МагъчIваялъе рес

Хачилаев хисун Хидиров ва нухмалъулезул цIияб тайпа


Гьаб рубрикаялда нижеца кьолеб буго авторасул хасаб пикру. Эркенлъи Радиоялъул пикру авторасул пикругун дандеккечIого букIинеги рес буго.

Нолъ республикаялъул пуланаб управленилда Пуланов Пулан Пуланович тIамунин рагIидал цIоро-гъорон лъугьана ниж. БагIарараб сордо бугониги. Щай «Пулан» абун цIарубакIаздалъун кIалъалев, хIинкъунищ гьев чиясул цIарги, инсул цIарги, росуги хъвазеян ратилаха нужги. Гьединаб цIуяб макъала цIалунго щайин.

ХIинкъун гуро, «хIурмат» гьабун. Гьеб «хIурмат гьаби» буго гьаб сагIаталда бищунго гучаб ярагъ. ХIурматинги кинха гьелда абилеб, цо цIар лъезе лъалареб гьоркьоблъи букIуна гьел чагIазулгун. ГIемерго нилъер ракIалъ къабул гьаричIониги «как дела, брат?» абун хурхун рачIуна. Жинца тIубазе жо бугищилан адабалда кIалъазеги кIалъала. Киназулгогун букIуна гьезул гьеб гьоркьоблъи, хасго жидее хIажатал чагIазулгун.

Гьел рукIуна чIван къотIун цониги ишги лъаларел, пишаги гьечIел, кодоб чанго ВУЗалъул дипломги бугел, хъулухъ балагьулел чагIи. Гьезда кутакалда лъикI лъала кинаб горсвериялда щал суалал тIуралел ва лъие «хъулухъ» гьабуни чадил ракьанде рачунелали. ТIокIаб батIияб «гIелму» жакъасеб ахIвал-хIалалда хъулухъ щвеги хIажалъуларо. ТIад ругел чагIазе хIажат букIуна цохIо – шартI, гьев чи жинца малълъараб гьабулев вукIин ва жиндир гьужумал хIехьезе гьесда кIвей.

Гьел нилъ хIинкъизарулел ва жидер рахъалъ хъвай аздагьоялъул кIалдибе тIил бегьиялда релълъунел чагIи нахъе унел руго политикаялдаса. Аслияв Лефортовоялда гъуд-гIучIгун вагъулев вуго. ХутIарал цоял къватIир, цоял жанир тату хвараб хIалалда руго. Гьел рукIана хIабургъарал 90 - абилел соназул гIураб таваккалги бугел, тIири лъайги гьечIел, хIалихъе хъвай-цIали лъалел лъимал. Гьезул бакъ хьухьилъе унеб буго жакъа, гьезул къо бакъаниде щвана.

Щибаб жоялъул байбихьиго гIадин ахирги букIунелъул. Ахир гьезиеги лъун политикияб аренаялде рачIун руго гьадал къуват ва гIарац бугеб бакIалда сетнтIолеб къапила. Советияб заманалда рукIана школалъул партаялдаса рахъарал министерлъиялде щун нухмалъиялде хIадур гьарулел кадраби. Хъулухъалъул щибаб хIокIида чияс жив вихьизавизе кколаан хадусеб борхалъиялде вахине мустахIикъав вукIин. СССР биххун хадур рачIаразулги бицана тIадеххун.

Жакъа бачIунеб цIияб гIел буго цере кIанцIолел чагIи. Щиб багьанаги батун «гьале дунги вуго анив» абураб жо гIадамазухъе бугIулел «бахIарзал». Дагьабниги гIаданиб нах бугел, чи вичIчIулел чагIазда гьезул бакIлъи кIветI багъарарабго лъала. Лъала гьезухъ бугеб жо тIад ругел хIакимзабаздаги, лъаниги гьел церехун рачуна жидеего мутIигIал ва санагIатал рукIун. Нухмалъиялде рачине батIияб шартI жакъа бихьулеб гьечIо. Гьелъул хIасилалда хIакимлъун вачIана макъалаялъул байбихьуда бицен гьабулев Пулан Пулановичги.

Бицуна 90 абилел соназда политикаялде рачIанин гвангъарал, жидер гьунаралъ, бетIералъ, ккаралъуб бахIарчилъиялъ цере рачарал чагIиянги. 2000 абилел соназда В.Путинил нухмалъиялъ гьел инарунин ва нухмалъуде рачIанин гьумер, кьер гьечIел, кинал ругелали лъаларел хIакимзаби, малъараб гьабулел чагIиха. Масала, Собянин, Фрадков, Фурсенко ва гьезда релълъарал нухмалъулел. Гьелго рукIана Дагъистаналдаги, масала гьанив Хачилаев ва МахIачев хисун рачIана Камил Давдиев ва Хидиров гIадал политикал. Малълъараб жо гьабулел лъималха. Гьанже бижун бачIунеб буго цойги тайпа Хачилаевасул харизмаги гьечIел, Хидровасул лъайги гьечIел, амма кидаго кверда гъоркь ратулел, киназдаго къвалал ралел, реклама, пиар, церекIанцIей, ккаралъуб хIели, хIурмат, «адаб» гьабулел. Щибниги хIасил кколарелги руго гьезул гIемерисел, амма лъала гьел киназдаго, бан галстукгун данделъабазда, ахIаралъурги, ахIичIелъурги паркъолел рукIун, лъаларо гьел щиб гьунаралъул ва пишаялъул чагIияли. Цо-цо мехалда гурхIула гьезда, Расул ХIамзатовас тIуванго гьезда гурхIизе толев гьечIониги:

Дида рагIун букIана,

ГIабдал гъарим вугилан

Гьесда гурхIизе кколин,

КигIан кин бугониги.

Гьесда кинан гурхIилев,

Габурги цIвакизабун,

ЦIодоравги нахъе цун

Цеве чIараб мехалда?

Цере чIун рукIуна, цо къоялъ «гьавги вукIун вугогури анив» абун вачун хъулухъалда тола ва гьезул гурхIелалда ккола гьев гIабдал вукIин лъалелщинал. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG