МагъчIваялъе рес

Дагъистаналда кьвагьараб иргадулаб цIатари тIолеб станция


Дагъистаналъул Гъизляр шагьаралда цIатари тIолеб станциялда цIа ккун, хадубго гьеб кьвагьун 26 чиясе зарал ккун буго.

Интернет-мухъ

Официалиял баяназда рекъон цониги чи хун гьечIо, амма бакIалъул гIадамаз бицунеб буго гьениб букIараб автомашинаялда жанив вукIарав чи хвеялъул.

Гъизляралда кьвагьараб цIатари тIолеб станция тIоцебесеб кколеб гьечIо Дагъистаналда.

18 марталъул маркIачIудехун Гъизляр шагьаралъул Туманянил къватIалда бугеб цIатари тIолеб станциялда цIа ккун, хадубго гьеб кьвагьун зарал ккун буго гIадамазе. ЦIа ккеялъе гIилла ккун буго гьенибе бачIараб цIатари тIолеб автомашинаялъуса цIатари цIунараб бакIалде гьеб кьабулаго гьеб биччалеб букIин.

Цо-цо баяназда рекъон, гьеб заманалда гьенир регъолел хIалтIаби унел рукIун руго. Дагъистаналъул ГIорхъолъа арал ахIвал-хIалазул министерлъиялда баян гьабухъе цIа свинабизе хIажалъун буго анкьго цIа свинабулеб машина ва 27 цIа свинабулев чи. ЦIадуца ккун букIанила 400 метраялдаса цIикIкIараб бакI.

ЦIатари тIолеб станциялда ккараб кьвагьиялъул хIасилалда Гъизляр шагьаралъул цо бутIа канлъи гьечIогон хутIун буго. Токалъул кваразе кIудияб зарал ккун букIиналъ.

Цебеккун лъазабулеб букIана кьвагьиялъул хIасилалда зарал ккарал 17 чиясул, амма заманалдасан зарал ккун азарханаялде рачIаразул къадар 26 чиясде баханин лъазабулеб буго Гъизляр шагьаралъул азарханаялда. Киналго азарханаялде рачIаразул ругила батIи-батIиял рухIарал ругънал, аслияб куцаллда гьурмада ва кверазда.

Азарханаялда регун хутIулел ругила 4 чи, цониги цIакъго захIматаб хIалалда вугев чи гьечIила.

ГIадамазе рухIарал ругънал ккеялъе гIилла кканин, гьенире цIа свинабизе чагIи рачIун хадуб, гьез гьеб бакI сверун къан, кколел тадбирал тIоритIичIолъи, гьенир сверухъ ракIарун рукIанила балагьизе гIадамалин бицана «Эркенлъи» радиоялъе цIатари тIолеб станциялда гIагар вукIарав ХIажимурадица.

ХIажимурадги цогидалго гIадин вукIун вуго гьенив, кьвагьи ккараб заманаялъ бачIараб бухIараб гьаваялъул карачелалъ рухIарал ругънал щун руго гьесиеги.

ХIажимурад: «Дун хIалтIулев вуго гьеб цIа ккараб цIатари тIолев станция бугеб бакIалда. Гьенибго буго электрикиял гьиналги. Цинги гьениб цIа ккун букIин лъана дида, сверухълъиго кIкIуйдул ц1ун букIана бурун бачIунеб.

Цин киназго тун букIана гьениб г1агар бугеб маххун нухазда ругел вагоназда ккун батилин цIайилан. АскIовегIан щведал, дида бичIчIана цIа ккун букIин цIатари тIолеб станциялда, хехаб кумакалъул машинабиги рукIана гьенир.

Гьенир кIудияб къадар гIадамазулги букIана. Я полициялъулал, я щивго, гьенире гIагар гIадамал гьукъулел чагIи щивго вукIинчIо. Гьеб кIудияб кьвагьи ккелалдеги гьенир кьвагьиял рукIана гIисинал. Цинги цIа свинабулеб чагIи рачIана, цо-кIиго машина, гьез лъеца свинабулеб букIана гьеб цIа, лъеца гьеб цIа свинабизе бегьуларо, хасаб полопалъ гурого ссунаро гьеб. БатIиял чагIи руго нилъер гьанир».

Гьеб кьвагьараб цIатари тIолеб станция бугила маххул нухазда гIагар. Гьениб рукIанила нартил вагоналги. ХIинкъи букIанила гьенибехун рехун ине цIа. Кьвагьи ккараб заманалда, гьениб букIараб кутакалда багIарараб гьуриялъ кканила зарал гьениб гIадамазе.

ХIажимурад: «Гьениб цIадудасан гуро гIадамазе рухIарал ругънал ккарал, гьел ккана гьеб кьвагьи ккун хадуб бачIараб бухIараб гьаваялъул карачелалдасан. Дида гIагар йикIарай цо чIужугIаданалъул гьурмада рукIана рихьулел ругънал.

Дун гьениве щведал гIадамаз бицунеб букIана гьеб бакIалдаго, гьениб букIараб автомашинаялъул шофер хванилан. МухIканаб жо бугищ гьебалиги лъаларо. Цоги буго хабар, цин гьеб станциялъул хIалтIухъабаз, жидерго къуваталдалъун свинабизе хIал бихьулеб букIанила цIа, цинги кватIун гурого цIа свинабулел чагIиги ахIичIила».

Гъизляр шагьаралда кьвагьараб цIатари тIолеб станция тIоцебесеб гуро кколеб бугеб Дагъистаналде. Цебеги МахIачхъала шагьаралда кIиго станция кьвагьун букIана цересел соназ.

Гьеб мехалда бицен букIана, цIатари тIолел станциял шагьар тун къватIирехун рахъизе хIажат ккеялъул ва гьел станциязул хIалтIухъ хал гьабун, станцияби кколел цIуна-къаялъул даражаялде рачине заман щун букIиналъул. Амма оц бикъидалги къоно тIамулеб гьечIин абулеб буго гIадамаз.

XS
SM
MD
LG