МагъчIваялъе рес

Щай министрас Казакил программа эфиралде кьезе гьукъараб?


Алексей Казак
Алексей Казак

Дагъистаналда кколел официалиял гурони тадбиразул бакIалъул телевидениялъ бицунарин абула гьениб гIумру гьабулез. Ахираб заманаялда республикаялда рукIарал кIудиял хъулухъчагIи жанир тIамиялъулцин бицун гьечIо телевидениялъ. Цо-цо баяназда рекъон, гьеб темаялда тIасан хIадурараб программа эфиралде биччазе гьукъун буго тIасан ахIунги бачIун.

Дагъистаналъул РГВК каналалъул журналист Алексей Казакица лъазабулеб буго республикаялъул печаталъул ва информациялъул министрас жиндица гьабулеб передача къватIибе кьезе гьукъанилан. Гьеб программаялда Сайгид МуртазгIалиевасда сверун гьарулел ругел хасад тадбиразул ва, Табасараналда низам цIунулез,мекъи ккун чIварав, Рамис Мирзахановасул ишалъул цIех-рех гьабунгутIиялъул бицунеб букIун буго. Экспертаз абулеб буго республикаялъул телевидениялда цохIо гьеб Казакил передачаялда рорхулел рукIанила халкъалъе кIвар бугел проблемабийилан.

Дагъистаналъул РГВК каналалда гьатIан къоялъ къватIибе ине кколеб букIараб «Главная Тема» йилан абураб программаялъул иргадулаб передача бихьизабизе гьукъун буго Дагъистаналъул информациялъул ва печаталъул министерлъиялъ.

Гьеб передача гIуцIана ва бачуна миллиял суалазул рахъал пачалихъияб думаялъул эксперт Алексей Казакица. Бащадаб лъагIалица эфиралде унеб бугеб гьеб программаялда аслияб къагIидаялъ Дагъистаналда бугеб коррупциялъул, къуваталъул идарабазул гIорхъолъа арал ишазул, лъавукъал специалистазул, социлиял масъалабазул бицунаан.

Живго Казакил рагIабазда рекъон гьеб гьеб программа гIуцIун буго республикаялъул бищун кIвар бугел проблемаби ва суалал рорхизе рукIине гIадамазул ахIи тIалъиялда рагIизе букIинеги.

Ахирисеб передачаялде гьес ахIун рукIана, гъоркьисала хасал тадбирал тIоритIулаго, низамцIунулез мекъи ккун Табасараналда чIварав, гьеб мухъалъул депутат Рамис Мирзахановасул гIагарлъи ва чанго такъсир гьабиялъул щаклъи бугел Дагъистаналъул Пенсиязул фоналъул бетIер Сайгид МуртазгIалиевасулгун, Гъизляр мухъалъул нухмалъулев Андрей Виноградовасул рахъкколелги. Гьел киназего жидер бугеб къварилъиги, разигьечIолъиги, тIалабалги загьир гьаризе рес кьун буго Казакица. Мирзахановасул чагIаз тIалаб гьабулеб букIун буго гьев чIваялъе гIайибиясе тамихI гьабейилан. МуратзгIалиевасулаз бицун буго низам цIунулез гьесул ва Виноградовасул рокъоб чIухь балебин абун гIорхъолъа арал ишал гьариялъул, гьезул хIакъалъулъ гьереси баянал тIиритIизарулел ругин абун. Гьеб кIиябго рахъалъ тIалъиялдаса тIалаб гьабун буго жидер суалазухъ гIинтIамейилан. ЛъагIелгIан мех аниги Мирзаханов чIваялда хсверун гьабулеб цIех-рехалъул жеги кинаб букIаниги хIасил гьечIин абун разигьечIого руго гьесул гIагарал.

Живго Алексейица «Экренлъи» радиолъе бицухъе , батIаго, бегьилареб гIадаб, лъиданиги рогьрал ралел яги лъидениги гIайибал гIунтIизабурал баяна рукIун гьечIо гьеб программаялда. Цересел передачабазда дагьабги квешаб хIалалъ хасал идарабазде ва тIалъиялде гIайибал гьарулел кIалъаял рукIанин абулеб буго гьес.

Алексей Казак: «Диде кIалъан вачIана Дагъистаналъул информациялъул ва печаталъул министр Азнаур ХIажиев. Гьеб передача эфиралдаса бахъизе кколин абун буюрухъ кьуна гьес, гьеб къватIибе ине анцIго минут хутIараб мехалда. Цебе-цебеги дир передачаялъе квалквалал гьаризе лъугьун рукIиндал, хасго гьаб нухалда гьенир бицунел рукIарал темабиги цIакъго кIвар бугел рукIиндал, нагагь щиб кканигийилан абун дун гьеб къоялъ телевидениялдаго вукIана. Щайин гьеб нахъе бахъизе кколебин абун дун лъугьараб мехалда гьес лъазабуна, жиндеги тIасан ругьел бачIун бугин гьеб къватIибе биччагейилан. Дица Дагъистаналъул бетIерасул администрациялдеги цойги тIалъиялъул вакилзабаздеги ахIараб мехалда гьез лъазабуна жидеца кинабгIаги ругьелги битIун букIинчIила, буюрухъги кьечIила гьеб дур передача эфиралдаса бахъейилан абун. Жидеда гьелъул щибго лъалеб жо гьечIин чIана гьел. Гьанже дун гьеб суалалъул цIех-рех гьабулев, мухIканлъи чIезабулев вуго. Гьеб живго Азнаур ХIажиевас ургъун бахъараб жо батани дица гьеб гьедин тезе гьечIо, гьесда хъулухъ тезабизе буго. Сунда бан гьес гьеб хIаракат байбихьарабали жеги чIезабизе буго дица».

Гьединго Алексей Казакица баян гьабуна РГВК каналалъул нухмалъиялъ жиндир рахъ кколеб бугила, кумек гьабун гурони гьеб передача къватIибе иналъе щибго квалквал гьабуларила гьезилан. Гьеб программа эфиралдаса бахъун букIин лъараб мехалда интернеталда цIакъ кIудияб ахIи-хIур бахъинабуна гIадамаз. Гьебги бихьун гьеб печаталъул ва информациялъул министерлъиялъул вакилзабаз абун буго Казакида техникиял гIунгутIаби рукIиналъ къватIибе биччачIин гьебилан абейилан. Жив гIадамал махсароде кколев чи гурин абун жаваб кьун буго журналистасги.

Сайгид МуртазгIалиевасе гIоло къватIибе биччачIин абизе бегьуларила гьеб программа, Мирзахановасул суалги гIезегIан кIвар бугеб ва къуваталъул идарабазе санагIалъи бахъараб букIанин абуна Алексейица «Экренлъи» радиоялъе.

МуратазгIалиев лъие букIаниги данде кколарев чи вугин абун, гьесул бицинчIого тезе кколарила жиндица, яги гьесул чагIазе рагIи кьечIого тезе жиндир ихтияр гьечIила, гьесде жеги гIайибги гIунтIизабун гьечIила, гьев Россиялъул гражданин вугилан абулеб буго журналистас. Гьединго Казакица бицана батIа-батIаго гьел Мирзахановасул ва МуратзгIалиевасул суалал рорхараб программаби рахъани гьеб цонигияб къватIибе биччачIого хутIилин хIинкъун вукIанила жив, гьединлъидал цо передачаялда бицанила гьел кIиязулгойилан абуна гьес. Гьеб программа къватIибе биччазабичIого теларин жиндицайилан лъазабулеб буго гьес. Гьеб эфиралде инчIого тIокIаб цониги передача бахъизе ракIалда гьечIо Казакида.

Гьеб цебехун рехсараб программа эфиралдаса бахъиялъе гIилла щибилан цIехезе «Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна Дагъистаналъул информациялъул ва печаталъул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъулгун. Гьез лъазабуна жидеца гьеб суалалда хурхун кинаб букIаниги баян кьун бажаруларила, министрги хIалтIуда гьечIилан. Гьесул мобильный телефоналъул номер кьезе инкар гьабураб мехалда «Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна гьевгун Фейсбукалдасан. Гьеб передача эфиралде щайин биччачIебин хъвараб мехалда, гьеб хъвай-хъвагIаялъухъ халги гьабун, министрас жаваб бачIинчIо.

Дагъистаналъул жамгIияб палатаялъул гIахьалчи Шамиль Хадулаевас абулеб буго гьеб передача гьукъи кIудияб ахIмакълъи бугилан, гьелъ халкъалъул ццин бахъинаби гуреб жо кьезе гьечIилан.

Шамиль Хадулаев: «Сайгид МуртазгIалиевасул бицунаго бокьарав чияс кквела гьесул рахъ, бокьичIес кквечIого тела, амма гьесул хIакъалъулъ бицине ва гьесда сверун гьабулеб бугебщиналъул бицине гIадамазе гьукъизе бегьуларо. Щивав чиясул ихияр буго жиндирго пикру телевидениялдасанги цойги информалатаздасанги загьир гьабизе. МуртазгIалиевасул бицунеб бугин абун передачаби къан,Мирзахановасул хъванин абун газетазде гьужумал гьарун гуро информсиясат гьабулеб. Бокьаниги бокьичIониги гIадамазухъ гIинтIамизе ккола. Гьанжего гьанже рухI речIчIизабун букIана Дагъистаналъул телевидениялда гьеб Казакил программаялъ. Гурони гьениб гIадамазе кIвар бугеб жого бихьизабулароан, хIукуматалъул данделъабазги, халкъалъе пайда гьечIел, ричIчIуларел передачабазги цIураб гьезул эфир дагьаб чIаголъун букIана. Гьеб программа къайги гIадалаб, мекъаб иш буго. Гьелъ гIадамазул дагьабги ццинги бахъинабула, дандечIейги лъугьинабула».

Гьанибго абизе ккола моцIица цебе Алексей Казакица передачдаялда республикаялъул жанисел ишазул системаялъул гIорхъолъа арал ишазул бицун хадуб РГВК каналалда , хасал идарабаз халгьабиял байбихьана. Гьезго каналалъула нухмалъиялде тIадецуйгьабулеб букIана гьеб программа къайилан абун. Церехун рехсарал гьел халгьабиязул щиб хIасил ккарабали лъазабичIо республикаялъул жанисел ишазул министерлъиялъ.

XS
SM
MD
LG