МагъчIваялъе рес

ЦIадул канлъиялъ кантIизарулел гьечIо шагьаралъул бутIрул


ЦIатари тIолеб станция кьвагьун буго 22 сентябралда МахIачхъалаялда. Араб соналда цогидаб цIатари тIолеб станция кьвагьидал, МахIачхъалаялъул тIалъиялъ лъазабун букIана киналго станцияби шагьар тун къватIире рахъинаризе хIажат ккеялъул. Гьаб нухалдаги цIатари тIолел станцияби шагьар тун къватIире рахъи щакаб бугилан рикIкIунеб буго гьезул бетIергьабаз.

МахIачхъалаялъул Шоссе Аэропорта къватIалда «Белнефть» абураб цIатIари тIолеб станция кьвагьун буго 22 сентябралда къаси. Гьеб лъугьа-бахъиналъул хIасилалда бачIиндаго абулеб букIана 3 чи хун ва чангоял батIи-батIиял сакъатлъаби щун ругилан, амма Дагъистаналъул ГIорхъолъа арал ахIвал-хIалазул министерлъиялъ баян гьабухъе, гIицIго цо чи ккун вуго азарханаялде рухIарал ругънал щун. ЦIа ккеялъе гIиллалъун ккун буго гьениб букIараб цIатари жаниб бугеб цистернаялда цIа рекIин, цебеккунго, гьениб сверухъ газалъул махI букIун бугин ва станциялъул диспетчералъухъа цIа ккелалде нахъе ун бажарун бигилан лъазабулеб буго «Кавказский узел» сурсаталъ.

«Белнефть» станция кьвагьи тIоцебесеб гьеб тайпаялъул лъугьа-бахъин гуро кколеб бугеб МахIачхъалаялда. Араб соналда, Имам Шамилил проспекталда бугеб цогидаб цIатари тIолеб станция цIа ккун кьвагьун, лъабго чи хун ва чангоял азарханаялде ккун рукIана. Гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб МахIачхъалаялъул тIалъиялъ лъазабун букIана шагьаралда жанир ругел цIатари тIолел станциязул хIинкъи бугин ва гьел шагьар тун къватIире рахъизе хIажат ккеялъул бицунеб букIана. Гьебго заманалда, МахIачхъалаялъул администрациялъ гIуцIун букIана хасаб комиссия, киналго шагьаралда ругел цIатари тIолел станциязухъ халгьабизе. Гьеб комиссиялъул вакиллъун йикIарай администрациялъул хIалтIухъан ГIалимирзаева Зайнабица баян гьабухъе, комиссиялъ гьарурал халгьабиязул хIасилазда рекъон гIицIго 20 процент станциязул ратун рукIун руго цIуна-къаялъул кколел шартIал чIезарурал.

Зайнаб ГIалимирзаева: «Араб соналда станция кьвагьидал, администрациялда гIуцIун букIана хасаб комиссия, батIи-батIиял идарабазул вакилзаби гъорлъ ругел. Гьеб комиссиялъ тIобитIана шагьаралда ругелщинал цIатари тIолел станциязул инвентаризация. Комиссиялъул нухмалъулев Абусупьян ХIасановас, гьел халгьабиял рагIалде рахъингун киналго хIасилал ритIун рукIана Покуратураялде, админстрациялъул изну гьечIо гьел къазе. Шагьаралда, гIицIго ГIахъущиясул проспекталда буго жакъа къоялде 43 цIатари тIолел станцияби. Гьезул гIемерисел руго гIадамаз гIумру гьабулел минабазда цун ран. Къануналда рекъон хIалтIулел гIицIго 20 процент станциязул, хутIарал 80 процент руго цIуна-къаялъул шартIал ва цогидал чIезаричIел. Гьединал лъугьа-бахъинал хадубккунги лъугьинчIого хутIилин абураб жоялда божи гьечIо».

СагIид Амировасул заманалда ричун яги жидецаго ккун бакIалгун рарал ругила аслияб куцалда гьел станциял, нахъе рачине кканани цо администрациялъул сурсатал гурел, тIолго республикаялъул даражаялда гьабизе кколила гьел тадбиралин тIаде жубана администрациялъул хIалтIухъаналъ.

Жакъа рогьаралдаса нахъе цин Магъалабазул идарабазул хIалтIухъаби рачIун, документазул халгьаби тIобитIанин, гьанже нахъеги халгьабиязул ирга байбихбизе бугин абулеб буго Орджоникидзе къватIалда бугеб цIатари тIолеб станциялъул бетIергьан ГIумар АхIмадовас. ГьабсагIаталда МахIачхъалаялда гьечIила цониги цIатари тIолеб станция, жидер хIалтIизе изну кьолеб лицензия бугебилан бицана гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

ГIумар АхIмадов: «Шагьар бакьулъ цIатари тIолеб станция араб соналда кьвагьидал нижедехун кIвар цIикIкана, батIи-батIиял халгьабулел идарабазул рахъалъги, прокуратураялъул ва низам цIунулезул рахъалъги. Шагьар тун къватIире цIатари тIолел станцияби рахъизе кканани, гьел киналго цадахъ рахъизе бегьуларо. Шагьаралда, гьабсагIат къватIирехун рахъулел ругонани, килщазда рикIкIарал станцияби хутIун, хутIанщинал руго ГОСТалда рекъечIел, минабазда цун рарал, цогидаб инфраструктураялда гIагар ругел. ЦIатари тIолеб станциялда кидаго хадуб кIвар кьун халкквей букIине ккола. Масала, анкьида жаниб цо нухалъгIаги халгьаби тIобитIие ккола мащабазул, рогIразул, цогидаб оборудованиялъул, гьеб холеб букIуналъун. Гьеб сон цIа ккараб станциялдаги хIалIухъабазул рахъалъан агъаз гьечIолъиялъул хIасил ккун батизе буго гьеб. Гьанжеги байбихбизе руго халгьабиял, амма гьезул хIасилалдаги станцияби къватIире рахъинари щакаб буго, щайгурелъул гьеб тIубараб система буголъун. Масала, нилъер республикаялда тIобитIуларо цIатари тIолел станциязул лицензия гьаби. Гьаниб цониги станциялъул гьечIо хIалтIизе изну кьолеб лицензия».

ГIемерисеб нухалда, гьеб тайпаялъул лъугьа-бахъинал кколила хIалтIул персоналалъул кIвар гьечIеб бербалагьи букIналъул хIасилалда жидер хIалтIудехун. Квалификация букIин ва цогидал тIалабал цIатари тIолел станциялъул персоналалдехун рукIунарин тIаде жубана ГIумар АхIмадовас.

22 сенябралда кьвагьарб станция кколеб буго «Белнефть» абураб станциязул рахасалъул цо объект. Гьеб компаниялъул нухмалъиялъ ккараб лъугьа-бахъин кинго баян гьабулеб гьечIо.

XS
SM
MD
LG