МагъчIваялъе рес

Щай шартIал гIемераб Дагъистаналда гIадатияб гурони энергия къабул гьабулареб?


2015 соналда Дагъистаналда бакъудалъун энергия хIадурулеб щуго станция базе хIисабалде босун букIана. Амма цохIо Каспийскалда гурони бачIо гьеб. Гьезул цояб букIине кколаан ралъдал гьумералдаса азаридаса цIикIкIун метралъ борхат бугеб Хунзахъ мухъалъул Макьасда курорт балеб бакIалдаги.

Щаяли гьеб проект рагIалде бахъинчIо. Гьелда тIасан кьолеб баянги мукъсанаб буго.

ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда экономистаз абулеб буго Каспийскалда бараб гьеб бакъул электростанция кигIанасеб куъваталъул станция кколеб, кигIан гIарац гьелда тIад харж гьабураб ва кида гьелъ хайир кьезе бугебали лъицаниги баян гьабичIин. Гьединлъидал жидеда кколеб бугин гьелдалъун пачалихъалъул гIарцуе хIилла гьабунилан.

Масала, Дагъистан Республикаялде инвестициял рачIинариялда хурхарал проектазда гъорлъе бачун буго гьородалъун энергия гьабулеб проект. Гьеб ургъун буго Дагъистаналъул ГIелмияб Централъул хIалтIухъан ГIабдурашид МухIамадовас. 45 мегаватталъул къуваталда Жунгутаялда бараб гьорол парк ккола гьеб. Гьелъие къайи гьабун буго Каспийскалъул «Дагдизель» заводалда. Амма республикаялъул хIукуматалдасан кумек щолеб гьечIо хадубккун гьеб хIалтIизабизе. Немцазулгун къотIиги гьабун букIанин бицана ЭР-ялъе ГIабдурашид МухIамадовас.

ГIабдурашид МухIамадов: «Немцал рази рукIана 80 процент жидеца кьезе. 20 процент – Дагъистаналъ кьейин абулеб букIана гьез банкалдасан гIарац щвезе гарантия хIисабалда. Бищун лъикIал махщелчагIиги рачIун рукIана гьеб паркалъе къимат кьезе. Щуго сон хвезабуна нижеца гьелда тIад. Документалги руго, къотIи-къайги буго. Амма ниж свакана балагьун чIун».

ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда жиндир цIар загьир гьабизе бокьичIев цо энергетикас абуна гIемерго бигьаяб бугин лъел электростанция базе, гьорол яги бакъул электростанция баялдаса.

Дагъистаналда билълъун араб пикру бугин энергия гIицIго лъедалъун гурони гьабизе бегьуларин, амма суалги гьедин лъезе бегьуларин – гIицIго лъел электростанцияйищ лъикIаб букIунеб, яги гьоролгун бакъулищали ян абуна ЭР-ялъе гIалимчи, эколог АхIмад Мунгиевас. Масала, шагьаралда жаниб гьорол электростанция лъун бажаруларила, гьелъул квешаб гьаракь букIунила. Амма бакъул энергия гьабизе алатал бокьараб бакIалда лъезе бегьулила бакъ бугони, гьединго лъел электростанция балаго унелщинал харжалги хIажалъуларила гьелъие. Гьедин 25 сон рагIула АхIмад мунгиевас жиндирго минаялъул тIохда бакъудалъун электроэнергия гьабулел алатал лъуралдаса.

Гьорол яги бакъул электростанциязда дандеккун, лъел электростанциязул ругел гIунгутIабазул цояб кколин бищун лъикIал ракьал гъанкъизариян абуна ГIабдурашид МухIамадовас. КIиабилеб гIунгутIи – цIакъго гIемер гIарацги харж гьабун, гьелъ хайир кьезегIан гIемер мехалъ балагьун чIезе кколеб букIин. Лъабабилеб гIунгутIи – ГЭСазда тIад бетIергьанлъи РусГидро абулеб компаниялъ гьабулеб букIин. ГЭСазда хIадурараб электроэнергия Пятигорскалдеги ун, багьаги азариде бахинабун бачIунеб букIин дагъистаниязухъе.

Масала, ЧIикIаб ГЭСалъ хIадурараб энергиялъул цо киловатталъул багьа 35 кепек кколин рикIкIунеб буго Рашид МухIамадовас. Гьесул рагIабазда рекъон, Тюменалдаги, Нефтеюганскалдаги, газгун нарт бахъулел цогидал шагьаралгун регионазда газидасагун нартидаса щолеб хайиралъул щуго процент гьеб бакIалда гIумру гьабулел гIадамазе тола. Дагъистаналдайин абуни, щибниги щоларин ГЭСаздасаян тIаде жубана ГIабдурашид МухIамадовас. БатIалъи щибдила, гьел хIалтIизаризе пайда босулеб лъим Дагъистаналъул бечелъи гурищдила.

ГIабдурашид МухIамадов: «Нилъецайин абуни лъедалъун республикаялда хIадурулеб энергиялъул 10-15 проценталдаса гурони пайда босулеб гьечIо. Гьеб энергия щолел цогидал бакIал малъичIого. ХIисаб гьабеха гьанже - 10-15 процент. Республикаялдайин абуни хIадурула, дир хIисабалда, электроэнергиялъул 1, 8 (цо тIубарабгун анцIилъа микьго) гигават. Гьелдаса цIикIкIунги кIолаан хIадуризе. Гьединлъидал цохIо электроэнергиялдалъун санайилго бюджеталде 10-15 млрд гъурущ бачIинабизе рес бугоан нилъер».

Амма гьелда бан батIияб пикру буго «Межрегиональная сетевая компаниялъул» бетIерав инженер МухIамад ХIанапиевасул.

МухIамад ХIанапиев: «Дагъистаналда лъагIалида жаниб хIадурула электроэнергиялъул 3, гуро 4 млрд квт. ХIакъикъаталдайин абуни нилъее хIажалъула 5 млрд. Амма гьеб млрд квт хIадуризе кIоларо нилъер ГЭСазда».

ПалхIасил, кин батаниги, республикаялда гьабсагIаталда лъел гурони, батIияб электростанция къваригIун гьечIолъи бихьулеб бугилан жиндирго проектги «Каспийский институт высоких технологий» абураб гIуцIиги къалеб буго дов цевехун рехсарав ГIабдурашид МухIамадовас. Балагьараб мехалда Дагъистан тун къватIиб бугила гьезулъ цIикIкIун хIажалъи.

XS
SM
MD
LG