МагъчIваялъе рес

Эркенаб журналистикаялдалъун гражданияб жамгIияталде


13 маялда МахIачхъалаялда тIобитIана «Дагъистаналда гражданияб жамгIият гIуцIиялъе халкъиял информалатазул бугеб кIваралъул» абураб темаялда тIасан гургинаб стол. Гьелъул гIуцIарeхъабилъун рукIана республикаялъул ЖамгIияб Палатаялъул вакилзаби.

«Дагъистаналда гражданияб жамгIият цебетIезабиялъе халкъиял информлатаз кколеб бакI» абураб темаялда тIасан гургинаб стол тIобитIана араб талат къоялъ Республикаялъул жамгIияб Палатаялъул вакилзабаз, гьелъул аслияв гIуцIарухъанлъун вукIана ЖамгIияб палатаялъул вакил Хадулаев Шамиль. МахIачхъалаялъул «Дом дружбы» абураб минаялъул лъабабилеб тIалаялде ракIарун рукIана республикаялъул чанго информалатазул вакилзаби. Жидеца гьенире ахIарал журналистал гIемер рукIанин, амма рачIинчIин гьелилан баян гьабун Шамилица дагьаб хадуб.

Жакъа кинал информлатазде нужеца божилъи гьабулеб абураб суалалда тIасан цIех-рех тIобитIун буго ЖамгIияб палатаялъул вакилзабаз араб соналъул ноябрь моцIалда. Федералиялиш, лъиданиги рачIел, хIукуматалъул яги цонигиялда божилъи гьабуларо абурал бутIабазде бикьун букIун буго суал. Гьикъа-бакъи гьабуразул 537 чияс жаваб кьун буго цонигиялда гьабуларилан, 419 чиясул божилъи гIолеб гьечIо федералиялгун хIукуматалъул идарабазда гьикъа-бакъи гьабуразда гьоркьор бищунго дагьаз 319 чияс жаваб кьун лъиданиги рачIел информалатаздаги божуларилан. Гьединаб баян кьуна ЖамгIияб Палатаялъул нухмалъулев хисулев ГIазизханов Алюсетица.

Гражданияб жамгIият цебетIезабиялъулъ журналистаз лъолеб бутIа цIакъго кIудияб бугин, гьел гьечIого жибго жамгIият цебечIезабун бажаруларилан абуна гьениб жамгIияв хIаракатчи Шамилов МухIамадица. Амма жакъа къалмил агьлуялъул кIудияб къуват букIаниги гьез хъвалеб жоялда данде жаваб гьабулеб гьечIин тIалъиялъ, хIакъикъат рагьизеян лъугьарал журналисталги дунялалдаса ратIа гьарунин. Гургинаб столалда тIасан жиндирго бугеб пикру гьадин загьир гьабуна Шамиловас Эркенлъи радиоялъе.
Шамилов МахIамад, жамгIияв хIаракатчи
Шамилов МахIамад, жамгIияв хIаракатчи

Шамилов МухIамад: «Жакъа жураналистал ракIарун руго гьаз гьанире республикаялда жамгIият гIуцIиялъе щиб мунпагIат бугеб абураб суалгун, амма гьеб суалалда тIасан гIемераб жо бицинчIо гьез гьаниб. Лъабго сагIаталъ гьаниб хабар бицана, амм нух бахъанищ гьелъилан гьикъани бахъичIо дир хIисабалда. МунпагIат бугеб хабар букIана амма лъица щиб гьабизе кколеб, лъие гьеб къваригIун бугеб абураб суалалъул кIвар гьечIого буго халкъалъе. ХIукумат доб рагIалда, нилъ гьаб кIалалда руго. ЖамагIат гIуцIиялъе щиб къваригIунебали гьез нижедаги цIехезе ккола, нижеца бицунелъухъ долги гIенеккизе ккола. Амма гьеб жо жакъа гьаниб лъугьичIо, лъугьинеб батила ИншаАллагь, байбихьи лъун буго…».

Жакъа бищун мекъса ккараб жо бугин гьаб данделъиялда цониги я прокуратураялдаса я жанисел ишазул идараялдаса, я цIех-рехалъул комиттеталъул вакил гьечIолъиян абуна гьениб «Черновик» газеталдаса МухIамад МухIамадовас. Къануналда рекъон прокуратураялъгун жанисел ишазул идараялъ хIисабалде босизе кколин информалатазда хъвараб жоялъул. Гьес мисалалъе бачана советияб заманалда бокьараб газеталдаса гьитIинабго баян гIолеб букIанин пуланав чиясда яги идараялда тIад такъсир гьабиялъул иш рагьизе, амма жакъа кигIан гIемераб гьелъул хIакъалъулъ газетазда хъвалеб бугониги къанун цIунулез гьелъухъ берцин тIамулеб гьечIин.

Гьединго МухIамадовас кIвар буссинабуна гIемерал гIадамазул гIарз бугин республикаялда къватIире риччалел газетаз битIараб бицунеб гьечIилан. Гьедин хIалтIулеб информациялъул алат букIине бегьулин тоталитарияб режим бугеб хIукуматалда, амма эркенаб пикруялъе нух кьураб пачалихъалда цоцада жаниб конкуренция гьабулеб информ. алатал рукIинчIого рес гьечIин ва гьез къватIибе кьолеб баянги цоцада релълъараб букIине рес гьечIилан абуна журналистас.
МахIамад МахIамадов, журналист
МахIамад МахIамадов, журналист

МухIамад МухIамадов: «Дагъистаналъул журналистикаялъул даража гIодобе ккун букIиналъул чанги мисал буго жакъа загьирлъун. ГIемерав чи вуго жакъа газетаги цIалулеб гьелда хъвалеб жоялда хадуб халги кколел, амма гьезда бичIчIулеб гьечIо гьениб хъвараб жо. Гьеб буго цIакъ кIудияб гIунгутIи. ТIаде балагьараб мехалда гIезегIан цIодорал чагIиги руго, багIараб дипломалда унвиерситет лъугIанилан реццардулелги рукIуна, амма газеталда рорхарал гIадатиял хIужаби дандекквезе, гьелъул хIисаб гьабизе бажари гIолеб гьечIо, гIунгутIи сундулъ бугебали бичIчIизе кIолеб гьечIо, балагьараб мехалъ цIализе гурони, цIаларалъул пайда босизе жеги ругьунлъун гьечIо нилъ».

Дагьаб цебегIан гIуцIараб, «Кавказ Сегодня» абураб блогеразул клубалъул вакил Сулейманов МухIамад рази гьечIоан гIемерисел республикаялъул газетаз хъвалеб жоялда. Мисалалъе гьесул дагIба букIана «Черновик» газеталде ва гьелъул хважаин ХIажимурад Камаловасдеги. Гьес газеталда хъвараб чанги макъала сабаблъун рохьазе анин гIемерав гIолохъанчиян мисал бачана гьениб Сулеймановас. Мун мекъи вугилан абун гьесда бичIчIизабизе лъугьарав МухIамад МухIамадовасдаги гьездаги гьоркьоб гIезегIан боркьараб бахIсги ккана.
XS
SM
MD
LG