МагъчIваялъе рес

Кумекин ахIдолеб буго мискинлъи


Паркалда аргъан хъвалев пенсионер, Махlачхъала, 15Сен2012
Паркалда аргъан хъвалев пенсионер, Махlачхъала, 15Сен2012

Дагьалъ цебе Россиялъул Президент Владимир Путиница жиндирго кIалъаялъулъ бицана Россиялда мискинзабазул къадар бугин 13 %. Халкъалъул къадаралде буссинабуни гьеб кколеб буго 18 миллион. Гьеб кIалъаялдаса хадуб журналистаз ва блоггераз бицунеб букIана Президентас гьеб тарих ургъунго мекъи бицунеб бугин, мискинзабазул къадар 13% гуреб, 13,5 бугилан. Глобализациялъул институталъул директор Михаил Делягиница бицунеб буго гьеб 13 % бугин мискинзабазул къадар гуреб, бищунго гIодобегIанаб, жакъа-метер кваназе жо гьечIеб хIалалде ккаразул къадар.

Унго-унгоял мискинзабазул къадар Россиялда 80% бугилан рикIкIунеб буго гIалимчияс. Мисалалъе гьес рачунел руго цIар рагIараб Калашниковасул автомат гьабулеб заводалъул хIалтIухъаби. Гьениб бащдаб соналъ хIалтIухъабазе харж кьолеб гьечIо. «Нилъер пачалихъ къватIибехун лъала гьеб автоматалъул ватIан хIисабалда. Гьеб кIвар бугеб бакIалда хIалтIулел гIадамазе харж кьунгутIиялдаса бихьула кигIан мискинаб пачалихъ нилъ бугебали»-ян бицунеб буго гIалимчияс.
«РБК» сайталъул баяназда рекъон, гIадамал мискинлъиялъе букIине бегьула чанго гIилла. Гьезул аслиял: экономическиял (хIалтIи гьечIого хутIи, дагьаб харж) ва социалиял (ивалидлъи, херлъи, унтун хIалтIизе кIунгутIи).

Дагъистаналда гIадамал мискинлъиялъе аслияб гIиллалъун хIалтIи гьечIолъи бугилан рикIкIунеб буго Дагъистаналъул гIелмияб централда хIалтIулев социолог ГIабдулагьатов Заидица. Гьесул пикруялда рекъон мискинлъи дагьлъизабизе ккани пачалихъалъ тIоцебесеб иргаялда гIадамазе хIалтIи чIезабизе ккола.

ГIабдулагьатов Заид: «Улкаялда либерализация байбихьаралдаса нахъе хIалтIи дагьлъана гIадамазе, завод-фабрикал щущана ва цоги гIадамал хIалтIулел бакIал гIуцIун гьечIо, гьеб киназдаго лъалеб хIакъикъат буго. Росабазда рукIарал совхозазулги, колхозазулги бакIалде рачIарал кооперативазда унго-унго гIадамал хIалтIулел гьечIо, хIатта пачалихъалъ гьенир ругел гIадамал хIалтIи бугезда гъорлъе хъваниги. Халкъалда гьоркьосел къануназда рекъон гьел чагIи рикIкIуна хIалтIи гьечIеллъун.

ГIолохъанал гIадамазе хIалтIизе бакI гьечIо лъай кьеялъул, сахлъи цIуниялъул идарабзда, киназдаго гьениб хIалтIизе бакI батулеб гьечIо. Гьеб кинабго бараб буго пачалихъалъул экономикияб политикаялда. Пачалихъ гьеб проблемаялдаса рикIкIад чIун буго. Официалиял баяназда хIалтIи гьечIолъи гIодобе кколеб бугилан лъазабулеб буго. ХIалтIи гьечIезул къадар I миллион бугилан бицунеб букIана. Мискинлъиялъул бицани, гьеб борцизе цIакъ захIмат букIуна.

Официалиял баяназда гьелъул къадар кидаго дагь гьабун букIуна. Шималияб Кавказалда, цоги регионазда данде ккун буго бищунго гIодобегIанаб харж. Араб соналъ Дагъистаналда гьоркьохъеб харж букIана 12 азарго гъуруш. Мисалалъе, Ямало-Ненецкий округалда 50 азарго гъуруш. ГIадамаз жидецаго бетIербахъи гьабулеб буго, пачалихъалъ кумек гьабизегIан балагьун чIечIого. Республикаялда халкъалъул къадар цIикIкIунеб буго щибаб соналъ 30 азарго чияс. ГьедигIанасел хIалтIизе бакIал гIуцIулел гьечIелъул. Гьединлъидал, нилъер Шималияб Кавказалда пачалихъалъ гьеб проблемаялде гьабулеб хIалтIи дида жеги бихьулеб гьечIо».

ГIаммаб къагIидаялъ босун гIумру Дагъистаналда лъикI гьечIониги, тIубанго мискинлъарал, кваназе жо гьечIел гIадамал республикаялда цIакъ дагьал гурони гьечIилан рикIкIунеб буго МахIачхъалаялъул гIадамал социалияб рахъалъ цIуниялъул централъул хIалтIухъан Мамедова Анжелаца.

Гьелъул пикруялда рекъон, дагъистаниязул менталитеталъ къабул гьабулеб гьечIо жидерго гIагарав чи гьеб хIалалде ккезе виччазе, гьединазул кIвар гьабичIого толаро. «Нижер идараялда руго гьединал гIадамал кваназаризе гьарурал шартIал, гьезие хъулухъ гьабизе тIамурал гIадамалги руго харжги чIезебун, амма гIемерисеб мехалъ гьеб бакI чIобого букIуна. Дун Воронежалде вацасухъе гьоболлъухъ арабго гьединабго идараялда цере рахъун чIаразул халатаб читIир букIана, гьел рагъулел рукIана жал цере риччаян»-абун бицана Мамедова Анжелаца.

«Кавказская политика» сайталда журналист Шахвелед Чабаноглуца хъвалеб буго Россиялда гуреб Азербайжаналдаги мискиназул къадар цIакъ гIемер бугин, амма гьанибго гIадин добаги мискинзабазул унго-унгояб къадар пачалихъалъ бахчун толин. Гьениб Илгьам ГIалиевас лъазабулеб буго 6,7 процент гурони мискинзаби гьечIилан. «Мисалалъе, Цолъарал штатазда, Британиялда ва Алманиялда гьединазул къадар буго 15%, Бельгиялда – 14, Голландиялда – 10»-абун президентас рехсарал тарихазда щаклъулев вуго журналист.

Дагъистаналда мискинзабазул къадар гIезегIан буго, гьединазул къадар тIолго республикаялъул халкъалъул ращдаздасаги цикIкIун ругилан бицана ЭР-ялъул мухбирасе Экономикаялъул ва политикаялъул институталъул ректор, политолог Дибиров ГIабдунасирица. Амма къанагIат гурони дагъистанияс абиларо жив мискинчи вугилан. Совет пачалихъалъул заманалда мискинлъиялдаса рецц букIун батани, гьебсагIаталда гьеб рогьоялде сверун буго. ЦIех-рехал гьаруниги гьеб мухIканго чIезабизе захIмалъизе бугилан бицана политологас.
XS
SM
MD
LG