МагъчIваялъе рес

Хасел: ГЭСаздаса чIухIиялъе бакI хутIулеб гьечIо


​Лъел электростанцияздалъун бечедаб Дагъистаналда гIадамазе квекIенал кколел руго хасалил заманалда электроэнергияги къотIинабун, яги дагьлъизабун. ХIакимзабаз гьелъие гIиллалъун бачунеб буго цIорораб мехалда киназго электроалаталги хIалтIизарун, токалъул кваразде тIадецуй цIикIкIунеб букIин. Амма гIадамаз абулеб буго хIакимзабаз электроэнергия тIокI гьабулеб бугин.

Чанго электростанция бугеб Дагъистаналда щибаб хасел тIаде гIунтIанщинахъе баккулеб цого масъала буго, бакIалъул гIадамаз ЭР-ялъе бицухъе. Гьеб ккола электростанцияздасан кьолеб канлъи цIакъго дагьлъизаби. Гьал къоязда гьаваги цIорон, цIакъго тату хун буго хасго мугIрузул мухъазда гIумру гьабулел гIадамал. Щайин абуни газги гьечIого, гIемерисез рукъзал хинлъизарула тIорччодалъун яги электроэнергиялдалъун.

Амма гьеб электроэнергия бугин зама-заманалдасан тIубарал къояз свинабулеб, гьединго кьолеб мехалдаги кьолеб бугин хIалицаго канлъи бихьуледухъин бицана ЭР-ялъе Рихьуни лъел электростанциялда аскIор гIумру гьабулел Унсоколо мухъалъул Балахьуни росулъа гIадамаз.

ХIедучирахъалъул канлъи гIемерго цIикIкIараб букIунила. Балахьуниса ГIиса МухIамадовасе битI ккун буго гьесул мина трасформаторалда гIагарлъухъ букIиналъ, гьелъ гьесул рокъоб канлъи 40-60 вольталде бахунеб буго. Трансформаторалдаса рикIкIад минаби ругел гIадамазул доба гьелдасаги загIипаб рагIула канлъи. ХIакъикъаталдайин абуни букIине кколеб буго 220 вольт.

ГIарзалъ индал, электроэнергиялъул жаваб кьезе тарал хIакимзабаз абулеб буго хасало заманалда киназго электроэнергиялдалъун хIалтIулел алаталги риччан, дагьлъулеб бугин канлъи. Амма исаналде дандеккун цере-цересел соназда дагьабго мадар букIанин канлъулин абуна ГIиса МухIамадовас, исана щай гьеб цIакъго загIиплъарабали бичIчIуларила. Жидер росулъ гIумру гьабулел гIадамазул къадарги хисичIила.

ГIиса МухIамадов: «Рукъзал хинлъизабулеб цониги алат хIалтIуларо гьаниб. ХIедучирахъул канлъиго цIикIкIун буго электрочирахъалде дандеккун. Къаси цIалдолеб мехалда лъималаз абулеб буго жидеда канлъи бихьулеб гьечIилан. Щибха гъозда бихьилеб? ГIарзалъ нижерго мухъалъул нухмалъулесухъе ун рукIана. Гьесги цо анкьидасан гьабилилан рагIи кьун букIана. Цо подстанция буго нижер гьаниб аскIоб,

Майданскоеялда, балеб. Гьеб хIалтIизе биччалин абулеб букIана жакъа-метер. ЛъугIичIо гъозухъа гъоб.

ЦIияб соналде гьабилин букIана хабар. Гьанже тIубанго кIочон тана гьеб. Гьеб сверун къазе чали гьабизе Балахьуни росдал гIолохъабиги рахъун рукIана. Балахьуни цониги трансформатор гьечIо энергетиказул балансалда бугеб. Руго гIадамаз жидецаго гIарацги бакIарун лъурал. Масала, босе дир рукъалда аскIоб бугеб трансформатор. Гъоркьисала бищун квачараб мехалда кьвагьана доб.

Унсоколо подстанциялъухъ балагьун чIун рукIаралани, риидалъагIанги ток гьечIого хутIулаан ниж. Нижеда лъала цо трансформатор босизе росдаца гIага-шагарго кигIан гIарац бакIаризе кколебали – щибаб рокъоса 2 аза-азар гъурущ. 70-гIан чи кколев вукIанаха. ПалхIасил, босана нижецаго гьеб трансформаторги, росулъеги рехана нижерго гIарцухъ, нижецаго гьебги лъуна лъолеб бакIалда. Гьелдаса хадув вачIана подстанциялдаса лъабго хIалтIухъан гьеб трансформатор биччазе».

100 киловатталъе рихьизарурал токалъул кваразул рохъо лъугьинабулеб бугин белехьдерицаги, гьезда сверухъ ругел росабазулги гIадамазги 200-300 киловаттги бухIунилан жаваб кьуна цебехун бицаралъе МухIамад ХIанапиевас. Гьев ккола «Межрегиональная сетевая компания» абураб гIуцIиялъул бетIерав инженер.

МухIамад ХIанапиев: «Доз (балахьунисезги Унсоколо мухъалъул цогидал гIадамазги – ЭР) абулеб буго жидер мухъалда бан бугелъул ГЭС, ток чIобого тезе кколин жидее. ГЭСалъул чагIи батIиял руго, ниж батIиял чагIи руго. Гьеб электроэнергия ккола нижеца бичун босулеб къайи гIадаб жо. Гьелъухъ гIарац щвезе ккеларищ нижееги? Чанго моцIалъ харжал щун гьечIо нижер хIалтIухъабазе.

БукIинищха Балахьуни Майданскоеялдаги ток дагьаб гурони, гIачиял хинлъизе бокьазухъцин ток бакун толеб мехалда, боцIуе кьезе лъим хинлъизабизеги токалги ракун толеб мехалда».

Токалда сверухъ Балахьуни гIадаб ахIвал-хIал Дагъистаналъул цогидал мухъаздаги буго, хасго мугIрузда. Гьединлъидал ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда цо-цо чагIаз щаклъи загьир гьабуна ахирги Крымалдегун Сочиялде токги бичун, дагъистаниял махIрум гьарулел ратичIонийин энергетиказ.

Амма МухIамад ХIанапиевас гьеб гьереси гьабулеб буго.

МухIамад ХIанапиев: «ГьечIо, гьединаб жо букIунаро. Жакъа нилъеца бухIараб ток нилъер электорстанцияз хIадурараб жо гуро кколеб. Россиялда ругел киналго ГЭСаз, ТЭЦаз электроэнергия кьола электроэнергетикаялъул базаралде. Цинги киб учузго гьеб бугебалиги бихьун босула нилъецаги. Дагъистаналъул ток босунцин бажаруларо. Гьеб кутакалда хираго букIуна. Нилъеца гьеб босула Татарстаналъухъа, цогидазухъа.

Сочиялде, Крымалде битIулеб бугин Дагъистаналъ токилан абурал жоги битIараб гьечIо. Крымалде ток кьола Ростовалъул атомалъул станциялъ. Дагъистаналда ГЭСал гIемрал ругин абула – гьелин абуни ричччала гIицIго гIадамаз радал-бакъанида хIалтIизабулеб ток хIадуризе. Кидаго хIалтIизе риччани, нилъер Рихьундерил хIорихъ цIунараб лъим 7-8 къоялъе гурони гIоларо. Дагъистаналда лъагIалида жаниб хIадурула электроэнергиялъул 4 млрд киловатт. ХIакъикъаталдайин абуни нилъее къваригIуна 5 млрд. Гьеб тIаде хIажатаб I млрд квт нилъер ГЭСазухъа бажаруларо хIадуризе.

Хасало цо-кIиго агрегат гурони биччазе бегьуларо, гьебги цо-кIиго сагIаталъ. ТIубарал сардал-къояз хIалтIулел ГЭСал нилъер анир гьечIо, Россиялда гIадин (дора ТЭЦал хIалтIула тIорччодалъун)».

Бицен гьабулеб ахIвал-хIалалдаса рорчIиялъе нух гьадин бихьулеб буго МухIамад ХIанапиевасда.

МухIамад ХIанапиев: «Счетчикалги лъун, гьелда рекъон гIарац кьолеб убгони, кинабго жо лъикI букIуна, токги цIикIкIун щвезе буго гIадамазе. ГIарацги кьечIого, ток бокьухъе бухIулеб бугони, долда хадуб халккун бажаруларо».

Гьелъие гьадинаб жаваб буго Балахьуниса ГIиса МухIамадовасул.

ГIиса МухIамадов: «Багьаялъул иш бигьаяб жо бугоан, бухIизе токгIаги бугебани. Ток гьечIо. Ункъо-щуго батIияб нухалъ рахъун, лъун гьаруна нижер росулъ гьел счетчикал. Энергетиказул щивав цIияв нухмалъулев хисанщинахъе хисула гьел».

ЭР: «Щай гъол хисулел?»

ГIиса МухIамадов: «ГIарац гьабизе цо хасаб къагIида гьечIищха гьеб (велъулаго – ЭР).

XS
SM
MD
LG