МагъчIваялъе рес

Нагагьаб балагь ва пачалихъалъул «рахIму»


 Дербенталъул хъалаялда аскIор лъукъарал гIолилал пресс-конференциялда
Дербенталъул хъалаялда аскIор лъукъарал гIолилал пресс-конференциялда

29 декабралда Дербенталъул хъалаялда аскIор лъукъарал гIолилаз рикIкIунеб буго пачалихъиял идарабаз жидер проблемабазде кIвар кьолеб гьечIин. Гьез тIалаб гьабулеб буго лъукъарал сах гьариялъе кколеб кумек ва такъсирчагIи тамихIалде цIай.

29 декабралда къаси Дербент шагьаралъул хъалада аскIор щалали чIезаризе кIвечIел чагIи кьвагьдана гьенир ракIарарал гIолилазде. Гьелъул хIасилалда цо чи хвана ва 11 чи лъукъана. Хадубккун такъсир тIаде босана Россиялда гьукъараб ДАГIШ такъсирияб гIуцIиялъ. Амма кIиго анкь ун хадубги рехсарал гIолилаз ва гьезул гIагарлъиялъ бицунеб буго, пачалихъиял идарабаздаса жидее кинабгIаги кумек гьечIин. Гьел масъалабазул бицана гIолилаз «Новое дело» газеталда пресс-конференциялда.

Гьезул баяназда рекъон, доб сордоялъул щуго машинаялда рекIарав 12 чи вукIана хъалаялда аскIов хIухьбахъулев. Цо заманалда рохьоса кьвагьдана щалали лъаларел чагIи. Кьвагьулеб букIана лъабго бакIалдаса. ГIага-шагарго анкьгогIан минуталъ халат бахъараб заманалда кьвагьдолел рукIана автоматалдасаян бицана гIолилазул иргадаз. Амма кьвагьа-гIанхъи лъугIараб лахIзаталъ тIаде гIагарараб полициялъул машина щаялиго лъукъаразда тIаде унеб букIинчIо, сагIаталдаса халатбахъараб заманалда гьел щаялиго ралагьун чIун рукIана. Лъукъараз цояз цоял раччун, кумек гьабулеб букIана, амма полициялъулал лъугьа-бахъин ккараб бакIалда тIаде къачIо рагъулазул гуллица борлъулареб Урал автомашина тIаде щвезегIанилан ракIалде щвезабуна гьез доб сордоялъ букIараб.

Пачалихъиял идарабаздаса букIине кколеб кумек щвечIо азарханаялде щун хадубги. ЗахIматго лъукъаразул гIагарлъиялъ бицана, тохтураз жидедаса операция гьабиялъухъ гIарац тIалаб гьабулеб букIанин. Лъукъаразул цояй, Чинара Гъазиевалъул эмен МухIамадица гьадин бицана:

«Азарханаялда рукIинчIо лъукъаразе къваригIарал дараби. Гьезул цо-цоял нижецаго росана. Гьединго гIарац кьуна операция гьабиялъухъ. Дица дир ясалъе операция гьабиялъухъ 15 азарго гъуруш гIарац кьуна, щайгурелъул, гьеб кьезе балагьун рукIуна гьел. Ясалъул гIумруялъе хIинкъи бугеб мехалъ кьечIого тезе дунги хIинкъана. Дида лъала гьединго гIарац кьураблъи цоги захIматго лъукъарав васасул гIагарлъиялъги. ГьабсагIаталда дир яс захIматго йиго, гьелъие 4 сагIаталъ халат бахъараб операция гьабуна. Азарханаялдаса рокъое йиччан хадуйги дараби росизе ккеларищха. Сахлъи цIуниялъул министерлъиялда гьаризе бокьун буго гьелъие реабилитациялъулаб хIухьбахъиялъе квербакъеян. ГIемерисел лъукъарал руго пачалихъалдаса кинабгIаги кумек щвезе хьулгун, щайгурелъул гьезда хIалтIизе кIолеб гьечIо».

Дагъистаналъул сахлъи цIуниялъул министерлъиялда рикIкIунеб буго, киналго азарханабазда гIурал дараби ругин, кьвагьа-гIанхъиялда гъорлъе ккарал гIолилазе кинабго хIажатаб чIезабун бугин. Рехсараб идараялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей Зарина АхIмадовалъ «Эркенлъи» радиоялъе гьадин абуна:

«Аслияб масъала букIана лъукъаразул цониги чи хвезе виччангутIи. Гьелъие гIоло гьабун букIана кинабго бажарарабщинаб. Гьезда гъорлъ рукIана гIезегIан захIматаб хIалалда ругелги, гьабсагIаталдаги гьезул цо-цоязул хIал лъикIаб гьечIо. Дараби рукIунгутIизе рес гьечIо, щайгурелъул, медикияб стаховияб фондалъ гIезегIан гIарац биччалеб буго азарханаязе къваригIарал дараби ва алат-матахI босизе. Щиб бугониги гьечIони, тIадеги гIарац биччала, министерлъиялъ гьеб ишалда хадуб халккун буго. Унтараз дараби росиялъул хIужаби ругони министерлъиялда лъазабизе ккола, нижер гьаниб буго хасаб телефоналъул линия, гьенибе ахIани гьеб лахIзаталъ хал гьабула гIарзаялъул».

Гьей йикIана сахлъи цIуниялъул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей Зарина АхIмадова.

Гьединго лъукъараз бицана, жидеца тIалаб гьабулеб бугин уголовияб хIалтIиялъул цIех-рех теракт хIисабалда гьабизе, щайгурелъул цIех-рехалъул комитеталъ гьеб терактлъун рикIкIун гьечIо жеги. Лъабго чиясдаса цIикIкIун чи лъукъун ватани, гьеб жо теракт ккола, къуваталъул идарабазе бокьун гьечIо жидерго статистика хвезабизеян рикIкIунеб буго гIолилаз ва гьезул гIагарлъиялъ. Республикаялъул цIех-рехалъул комитеталда «Эркенлъи» радиоялъе бицана, цIех-рехалъул тадбирал жеги унел ругин, гьеб теракт букIин жеги чIезабун гьечIин.

Киналго масъалабиги рехсон, къварилъи ккараз Россилъул президент Владимир Путинихъе ва Шималияб Кавказалъул федералияб округалда президентасул вакил Сергей Меликовасухъе кагъат хъван буго.

XS
SM
MD
LG