МагъчIваялъе рес

ГIадамазе бугеб хIинкъи бизнесалда "бихьулеб" гьечIо


МахIачхъалаялда цIатари бичулел бакIал къануналда рекъон хIалтIулел куцалде рачине ругилан лъазабун букIана шагьаралъул тIалъиялъ. Амма жакъа къоялъ щибго хис-бас ккун гьечIо, кьвагьараб цIатари бичулеб бакIги цIидасан къачIан буго. Гьеб суалалда сверухъ цIех-рех гьабуна Алиса Алдашевалъ.

8 августалда МахIачхъала шагьар бакьулъ цин цIа рекIин ва гьелдаго хадуб кьвагьараб АЗС цIигьабун къачIан буго ва хIалтIулеб бугилан лъазабулеб буго гIадамаз.

ЦIатари босулеб бакI кьвагьиялъул хIасилалда рукIана хварал ва зарал карал гIадамал, гьединго зарал ккана сверухъ ругел бакIазеги. Гьебго къоялъ МахIачхъалаялъул мэр МухIамад Сулеймановас лъазабун букIана гьел заправкаби букIине кколеб къагIидаялъ, гьел разе бегьулеб бакIалда ран ратичIони, яги къазе ругин, яги шагьаралъул рагIалде рахъизе ругилан. Гьесул буюрухъалда рекъон гьединго гIуцIун букIана цIатIари бичулел бакIазул хал-шал гьабизе хасаб комиссия. Амма жакъа къоялъги щибго хисараб жо гьечIин абулеб буго гIадамаз.

МахIачхъалаялда кьвагьи ккана, бухIана Exon
please wait

No media source currently available

0:00 0:01:40 0:00

Россияъул цIа-ккеялдаса цIуниялъул къануналда рекъон заправкаялдаги гIадамаз гIумру гьабун ругел рукIа яги кинал рукIаниги батIиял рукIа рукъзабазда гьоркьоб 60 метр букIине кколеб буго. ГъветI-хер бугеб бакIалдаса 50 метралъ рикIкIад букIине кколеб буго гьеб. Амма гьел роцада рекъон бараб цогIаги цIатари бичулеб бакI гьечIин МахIачхъалаялда жанибилан абулеб буго экспертаз.

МахIачхъалаялда гIумру гьабулев Керимов Эльдарица бицана жив гIумру гьабулев вугин гьеб цIа ккун букIараб АЗСалдаса рикIкIал гьечIеб бакIалда. Гьенисан унаго дагьаб цебегIан гьеб цIидасан хIалтIулебги бихьанин, гIадамазда цIакъ хех кIочон бугин гьениб ккараб балагь. Гьадин бицана гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

Керимов Эльдар: «Церекъад гьенисан унаго дида бихьана гьеб цIатари босулеб бакI цIидасан хIалтIулеб букIин. Гьенив чIана дунги цIатари босизе. Гьениб кинабго жо цIияб батIияб лъун буго. Амма кин букIаниги гьеб цIидасан рагьилилан ккун букIинчIо. ЦоцIул бихьарабю жо гIезе ккола гIадамасе. Амма хъантIиялъ, гIарцуда хадур лъугьун цIунакъаялъул ургъел тун буго. Гьел гIадамал , рукъзал гIемерал бакIалда ругел АЗСал къазе ккела. Гьенир хасго гIемер гIадамалги хьвадулел машинабиги рукIуна. Амма гIарац щвей аслияблъун лъугьун лъиего ургъел гьечIо»

ГIорхъолъан арал лъугьа-бахъиназул министерлъиялда чанго соналъ хIалтIулев вукIарав , цIар абизе бокьичIев чияс «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна, бакIал раялъул нормабазда ре­къон, АЗСалдаги гIадамаз гIумру гьа­бун ругел минабаздаги гьоркьоб букIи­не кколила 25-50 метралъул манзил. Бен­­зи­налъул колонкаялдаги кафеял­да­ги гьоркьоб - I4-I5 метралъул ман­зил. Газалъул АЗСал чара гье­­чIого шагьаралдаса къватIире ра­хъи­­­наризеги кколин.

Гьес бицана 1990 соналда МахIачхъалаялъул адми­нистрациялъ гьабураб хIукму­ял­далъун гьукъун букIана къад мехалда тахша­гьаралъул ракьалда маши­на­баз­­дасан газ ва бензин бичизе. Къва­ри­гIун буго гьеб хIукму гIумруялде ба­хъи­набизеги.

Гьединго чанги рукIунин гIадамал раччун хьвадулел маршрут­ка­базде ва автобусазде бензин яги газ тIо­ла­го, гьезда рекIарал чагIи, амма жанир чагIи рукIаго бегьуларин гьеб тIезе, чара гье­чIо­го къватIиреги рахъун рикIкIа­де­гIан ине кколин гьединго АЗСазул ва бензин-газ баччу­лел машинабазул шлангазул, за­ма-заманалдасан хасаб комиссиялъ хIал­ги бихьун, сертификация гьабизе кко­ла.

Гьелде тIадеги цохIо МахIач­хъа­лаялда I50-200-ялде бахун къадар цIатари босулел бакIазул бугила кибго хъвай-хъвагIайцин гьабичIеб.

Гьел киналго суалазе жаваб щвезе «Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна МахIачхъалаялъул хIинкъигьечIолъиялъул рахъалъ мэр хисулев Сергей Цветковгун, амма гьесухъа баянал щвечIо.

XS
SM
MD
LG