МагъчIваялъе рес

ЦIадуда нахъа коррупциялъул хIужа батизе рес буго


Март моцIалъ Сулейман-Стальский мухъалда цIа ккун бухIун букIана машгьурав поэт, жиндир цIар гьеб районалъе кьурав Стальскиясул цIаралда бугеб музей. Къуваталъул идарабаз лъазабулеб букIана гьениб диниял радикалаз цIа гъун бугилан.

ЦIех-рехалъул хIасилал щвезегIан чIечIого, Дагъистаналъул культураялъул министерлъиялъ гIайиб гIунтIизабулеб буго республикаялъул цолъарал музеязул идараялъул нухмалъулев ХIажиев Тамерланида.

Цевекун министерлъиялъ хIалтIудаса нахъе гьавурав гьев диваналъ тIадвуссинавун вукIана. Щай музеялда цIа ккараб, лъица жаваб гьелъул кьезе кколеб ва кин балагьаб лъугьа-бахъиналдаса культураялъул министерлъиял пайда босулеб бугеб?

Советияб заманаялъул машгьурав лезгиязул классик Сулейман Стальскиясул музей буго гьесул жиндирго ватIан Ашагъа-Стал абураб росулъ. МоцIалъ цебе, 22 марталда гьениб ккараб цIадул хIасилалда букIана музей.

Хадусеб къоялъ изну гьечIого яргъид гIуцIараз жидер рахъ кколел сайтазда тIибитIизабун букIана гьеб жидеца гьабун бугилан информация. ГIиллалъун гьез рикIкIунеб буго шаргIалъ гьукъараб, их бачIиналъул Яран Сувар абураб байрам рехсараб росулъ тIобитIи. Къуваталъул идарабазги гьебго баян кьун букIана хадусел къояз.

Информалатазе кьурал баяназда бакIалъулазги бицунеб букIана, цIа тIамурал чагIи «рохьилал» ругин, хIатта гьезул цIаралцин рехсолел рукIана. ЦIа ккарабго тIаде рачIарал гIадамазда вихьун вуго гьенисан лъутун унев чи.

Рехсараб музей унеб буго Дагъистаналъул пачалихъияб цолъараб музей абураб идараялда гъоркье. Гьеб гуреб, гIага-шагарго жеги 50 музей уна рехсараб идараялда гъоркье. Жибго музеял данде гьарураб идара уна Дагъистаналъул культураялъул министерлъиялъул кверщаликье.

«Эркенлъи» радиоялъ министерлъиялда цIехана, кинал хIасилал ругел рехсараб лъугьа-бахъиналда хурхун гьарурал цIех-рехазул, кигIан зарал ккарабали ва щал рукIарал рищун къиматал экспонатал гьенир абун. Амма министерлъиялъ жаваб кьечIо ва гьабсагIаталда гьел суалазе жаваб кьезе жал хIадур гьечIилан абуна.

Амма жаваб кьезе хIадур ругоан тIадехун рехсараб, музеял данде гьарураб идараялда. Гьелъул нухмалъулев, профессор ХIажиев Тамерланил рагIабазда рекъон, цIа ккеялъул хIасилал цIех-рехалъул идараялъ доб мехалъго гьарун руго ва гьениб лъицаялиго ургъунго цIа гъун бугилан чIезабун бугин.

Министерлъиялъ абуни, чIезабулеб буго цIа ккун бугин музеязда тIад кверщел гьабулеб идараялъул нухмалъулесул гIайибалдалъун. Дун цIа ккеялдаса цIунулев чи гуро, дун тарихчи вугилан абулеб буго гьес.

«Эркенлъи» радиоялъе ХIажиев Тамерланица гьадин бицана: «ЦIех-рехалъул идараялъ тIоцебесеб къоялъго чIезабуна, гьеб цIа тIамурал чагIи щалали. Музеялъул хIалтIухъабазул тасамахIли гьениб гьечIолъи якъинаб жо буго.

Мисалалъе, бухIун буго жибго музеялъул мина гуреб, гьелдаса гIезегIан рикIкIад букIараб машинаги. Гьеб машина букIуна I935 соналъ Совет пачалихъалъ Стальскиясе кьураб. Гьезда гьоркьобги памятник буго. Ай, минаялдаса машинаялде цIа щвезе кинабгIаги рес гьечIо, гьеб кIиябго бухIун буго хасал чагIаз, щал гьел ратаниги.

Музеялда рукIана Стальскиясул кагътал, гьесул тIоцересел кучIдул ва гьел гурел мемориялияб къимат бугел жал. Амма культураялъул министерлъиялъ музей цIигьабизе хIаракат бахъичIого, гьелдаса пайдаги босун, гIайибги дида гIунтIизабун дун хIалтIудаса реххизе хIаракат бахъулеб буго».

Гьев цевеккун культураялъул министр Бутаева Заремал буюрухъалдалъун хIалтIудаса нахъе гьавун вукIана. Амма МахIачхъалаялъул Ленинил районалъул диваналъ гьев хIалтIуда цIидасан щула гьавуна ва буюрухъ мекъаб бугилан чIезабуна. ГIагараб заманалда республикаялъул ТIадегIанаб диваналда гьеб процессалъул халгьабизе буго.

Тамерлан ХIажиевасул рагIабазда рекъон, культураялъул министралъе бокьун буго музеязул нухмалъулейлъун кинабгIаги профессионалияб лъайги, хIалтIул хIалбихьиги гьечIей жиндирго гьудул тIамизе. Жибго рехсараб идараялда ахираб заманалда гIемераб хIалтIи гьабулеб буго ва бюджеталдаса гIемер гIарац биччалеб буго.

ГIалимчиясул пикруялда рекъон, гьеб буго хъулухъалда цIияв чи тIамизе хIаракат бахъиялъе гIилла. Ахираб заманалда музеялъул аслияб мина цIигьабулеб буго МахIачхъалаялъул Данияловасул цIаралда бугеб къотIноб. Гьеб цIигьабизе батIи-батIиял баяназда рекъон хвезабун буго 200 млн гъуруш гIарац. ХIалтIи жеги лъугIун гьечIо.

XS
SM
MD
LG