МагъчIваялъе рес

Джохар Царнаев диваналъ чIвазе къотIизеги бегьула


Гьал къоязда Америкаялъул Масачусес штаталъул гьа баразул диваналъ Джохар Царнаев гIайибияв вугин 2013 соналъ Бостоналда кьвагьи бахъинабиялъейилан абураб хIукму къотIана.

Цолъарал штатазул къануналда рекъон гьеб такъсиралъухъ чи я чIвазе ккола я гIумруялъ туснахъ гьавизе ккола. Нижер мухбир МахIмудова ПатIиматица Дагъистаналдаса батIи-батIиял гIадамазда цIехана, Царнаевасе къотIараб хIукмуялда ва гIаммаб къагIидалъ гьеб ишалда хурхун, гьезул пикру.

8 апрелалда гьабаразул диваналъ Царнаев Джохарида, гьесде гIунтIизабулеб бугеб 30 гIайиб тIадчIезабуна. Цолъарал Штатазул къануналда рекъон гьел гIайибазда гьоркьоса 17 ялъухъ тамихI буго гьев такъсирчи чIвай. Гьеб хIукму ахирисеблъун кколаро, жеги диваналъул кIигониги данделъи букIине ккола гьеб ишалда хурхун. Гьенир цере рахъине нугIзалги хутIун руго. Гьединаб баян кьолеб буго Америкаялъул ва Россиялъул батIи-батIиял информхъулухъаз.

Гьезулго баяналда рекъон Царнаевасул адвокатаз диваналда гьаризе буго гьев гIумруялъ туснахъ гьавун тейилан, амма прокурорас гьев чIвазе къотIейин тIалаб гьабизехъин рагIула.

20I3 соналъул 15 апрелалада Бостоналда марафоналъул заманалда кIиго кьвагьи бахъана.Гьелъул хIасилалда лъабго чи хвана ва 250яв лъукъана. Гьеб такъсир гьабиялда щаклъи бугин Кавказалдаса вацал Царнаеваздайилан лъазабуна Америкаялъул хасал идарабаз. Чанго къоялдасан гьел кколаго полициялъулгун букIараб кьвагьа-гIанхъиялдаса хадуб гьезул кIудияв вас Тамерлан чIвала.

Цолъарал Штатазул социологаз Бостоналъул гIадамазда гьоркьоб гьабура цIех-рехалъ бихьизабун буго гьезие диваналъ Джохар Царнаев чIвазе хIукму къотIизе бокьун гьечIолъи. Гьеб ишалда ва диваналъ Царнаевасда хурхун къотIараб хIукмуялъул хIакъалъулъ пикру цIехана «Эркенлъи» радиоялъ Дагъистаналдаса гIадамазда.

4 соналъ Америкаялда цIаларай, гьанже Дагъистаналда тIадегIанал цIалул идарабазда ингилис мацI малъулей Юсупова Саидаца рикIкIунеб буго Царнаевасе цIакъго кьварараб тамихI гьабизехъин бугин. Гьелъул пикруялда рекъон Цолъарал Штатаз гьесул ихтиярал хвезарун руго, ва гьеб ишалда хурхун букIине кколедухъ ритIухъаб цIех-рех гьабун гьечIо.

Саида Юсупова: «Дун Америкаялда йигеб гIан мехалъ дидехун квешаб бербалагьи букIанин гьезулилан абизе кIоларо дида. Амма дида лъала гьезие Кавказалъулал ва хасго чачанал рокьулареблъи. Цойги Кавказалъул халкъал лъачIониги чачанал гьезда цIакъ лъикI лъалаан. Дида кколеб буго Царнаеваз гьеб такъсир гьабун батиларилан, кIудияв вацасулгицин букIун батизе бегьула такъсирияб иш-пишаялъулгун хурхен, амма гьитIинав сунданиги гъорлъ вукIинчIин кколеб буго дида. Гьеб ишалъул лъикIабун цIех-рех гьабичIо, дир пикруялда рекъон, дандеккунгутIабиги гьенир чанги руго. Америкаялда бищун кутакаб къуват буго гьелъул халкъ. Нилъер гьаниб гIадин гIарац бугев яги тIалъи гуро, халкъ буго бищун тIадегIанаб. Гьеб халкъалъ гьединал террактал гьарурал чагIи ралагьичIони ва гьезие тамихI гьабичIони тIалъиялда ракьтезабула. Жидер хIинкъигьечIолъи цIунун бажаруларел армияги къуваталъул идарабиги къваригIун гьечIин лъазабула. Гьединлъидал гьез хехабун гьеб такъсир тIаде реххизе чи валагьана. Кинабго рахъалъ данде кколел рукIана вацал чачанал Царнаевал. Гьезул къурбаналлъун кканин гьелилан рикIкIунеб буго дица. Гьединлъидал чара гьечIого гьеб ишалъул цIидасана хал гьабизе ккола, ва гьеб диваналъул хIукмуялда тIасанги гIарз хъвазе ккола».

Царнаевазул ишалда хадуб цIакъ мухIканго халккун вугев жамгIияв хIаракатчи Хадулаев Шамилица рикIкIунеб буго гьеб терракт гьабизе Америкаялъул хасал идарабазул хIалтIухъабаз жидецаго тIамун ругин вацал Царнаевалин.

Хадулаев Шамил: «Гьеб терракт гьабиялда хурхун щаклъи бижулеб буго, дида кколеб буго гьеб гьабизе чи хасал идарабаз хIадурун вукIанилан. Нилъеда абулеб бугеб хIалалъ гьеб иш букIун батиялда дун божуларо, дандеккунгутIаби гьенир гIемер руго. Масала, гьедин гIемерав чи вакIарараб бакIалда бахъараб гIезегIан кIудияб кьвагьиялъул хIасилалда лъабго чи гурони чIван гьечIо, 200 ялдаса цIикIкIун чи лъукъунги вуго. Гьедин дагьал чагIи хун гьевщинав чи лъукъун киданиги хутIуларо. Дунги ярагъги кьвагьулел жалги лъалевги гьелъие цIаларавги чи вуго. Гьеб буго хасал идарабазул хIалтIи. ГIадатиял Царнаевал гIадал гIолилаз гьаруларо гьединал кьвагьулел алатал. Гьединал щаклъи бижизабулел жал гIемер руго гьеб ишалъулъ, гIемерал суалал рижизарулел руго гьелъ. Америкаялъеги гьеб лъидениги реххизе къваригIун букIун батиларищха, гьез Царнаевалги хIалтIизарун руго. Гьеб ишалъулъ кинаб букIаниги гIахьаллъи Царнаевасул букIун батизеги бегьула, амма тIубан гьеб терракт гьес гьабунин чIезаби мекъи буго. Гьединаб кьварараб низамги гьесизе гьабизе кколаро».

Дагъистаналдаса журналист Наталья Шкандыбал пикруялда рекъон цIех-рехалъ Царнаев гIайибияв вукIин чIезабун бугони диваналъ гьесие къотIизехъин бугеб тамихI битIараб бугилан.

Наталья Шкандыба: «ЦIех-рех гьабулелъул ва диваналъ хIукму къотIулелъул Царнаевасул ихтиярал хвезаруралищила дида лъаларо, амма киналго террористал гIумруялъ туснахъ гьаризе кколин абураб пикру буго дир. 15 яги 20 соналдасан къватIий рачIинеги рес кьезе бегьуларо гьезие. ЦохIо гьаниб кIвар буссинабизе ккола Царнаевасда гIайиб кин тIадчIезабун бугебали, ругищ гьесул гIайиб бихьизабулел чIванкъотIарал далилал. Гьаб сагIат гьеб киналъего къимат кьун дихъа бажаруларо, амма диваналъ гьев гIайибияв вугин рикIкIани гьев гIумруялъго туснахъ гьавизе ккола. Дида лъала Масачусес штаталъул къануналда рекъон такъсиргьабиялъулъ чи чIвазе къотIизе бегьуларо. Гьединлъидал Америкаялъ гьеб иш цойги штаталдеги битIун гьениб Царнаев чIвазе къотIизе хIукму къотIиларин абураб хьул буго дир».

Джохар Царнаевасул ишалъул халгьаби жеги кIиго моцIица халат бахъине буго. Киналго халгьабиял лъугIун хадуб гьабаразул диваналъги Мосачусес Шталалъул диваналъиги къотIизе буго гьесие ахирисеб хIукму.

XS
SM
MD
LG