МагъчIваялъе рес

Жанубияб Дагъистаналда хасал тадбирал  лъугIунел гьечIо


Гьал къоязда Дербенталъул мажгит сверун
please wait

No media source currently available

0:00 0:02:19 0:00

Гьал къоязда Дербенталъул мажгит сверун

Жанубияб Дагъистаналда хасал тадбирал  лъугIунел гьечIо

Дербенталъул салафиязулин абулеб мажгиталъул имам хисулев чIван вугин къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазилан лъазабулеб буго гьеб мажгиталде хьвадулез. Хасал хъулухъаз гьеб информациялда тIасан кинаб букIаниги баян кьолеб гьечIо. Гьединго гьеб салафиязул мажгит кьвагьизабизе бугин абурал харбал Дербенталда раккун рукIиналъги гьениб ахIвал-хIал цIакъ хIалуцун бугин абулеб буго бакIалъул гIадамаз. Гьединго Маджалисалда тIарикъатчагIаздаги салафияздаги гьоркьоб дандеккунгутIи цIакъго гIорхъолъа араб хIалалде щолеб букIун гьезда гьоркьоре полициялъулал лъугьине ккун руго.

Чанго къоялъ цеве тIагIарав Дербенталъул вагьабиязулин абулеб «аэропорталъул» мажгиталъул имам хисулев Ханмирза чIван вугин абурал баянал щвана «Эркенлъи» радиоялъухъе. Къуваталъул идарабаз гьеб информация я тадсикъ гьабичIо я гьеб мекъаб бугин лъазабичIо. Гьеб мажгиталде хьвадулез абулеб буго Ханмирза тIагIиндал жидеда цин ккун букIанила гьеб мажгиталъул имамго гIадин живгоги кквезе гурилан абун Дагъистан тун ун вугилан. «Эркенлъи» радиоялъ цебехун чанцIулго бицун букIана гьеб мажгиталъул имам ХIусенов ХIажирасул чи эркенлъиялдаса махIрум гьавиялда щаклъи букIун тIад такъсиргьабиялъул ишги рагьун, цIех-рех лъугIизегIан кIиго моцIица туснахъ гьавун вугилан. Хадубги жидеда лъанила гьев Ханмирза чIван вукIин.

Хамиз къоялъ туснахъалде имамасе хIажаб къайи-цIаги босун араб бакIалдаса вачIунаго низам цIунулез викъун вугила гьев, гьелдаса хадуб Сулейман-Стал мухъалъул Нютюг росулъ хасаб операция тIобитIулелъул низам цIунулезде дандечIей гьабуниланги абун чIван вугилан. Цойгидал баяназда рекъон чIварав гьев имам хисулесул жаназа Дербенталда къуваталъул идарабаз экстремистазул ва гьезул гIагарлъиялъул кьвагьизарурал рукъзабазул цоялде жанибе реххун батанилан. ХIасил калам гьев чи кивениги ун гьечIила, гьев чIван вугин лъазабулеб буго дербенталъулаз.

Гьединго шамат къоялъ Дербенталда ахIи бахъун букIун буго гьеб вагьабиязул мажгит кьвагьизабун, биххизабизехъин бугин абун. Гьелъие хасаб техникаги бачун аскариял рачIун ругин шагьаралдейилан абун. Амма гьеб мажгит я кьвагьизабун гьечIин, я тIубан къан гьечIин, амма гьенире рачIунел гIадамазе полициялъулаз квекIенал гьарулел ругин бицана «Эркенлъи» радиоялъе жанубияб Дагъистаналъул суалазда тIасан хъвадарулев гьеб мухъалдаса журналист ХанмухIамадов МухIамадица.

ХанмухIамадов МухIамад: «Рузман къоялъ мажгиталда 5-6 чи гурони вукIинчIо. Дица щайин рузманалда гIадамал гьечIелилан цIехараб мехалда гьенир рукIараз абуна полициялъ мажгиталде риччалел гьечIила гIадамалилан. Цо-цоял жалгоги рачIунел гьечIила гьенире рачIанщиназе батIи-батIиял багьанабиги ратун проблемаби гьарулел рукIиналъ. Мажгиталде ине рукIаразул документазул хал гьабун гьел хасаб сияхIалда ратани риччан, ратичIони гьенире росизелъун полициялде рачунел рукIанинги бицана гьез. Мажгит чIобого букIин гурони гьелъие щибниги ккараб гьечIо. Дица гьанже мажгиталъе имамлъи лъица гьабулеб бугебилан цIехараб мехалда гьел гIолохъабаз абуна лъицаниги гьабулеб гьечIилан.

Гьединго гьез бицана жидехъе баянал щун рукIанила имам ХIажирасул Владикавказалъул туснахъалде вачунев вугин абун. Гьениб бугеб туснахъ пасатаб бакI букIин ва гьениве ккарав чи чIаго ворчIанигицин кIудиб талихI букIин лъалила жидедайин бицана гьел васаз. Гьенив жидер сверулъ вугев чанги чи гIадада хвезавунилан. Гьединлъидал имам кивениги вачине виччаларин Дагъистаналдасайилан абун акция тIобитIизехъин букIанила жидеца. Хадубги гьесул вац вачIанила гьев Дербенталдагоги вугин, гьев чIагоги вугин, жив гьевгун телефоналъги кIалъанилан бицинейиланги абуна гьез дида».

Гьединго ХанмухIамадовас бицана 15 февралалда Джемикент росдада аскIоб бугеб полициялъул посталда экстремист живго жинцаго кьвагьизабун хадуб Жанубияб Дагъистаналда терроризмалде дандечIараб низамги лъазабун гьенир хасал тадбирал инти къоялде дагьалго дагьлъун ругониги ва гьаб сагIат Дербенталда къватI-къватIалда ккун гIадамал полициялде рачунел гьечIониги, хасал тадбирал дагьал гIодорцун рукIаниги шагьаралда хIалуцараб ахIвал – хIал хутIулеб бугилан.

Гьеб киналдасаго рикIкIад чIезе бокьиялъ гьеб «аэропорталъул» мажгиталде хьвадулезул къадарги дагьлъулеб бугилан. «Лайфньюс» информагентлъиялъ лъазабулеб буго гьеб Джемикенталда аскIоб ккараб кьвагьи хIадуриялъулъ гIахьаллъи гьабиялда щаклъи бугев кIиго чи ккун вугила къуваталъул идарабазилан. Цояс гьел экстремистазе кванил нигIматаздалъун кумек гьабулеб букIун бугила, цойгидас гьеб кьвагьулеб алат гьабизе къваригIунеб босун букIун бугилан. Гьеб информациялда тIасанги къуваталъул идарабаз жеги официалияб баян кьолеб гьечIо.

Гьебго «Лайфньюсалъ» лъазабун букIараб Джемикенталда аскIоб бугеб полициялъул посталда живго жинцаго ТIалибов ГIамир кьвагьичIин, гьебго жанубияб дагъистаналъул экстремистияб къокъаялъул гIахьалчи Мурлиев МухIамадгIали кьвагьанин абураб информациялда рекъонги кинаб букIаниги баян кьолеб гьечIо хасал хъулухъаз.

Гьединго «Эркенлъи» радиоялъухъе Хайдакъ мухъалъул Маджалис росулъги тIарикъатчагIаздаги вагьабияздаги гьоркьоб дандеккунгутIи цIакъго хIалуцараб бакIалде щун бугин абурал баянал щвана. Гьезда рекъон вагьабиязулин абулеб мажгиталъул имамлъун тIарикъатчи тедал гьезул разигьечIолъи букIун, багъа-бачари лъугьунеб букIун буго гьениб. Гьединлъидал рузман къоялъ мажгит къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз сверунги ккун бан буго. Гьаб сагIатги гьеб мажгиталда аскIоса гIебеде гьел низам цIунулел камулел гьечIин абурал баяналги руго.

XS
SM
MD
LG