МагъчIваялъе рес

Мискиназул къадар цIикIкIунеб буго Шималияб Кавказалда


"Инсан" абураб фондалъул кванил нигIматал рикьиялъул акция
"Инсан" абураб фондалъул кванил нигIматал рикьиялъул акция

Шималияб Кавказалъул республикабазда 80 процент хъизамаз тIаде щолеб харжалъул бащалъиялдасаги квание харж гьабулеб бугин лъазабуна гьал къояз Россиялъул омбудсмен Элла Памфиловалъ. Омбудсменалъ лъазабуна цадахъго социалиял гъатазда гьоркьоб бугеб батIалъигт кIодолъулеб бугин. Амма экономист Халил Халиловас баян гьабухъе, официалияб статистикаги хIакъикъатги батIи-батIияб кколеб буго.

ГIицIго араб соналда жаниб мискинлъиялъул даража 3 миллионалъ цIикIкIун бугила улкаялда. Мискинал ва бечедазда гьоркьоб бугеб батIалъиги кутакалда цIикIкIун бугин лъазабуна инсанасул ихтияразул рахъалъ Россиялъул президентасул ишал кодоселъ. Масала, 1990-абилел соназал гьеб батIалъи щуго нухалде щун кIудияб букIун батани, жакъа къояле гьеб 16 нухалъ цIикIкIун бугила. Гьелда бан хIажат бугила мискинъиялда ругел гIадамазе кванил нигIматаздалъун, лъедалъун ва дарабаздалъун пачалихъалъ кумак гьабулеб программа бахъизе.

Квешаб экономикияб хIал бугеб регионаллъун кколила Шималияб Кавказалъул республикаби: Ингушетия, Чачан республика ва Дагъистан.

Омбусменалъул докладалда рехсарал тарихаз кигIаналъ битIунинибихьизабулеб Шималияб Кавказалъул республикаялда бугеб экономикиял ресазул ахIвал-хIалин цIехана «Эркенлъи» радиоялъ экономист Халил Халиловасда.

Кинаб букIаниги экономикаялда хурхараб статистика гIуцIулаго кIочене бегьуларила, Шималияб Кавказалда, хас гьабун Дагъистаналдаги, бугеб кIудияб даража рагIдукь бугеб экономикаялъул ва гьединго официалияб гуреб куцалда хIалтIудалъун хьехаруразул. Гьеб хIисабалде босун балагьанани, Россиялъул цогидал регионазда бугелдаса батIияб хIал батизе гьечIила гьанибги. Мискинлъиялъул бицунеб бугони, тIолго Россиялда гьеб цIикIкIунеб бугила бащад, хIатта централиял регионазда цIакъго кIудияб хIалалда.

Халил Халилов: «ТIоцебесеб иргаялда, араб соналъул хIасилазда рекъон, 80 проценталдаса циIкIараб тIаде щолеб харжал гIадамаз харж гьабун буго тIоцебесеб хIажалъиялъул къайи ва нигIматал росизе Дагъистаналда. Амма Дагъистаналда кIудияб буго структура харжазул. Щиб гьелъие гIилла? Нилъеда лъалаха, ахираб чанго соналда жаниб, щолеб харжалъул рахъалъ нилъер республика буго ахирисеб бакIалда. Амма гьебго заманалда, реалияб тIаде щолеб мухь ккола кIудияб.

Омбудсменалъ кьолел баянал ккола гьеле гьел официалияб, Дагъистан бищун ахирисеб бакIала бугеб, тIаде щолеб официаияб харжалъул статистика хIисабалде босун, гьелда тIад гIуцIараб. Гьелда рекъон, хIакъикъаталдаги 83 проценталдасаги цIикIкIун щолеб харж унеб буго нигIматал ва цогидаб хIажатаб босизе».

Жакъа Дагъистаналда гIицIго цо МахIачхъала шагьалдала 3 000 чиясде щун ругила батIи-батIиял рахIмуялъул гIуцIабазул сияхIазда, гьез кванил нигIматаздалъун щибаб моцIалъ кумак гьабулеб мискин чагIи. Амма хIукуматалъул даражаялда гьединаб кумак гьабулаго вала-рахас гIемер ккезе бугин рикIкIунеб буго экономист Константин Казенниница. Щаклъи кколила унгоги хIажат бугел гIадамал ккун хутIи гьеб кумакалъул сияхIазде.

Константин Казенин: «Шималияб Кавказалда буго хаслъи мискиназе кумак гьабиялъул. Цо рахъалъ, кидаго гуро мухIканаб букIунеб официалияб статистика. Щай гурелъул Кавказалда цIакъ тIибитIараб буго официалияб гуреб тIаде щолеб харж бугел чагIи рукIин. Цинги, къанагIалъи кколаро хIакъикъаталдаги кумак хIажатал тун, хIажат гьечIезе кумак щолеб.

Цогидаб рахъ гьеб суалалъул хурхараб буго этикияб рахъалда. ХIукуматалъул гьединаб кумак гьабулеб идара гIуцIун, гьелъул хIасил цIакъ хIенцго цебе ине буго. Гьединлъидал хIукуматалъ пайда босизе ккола рахIмуялъул гIуцIабазул хIалбихьиялдаса».

Казенинил пикруялда, гIадатлъун буго гIицIго къватIибе биччалеб къайиялъул къадаралде кIвар кьун, гьебго заманалда гьел нигIматазул ва къайиялъул гIадамазе экономикияб босизе рес бугищали халцин гьабичIогон тей.

Гьедин, лъабго гъоркьинаб социалияб гъатазул 80 процент гуреб, дагьабги цIикIкIун унеб батизе рес бугила квание харж гьабун. Гьединал кколила, масала, социалияб мухьалда божун ругел хъизаби. Гьединал хъизамазул къадар жакъа Дагъистаналда босанани, 20 азаргоялдасаги цIикIкIун бугила.

XS
SM
MD
LG