Хидиров?


Анкьидасан МахIачхъалаялда тIоритIизесел рищиязда гIахьаллъизе ккола «Патриоты России» партиялъул кандидатал. Гьелъ батIи-батIиял харбал рижулел руго Дагъистаналда вугев гьеб партиялъул нухмалъулев Эдуард Хидиров республикаялда гьечIолъиялда бан.

«Патриотаз» жеги официалияб лъазаби гьабичIо гьелда тIасан. Амма ахирал моцIазда информациялъул рахъалъ гьеб партиялъе квербакъулев журналист ва жамгIияв хIаракатчи Эдуард Уразаевас ЭР-ялъе тасдикъ гьабуна Хидиров гIорхъи тун къватIив вукIин. Гьев тIадвуссинчIого партиялъ кинабгIаги лъазаби гьабизе гьечIолъи бичIчIизабуна гьес.

Исана риидал «патриотазулгун» къо-лъикI гьабурав жамгIияв хIаракатчи Альберт Эседовас ЭР-ялъе бицана 13 сентябралда рищиял тIоритIилалдехун республикаялда гъалмагъир яги жиндие хIинкъи букIине бегьулин абун, Эдуард Хидировасда цебеккунго ракIалда букIанила къватIиве ине.

Альберт Эседов: «Хидировас хIисабалде босун букIана республикаялдаги вукIинчIого, партиялъе нухмалъи къватIисан гьабизе. Партия оппозиялъулабинги рикIкIунелъул, рищиязда хурхун тIадецуйги букIине бегьулелъул. Июнь моцIалдаго абулеб букIана гьес гьедин. Жибго парламенталъул вакилзабиги риидалил хIалхьиялда гьечIищха. Гьедин хIухьбахъизе арав гьев жеги вачIун гьечIо. БатIаго гIемер заманги ун гьечIо тIадвуссун вачIине кколелдаса. Чанго соналъ цеве, рищиязде ине хIадурлъулаго, гьев лъукъунги вукIинчIищха. Гьанжеги гьел ругънал хIалуцинаредухъ сах гьабулев ватизеги бегьула. ПалхIасил, Эдуард Хидиров къватIив хIукуматалда вахчун чIун вугилан ккаралъубги ккечIелъубги бицунеб бугеб хабаралда бан лъазаби гьабизе ккелаан партиялъул пресс-хъулухъалъги. Амма гьениб тIубараб сихIкъотIи буго».

Ахираб заманалда республикаялда цо-цо политикалги муниципалиял нухмалъулелги туснахъ гьарулел яги гIорхъаби тун къватIирехун рахчулел рукIин бихьун, масала, Пенсиязул фондалъул нухмалъулев Сагид МуртазагIалиевасго гIадин жиндиего цIодорлъи гьабулев ватизеги бегьулин Эдуард Хидировин рикIкIунеб буго цо-цояз. Гьелдаго цадахъ ракIалде щвезабулеб буго дагьалъ цебе лицензиялдаса махIрум гьабураб МахIачхъалаялъул «Нафта-банкги». Чанго соналъ цебе Эдуард Хидировасе ихтияр щун букIана гьелда тIад кверщел гьабизе. Гьедин гьеб банкалдасан гIарцуе хIилла гьабун букIиналъул ахIи-хIурги букIана бахъун.

Ялъуни цойги нух буго Хидиров къватIив чIеялъе рехсолеб. Масала, Ростовалда диван гьабулелъул, Хидировас инкар гьабун буго гьанже гIумруялъго туснахъ гьавурав МахIачхъалаялъул экс-мэр СагIид Амировасде данде диваналъе баянал кьезе. Жалго «Россиялъул патриотал» рикIкIуна Дагъистаналда Амировасул рахъккураб партиялъун. Гьев туснахъ гьавидал, улкаялъул нухмалъиялде гьабураб хитIабги букIана гьезул.

Гьединго ракIалде щвезабизе бегьула жал МахIачхъалаялъул мэрасул хъулухъалъе гIоло къеркьезе ругилан гьез цереккунго гьарулел рукIарал лъазабиялги. Гьедин I3 сентябралда МахIачхъалаялъул депутатазул гIуцIиялде «патриотаз» рихьизарурал кандидатазда гъорлъ руго Халкъияб Мажлисалъул депутаталгицин – МухIамад ГIарацилов, Мадер Канберов, Фикрет Ражабов, Эдуард Хидиров, гьединго бакIал раялъулгун рукIа-рахъиналъул магIишаталъул министр Ибрагьим Казибековгицин.

Мэрасул хъулухъ щвечIониги, республикаялъул даражаялда ругел гьел чагIазе шагьаралъул депутатлъиялде ишан босиялъулъги магIна бугин абула цо-цояз. Экспертазул пикруялда рекъон, гьел руго ургъунго лъурал кандидатураби. Жидеего гьеб хъулухъ къваригIинчIониги, нагагьлъун жидерго цонигиязе цIикIкIун щварал гьаркьал нахъа хутIарав жидерго партиялъул вакиласе кьун, гьев цевехун вехъерхъизе ургъараб къагIида.

ПалхIасил, анкь хутIун буго рищиял байбихьизе. Амма гьезул хIасил цебеккунго лъалеб, гIажаибаб республика бугин Дагъистанилан абуна ЭР-ялъе дов цевехун рехсарав жамгIияв хIаракатчи Альберт Эседовас. Гьаркьазул 70 процент кьезе бугила хIакимзабазул партиялъе – «ЕРалъе». ХутIараб 30 проценталда тIад рагъизе ругила коммунисталги, «патриоталги», «справедливороссалги», «Трудовая партиялъулалги», гьединго зама-заманалдасан дагъистанияздегун кавказалъулазде чури тIолев вукIунев Жириновскиясул партиялдаса вакилзабиги.

XS
SM
MD
LG