МагъчIваялъе рес

«ТIалъиялъ критика хIехьечIогойилан, дун хъулухъалдаса кивениги ине кколаро»


Анкьица цебе букIараб Дагъистаналъул жамгIиял гIуцIабазул данделъиялдаса хадуб республикаялъул тIалъи жиндиде дандечIун бугин лъазабулеб буго жамагIатчи Хадулаев Шамилица.

Гьев ккола республикаялъул жамгIияб палатаялъулги, Афгъанистаналда рагъулел рукIаразул жамгIияб гIуцIиялъулги вакил ва гьединго Дагъистаналъул жамгIиял гIуцIабазул цолъиялъул бетIерги.

Жиндица гьеб цебехун бицен гьабураб данделъиялда Дагъистаналъул нухмалъиялъе бадирчIваял гьариялъ ва пачалихъияб думаялде рищиязда хурхун «Единая Россия» партиялъ гьарулел ругел хIаял какиялъ данде кколев гьечIила жив тIалъиялъейилан абуна «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда Хадулаев Шамилица.

Хадулаев Шамиль: «Дица халкъалда цевеги вахъун республикаялъул бетIерасда абуна «Единая Россия» партиялъул праймериз тIалъиялъе дандекковухъе тIобитIулеб бугилан. Гьелъие кьучIчIал мисалалги рачана. Дица бугеб жолъидал абураб, гьединлъидал Рамазан ГIабдулатIиповасул дида данде абизе жо хутIичIо.

Гьеб мехалда дица дунго гъорлъ вугев «Единая Россия» партия квешаб рахъалъ бихьизабулеб бугинги абун дир кIалъай гьоркьоб къотIизабуна гьес. Гьабуниги цIидахъан дидаго абизе ракIалда букIанщиналъул бицана дица гьениб. ГIабдулатIиповас цо жиндирго кIалъаялда абун букIана жиндихъе цо-цо халкъ бачIунила хъулухъал гьарунилан. Жиндие гьел къваригIун гьечIин жамагIатчагIазе рагьун тейилан жиндир нуцIби, гьел чагIазе рагьугейилан.

Дица гьесда абуна дуца хъулхъал гьарулел жиндие хIажатгьечIелщинал гIадамал къабул гьаричIого жамагIатчагIи щайин аскIоре къазецин риччачIелилан. НуцIби рагьилин нужеда цебейиланги абун дуца жидехъ гIинго тIамичIилан. Гьебги бокьичIо гьесие. Гьелда тIадеги дун пачалихъияб думаялъул депутат Къурбанов Ризванил кумекчи вукIинги лъала киназдаго.

Гьевги Дагъистаналъул тIалъиялъе дандекколарев чи вуго. Дица дун гьесул кумекчи вукIин ва гьесул рахъалда вукIин киданиги бахчичIо. Жиндир заманалда Афгъанистаналда рагъулел рукIаразе кумек къваригIараб мехалда цохIо гьес гурони нижехъ гIинго тIамун букIинчIо. Щай дир гьесулгун квешал гьоркьолъаби рукIине кколел?».

Щиб тIалъиялъ абуниги жиндиего бокьун жамгIиял гIуцIабазул цолъилъул бетIерлъиялдаса нахъе инеги ракIалда гьечIо Хадулаевасда. Жив лъицаниги гьениве тIамурав чи гурила, жамагIатчагIаз вищун тарав чи вукIанила, бокьа-бокьахъин гьавизе жив гIисинлъимерищила вугевилан абулеб буго гьес. Гьелда тIадеги жамагIатчагIаздеги ЖамгIияб палатаялъул нухмалъиялдеги тIалъиялъул цIакъ кIудияб тIадецуй букIиналдаги ракIчIун буго гьесул.

ЖамгIияб хIалтIулъ кIудияб хIалбихьи бугев, Дагъистаналъул лъиданиги бачIеб шоферзабазул махщалилаб цолъиялъул цевехъан Набиев ГIисалмухIамадица абулеб буго гьеб Хадулаевасда сверун лъугьа-бахъунелъ тIатинабизе бугила Дагъистаналда унголъунги жидерго пикруги бугел, жалго жидедаго чIчIарал жамгIиял гIуцIаби ругищ гьечIищали.

ГIисалмухIамад Набиев:«Гьел жамгIиял гIуцIиял хIукуматалъул идарабаги гуро, гьел руго жибго халкъги данделъун гьарурал цолъиял. Гьезул жидерго уставги, хIалтIулеб къагIидаги букIуна. Гьелда гьоркьобе тIалъи лъугьине кколаро. ХIукуматалъул гьединал жидецаго гIуцIарал жамгIиялин абулел бакIалги руго.

Гьез тIалъиялъ малъарабги гьабула, ВортамухIамад гIадин ритIа-ритIаралъуреги тIаму-тIамуралъуреги уна. Гьеб Дагъистаналъул жамгIиял идарабазул цолъи ГIабдулатIиповасгун гьесул сверухълъиялъ яги гьесда цеве вукIарав президентас гIуцIун батани, Хадулаев гьеб бакIалда хутIуларо.

Гьеб цолъи жиндирго пикруги бугеб, жибго жиндаго чIчIараб, тIаса гъоркье гуреб гъоркьа тIаде гIуцIараб батани ГIабдулатIиповасда гьев гьениса реххизе кIоларо. Гьеб гьанже тIалъиялъулги жамгIияталъулги хIалбихьулеб ишлъун букIине буго».

Гьединго Набиев ГIисалмухIамадица абулеб буго жив тIубан Хадулаевасда тIад рекъолев чиги гурила, амма гьеб жамгIиял гIуцIабазул цолъиялъул бетIерлъуда вукIине мустахIикъав чи вугин гьевилан. Дагъистаналъул жамагIатчагIазда гьоркьоб жиндирго пикруги бугев, чIаголъиги бугев жигарав чи вугин гьевилан.

90-абилел саназда гIадаб чIаголъиги гъираги гьечIила гIадамазул жамгIиял ишал цере рилълъинаризе. ТIалъиялъ кIвараб хIалалъ къинабунила халкъалъулъ гьеб жигар. Пачалихъалда лъугьунеб щибаб ишалда гьоркьоб гIахьаллъи гьабизе кколила жамгIияталъ, амма нилъер гьаниб сундениги гьоркьоре лъугьине бокьулеб гьечIила гIадамазе. Гьоркьоре лъугьаниги гьелъ щибниги пайда кьезе гьечIин, хIасил ккезе гьечIин абураб пикру бугила гьезул ботIролъ бугIуниланги абуна «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда Набиев ГIисалмухIамадица.

XS
SM
MD
LG